Джиу-джитсуялъул чемпион
Дагьал церег1ан къояз Саг1удиязул тахшагьар-Абу-Дабиялда т1обит1ана «Джиу-джитсу» спорталъул тайпаялъул «Золотой шлем» турнир. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна дунялалдасаго къуватал спортсменаз, гьездаго гъорлъ нилъер районалъул Х1ариколо росулъа Ибрагьимов Ибрагьимицаги (Гьев ккола гьеб спорталъул рахъалъ Россиялъул чемпионлъунги). Турниралъул финалалда ракьцояс рак1ч1араб бергьенлъи босана 2018 соналъул дунялалъул чемпионасда т1ад ва вахъана гьел къецазул чемпионлъун. Гьаризинха Ибрагьимие, кив цеве вахъаниги, ч1ел босун нилъ рохизарулевлъун хут1изе щулияб сахлъиги икъбалги!
Россиялдаго лъик1азда гъорлъ
Иргадулаб нухалъ роххизаруна нилъер ракьцояй, 17 сон гурого г1умрудул гьеч1ониги, г1емерал спортивиял бергьенлъаби нахъе тарай, Хунзахъ росулъа Айзанат Муртазаевалъ. Италиялъул Урине шагьаралда 15 январалда т1обит1араб фехтованиялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб турниралда г1олилалъ босана к1иабилеб бак1. Рак1алде щвезабилин дунялалъулго кубокалдаги Айзанат г1арцулай призерлъун яхъун йик1араблъи ва улкаялдаго гьеб ригьалъул г1олилазда гьоркьой фехтованиялъул рахъалъ бищун лъик1ал спортсменазул сиях1алда гьелъул ц1ар нек1ого хъван бук1ин. Айзанатил кинабго цебе буго, гьаризинха гьелъие жеги ч1ах1иял бергьенлъабигун г1умруялда икъбал!
Гьал къоязда Хасавюрталда т1обит1араб грепплингалъул Дагъистаналъул чемпионаталда 77 килограммалъул ц1айиялда лъабабилеб бак1 ккуна нилъер ракьцояв Г1ахьалч1и росулъа Мух1ума Мух1умаевас, гьединго гьебго чемпионаталда 62 килограммалъул ц1айиялдаги лъабабилеб бак1 босана нилъер районалдаса Самилахъ росулъ г1умру гьабун вугев Дибиров Шихамирица.
Баркула г1олохъабазда щварал бергьенлъаби. Рохел т1аса унгеги нужедаса.
|