23 сентябралда Черкесск шагьаралда рагlалде бахъана Россиялъул Просвещениялъул министерствоялъ тlобитlулеб “Рахьдал мацlалъул ва адабияталъул бищун лъикlав мугlалим” абураб тlолгороссиялъул профессионалияб конкурс. Гьелъул мурадги ккола рахьдал мацlалъулгун литератураялъул учительзабазда кверчlвай ва гьел дарсал кьеялда хурхун бугеб хlалбихьи тlибитlизаби. Гlаммаб къагlидаялъ исанасеб конкурсалъул финалалда гlахьаллъи гьабуна улкаялъул 75 регионалдаса Россиялъул халкъазул 30 батlияб рахьдал мацlазул вакилзабаз. Дагъистаналдасан гьелда гlахьаллъи гьабуна нилъер ракьцояв, авар мацlалъул гlолохъанав учитель Мухlамад Манаповас ва конкурсалъул хlасилалда гьев ккана улкаялдаго бищун лъикlал учительзабазул анкьгоязде гъорлъе. Конкурсалъул хlакъалъулъги, жакъа мугlалимасул махщалида сверун бугеб ахlвал-хlалалъулги нижее бицана гlолохъанав мугlалимас.
- Мухlамад Булачевич, районцоязда мун лъала мугlалим гlадин гуревги, магlарул мацlги, цlарги, адабиятгун маданиятги бокьулев ва гьеб цогидазда гьоркьобги машгьур гьабизе хlаракат бахъулев чи хlисабалдаги. Цlакъ захlматаб жо буго жакъасел гlолилазул кьеразда гьоркьор гьединал чагlи рати. Гьеб нух тlаса бищизе дуда тlоцебе кин ракlалде ккараб?
- Дица мугlалимасул махщел тlаса бищиялъе аслияб гlиллалъун кканин абизе бегьула дир гlагараб Хунзахъ гьоркьохъеб № 2 школалда рукlарал учительзаби. Гьезул лъималаздехун ва жидерго пишаялдехун бугеб рокьиги гъираги бихьидал, дирги хиял ккана гьеб махщалиде. Хас гьабун магlарул мацlалъул мугlалимлъи тlаса бищиялде гъира базабуна щуабилеб классалдасан байбихьун нижее рахьдал мацlалъулгун адабияталъул дарсал кьолей йикlарай учительница Гlалимухlамадова Сидрат Гъазиевналъ. Гьей йиго гьунар тlокlай, махщел камилай мугlалим. Гьелъул тlоцересел дарсаздаса хадубго дир пикру ккана учительлъун вахъине. Сидрат Гъазиевнаялда лъалаан цlакъ лъималазе интерес кколедухъ дарс бачине. 5 аб. классалдасан байбихьун, гьелъ нижее лъолаан театралиял сценкаби. Жинцаго цониги асар бицинеги байбихьун, бищунго интересаб бакlалде щведал чlезе толаан, хутlараб нужецаго рокъоб цlалеянги абун. Мисалалъе, дида ракlалда буго, 9 аб. классалда нижеца цlалулеб букlана Гlабасил Махlамадил “Саба-меседо” абураб асар. Гьедин, дарсида гьеб асаралъул анализ гьабизе байбихьидал, мугlалималъ чlезеги тун, ниж рокъоре рекерун рукlана гьелъул ахир цlализе гlоло. Учительзабазул рахъалъ талихl кьуна дие. Цlар-цlар ккун рехсечlониги, дие дарс кьуралщинал мугlалимзаби рукlана жидерго ишалъул унго-унгоял профессионалал.
- Жакъасел гlолилазе бокьулеб гьечlо мугlалимасул махщел тlаса бищизе. Мисалалъе, тlолабго районалдаса араб цlалул соналъул выпускниказда гьоркьоса гlицlго 4 чи лъугьун вуго педуниверситеталде яги колледжалде цlализе. Дур хlисабалда, щайдай гlолилазе гьеб хlалтlи бокьулеб гьечlеб ва щиб гьабизе кколеб цебегlадин учителасул махщалил къадру-къимат борхизабизе ккани?
- Учителасул махщалил къадру борхизабизе ккани, тlоцебе гьелъул къимат гьабизе ккола жибго пачалихъалъ. Жакъа къоялъин абуни, улкаялъе учителасул профессиялъул бугеб цlикlкlараб кlвар бичlчlаниги, пачалихъалъ гьелъул букlине кколеб къимат гьабулеб гьечlо. Пачалихъалъ къимат гьабулеб гьечlони, гlадатияб халкъалъги гьабилищха. Мисалалъе, жакъа нилъеца гlумру гьабун буго информациялъулгун медийниял технологиязул гlасруялда. Интернеталда, телевидениялда яги печаталда къанагlат гурони рукlунаро гlадатияв учителасулгун гьабураб интервью яги гьесул хlакъалъулъ материалал. Учителасухъа ккараб гъалатl гъварид гьабула, гьеб киназдаго бихьула, гьесул гlунгутlаби микроскопалда гъоркьги лъун хъирщула. Мугlалимзабазде гlайиб-гъвел гьабун гурони, гьезул лъикlал рахъал лъидаго рихьуларо. Цоги лъиего балъголъи гуро, жакъа финансовияб рахъалъул бугеб кlварги ва киназго цlикlкlун мухь щолеб бутlаялда хlалтlи балагьизе хlаракат бахъулеблъиги. Цониги гlуцlиялда вакансия бугин рагlидал, тlоцебе киназго цlехола гьениб кигlан харж бугебилан. Жиндихъаго гьеб хlалтlи гьабун бажариладаян абураб суал кьоларо. Дир пикруялда, мугlалимасул хlалтlул захlматалда рекъарал харжал гьечlо жакъа гьеб бутlаялда.
- Тlоцебе кин ракlалде ккараб рехсараб конкурсалда гlахьаллъи гьабизе ине?
- Гъоркьисала байбихьана дир мугlалимлъиялъул хlалтlул тlоцебесеб сон. Хlалтlизе лъугьана Махlачхъалаялъул № 11 гимназиялде. Вачlун вахъиналде конкурсазде витlулев гlадат букlинчlониги, дида завучалъ бицана кватlичlого гьадинаб конкурсалъул муниципалияб этап байбихьизе бугилан. Тlоцебе гьениве унаго, бергьине ракlалдаго букlинчlо дида. Аслияб мурад букlана хlалбихьи щвей. Гlаммаб къагlидаялъ гьелда гlахьаллъи гьабуна 35 чияс. Чанго къоялъ халат рахъарал хlалуцарал къецазул хlасилалда, ракlалдаго гьечlого дие щвана тlоцебесеб бакl ва ворчlана регионалияб этапалде. Араб соналдаса нахъе конкурсалъул даража борхизабуна, цадахъго цlикlкlинабуна призалъулаб фондги. Гьедин, март моцlалда дица гlахьаллъи гьабуна регионалияб этапалда. Гьелдаги гlахьаллъана 35 чи ва тlоцебесеб бакlги босун, дие рес щвана конкурсалъул федералияб этапалда гlахьаллъи гьабизе. Сентябралда Черкесск шагьарала тlобитlана конкурсалъул федералияб этап. Гьелъул тlоцебесеб бутlаялда цlар букlана “Учитель - профессионал”. Гьениб 15 минуталда жаниб бицине кколаан дирго хlалбихьиялъул ва дарс кьолаго хlалтlизарулел къагlидабазул хlакъалъулъ. Дир дарс гlуцlун букlана “Сапар - бесконечность Дагестана” абураб цебеккунго хlадурараб прокеталда рекъон. Дарсил байбихьуда лъималазда цебе масъала лъун букlана Дагъистаналъул цо пуланаб районалде виртуалияб сапаралъ унел ругин абун. Цинги дагь-дагьккун, жавабал кьолаго, гьезда лъана Хунзахъе унел рукlин. Гьенире ине ккани, гьезда лъазе кколаан магlарул мацlалъул аслаби, малъизе кколаан мацlалда ругел гьаркьал ва грамматика. Гьеб хlалбихьиялъул хlасилалда тlаса вищарав 15 лауреатазул къокъаялде гъорлъе ккана дунги. Кlиабилеб очнияб туралда гьез кьезе кколаан “Россиялъул рухlияб ирс” абураб темаялда классный час. Дир дарс букlана “Папаха и платок - Кавказский код” абураб темаялда. Гьелъул хlасилалдаги дун ворчlана финалияб бутlаялда ругел 7 конкурсантазде гъорлъе. Гьединго тlоцебесеб бакl ккун онлайн - гьаркьал кьеялдаги.
- Мухlамад, баркула дуда цоги нухалъги щвараб шапакъат. Магlарул мацl цlуниялъе ва цебетlеялъе хlалтlи гьабизе дуе къуватги, ресги, сабруги кьеги.
Гара-чlвари гьабуна И. Мухlамадовас
|