Среда, 15.05.2024, 18:07 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Май » 16 » САГ1ИД ЮСУПОВ: «ГЬАБИЗЕСЕБ Х1АЛТ1ИГИ ЖЕГИ ЦЕБЕ БУГО, ИНШААЛАГЬ»
11:32
САГ1ИД ЮСУПОВ: «ГЬАБИЗЕСЕБ Х1АЛТ1ИГИ ЖЕГИ ЦЕБЕ БУГО, ИНШААЛАГЬ»

Микьго моц1г1анасеб заман буго районалъул нухмалъуде г1олохъанав, жигарав, ва х1алт1уде, лъик1ал ишазде жиндир гъира къойидаса къойиде ц1ик1к1унеб бук1ин бихьулев Саг1ид Юсупов вач1аралдаса. Узухъда, бащдаб лъаг1ел дагьаб заман буго щиб бук1аниги ц1айи бугеб гьабизе, г1унгут1аби лъуг1изаризе. Кин бук1аниги, жиндир х1алт1улаб болжалалда жаниб гьабуралъул ва гьабизе рак1алда бугелъул бицана районалъул нухмалъулес диргун бук1араб гара-ч1вариялда газета ц1алулезе.

-Саг1ид Камилович, нахъа тана х1алт1уда гъорлъе лъугьиналъул, районцоязул г1умру-яшавалъулгун лъай-хъвай гьабиялъул заман. Лъала, мун г1емерго хьвадулев вуго районалъул росабазул жамаг1аталгун, х1алт1улал коллективалгун дандч1вазе. Щиб бугеб гьезие х1ажат, кинаб ах1вал-х1ал бугеб жакъа къоялда районалъул социалиябгун экономикияб г1умруялда?

Г1аммаб къаг1идаялъ босани ва «нилъедаса квеш ругезухъги балагьеян» маг1арул кици г1адахъ босани, Хунзахъ районалъул г1адамал квешаб яшавалда гьеч1илан абизе к1ола дида. Амма, кин бугониги, маг1арухъ г1умру гьабизе ругел шарт1азул бицани, руго рик1к1адал росаби, жидедехун хасаб бербалагьиги, к1варги, кумекги х1ажатал. Росабалъе хьвадун гуребги, дица щибаб къойил т1аде къабул гьарула г1адатаб халкъалъул вакилзаби. Гьез бицунги дидаго бихьунги халлъулел руго г1унгут1аби: лъик1 гьеч1о нухазул иш, басралъун руго токалъул мухъал, бугеб т1адецуй х1ехьолеб гьеч1о хералго трансформатораз, г1олеб гьеч1о гьекъолеб лъим. Руго гьаризе ресги бук1ун, гьарич1ого хут1арал суалалги. Руго т1адеги ресал, ишалъулал г1адамазул кумек балагьун, к1вах1 рехун тун раг1алде рахъинаризе кколел масъалабиги. Аллагьасул кумекалдалъун, дун х1алт1изе вуго бихьулеб къоялде вач1инч1ого.

-Рак1алда бугебщинаб т1убазабизе кканани, нухмалъулесе х1ажалъула жиндиргун пикруцоял, ай жакъасеб мац1алда абуни «команда». Г1уц1ун бахъанищ гьеб? Кинал хасиятал рук1ине кколел чиясулъ дуда цадахъ х1алт1изе бокьани? Лъала, дуца гьабулеб цоял рахъун-цоял теялдаса, штатал къокъ гьариялдаса рази гьеч1елги руго…

-Дица районалде вач1араб т1оцебесеб къоялдаса нахъе бицунеб, ах1улеб, ц1унулеб суал буго х1алт1улал кадразул суал.  Жакъа районалъе х1ажат руго унго-унголъунги г1агараб ракь цебет1езабиялъе х1алт1улел г1олохъаби. Республикаялъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповас абухъе, Дагъистаналъе х1ажат буго «бац1ц1ад гьаби ва ц1и гьаби». Дида бихьулеб бугони инсанасулъ цо лъик1аб пайдаяб иш гьабизе гъира, дица гьесие киналго рахъаз кумек гьабула-х1алт1улъги, гьабулеб жамг1ияб ишалъулъги. Амма бихьани гьит1инабниги тасамах1лъи, ричча-рихъан тей, гьеб бак1алдаго гьесулгун къо-мех лъик1ги гьабула, гьесги гьесул наслу-тухумалъги киг1ан квешавлъун дун рик1к1аниги. Штатал къокъ гьариялъул дуца гьикъаралъул, гьелги дица х1алк1ун пайдаялги понц1озарич1елги ц1унана. Дие бокьун гьеч1о гьабсаг1ат ц1ик1к1араб г1елалъул г1адамал нахъе цузе, я г1одорег1ан гьаризе, амма 30-40 соналъ цого бак1алдаги х1алт1ун жиндир кинаб бугониги цебет1ей, цо бак1алдаса гьункьи лъугьинч1есда жиндаго бич1ч1изе ккеларищ, республикаялъул даражаялдацин цевет1езе рес бугев г1олохъанчиясе нух кьезе кколеблъи, х1алт1иги ч1алг1индал, ц1ияб-лъик1аб гьабизе гъираги ссвиндал, х1алхьиялде ине кколеблъи? Дир гьаниб щибниги даг1ба гьеч1о жидерго х1алт1иги бокьулел, гьебги лъалел, г1олилаздаса нахъеккунгут1изе жидедаго т1адги х1алт1улел пенсионераздехун.

-Дуца бицаралдасан суал. Г1олилазда гьоркьоб х1алт1и гьеч1олъи-районалда г1емерсоназулаб унти ккола, к1ванищ щиб бук1аниги гьабизе, гьеб цо къадаралъ «сах гьабизе»?

Гьеб суалалъул к1варги бич1ч1ун, Аллагьасе рецц, рик1к1уна, администрациялъ т1оцебесеб гали т1амунин г1олилазда гьоркьоб х1алт1и гьеч1олъи цо къадаралъ дагь гьабиялъул ишалъулъан. Гьеб ккола районалда рагьиялъе байбихьи лъураб г1емерфункциязулаб центр (МФЦ). Гьеб тасдикъ гьабула щибаб муниципалияб г1уц1иялъул администрациялъ ва гьеб рагьиялъул буго г1адатаб халкъалъе пачалихъиял ва муниципалиял хъулухъал гьезие бигьаяб ва къо бихьулареб х1алалъ «цо гордухъан» гьариялъул мурад. Гьаниб бихьизабизе ккола, Хунзахъ гьединаб МФЦ рагьиялъул байбихьи лъезе бук1ана г1иц1го 2015-2016 соназ, амма, Аллагьасе рецц, дида к1вана гьеб суал цодагьаб цебе бахъизабизе. 16 чиясе х1алт1улаб бак1ги бук1ине буго гьениб. Щивасул лъайгун бажариялъухъ балагьун, эхесан комиссиялъ т1аса рищизе руго МФЦялде специалистал.

Гьабсаг1ат гьеб берцинаб, МФЦялъул брэндги ц1унун базе бугеб мина (сураталда) бук1инесеб бак1алда инел руго х1адурлъиялъулалгун проекталъулал х1алт1аби.

Рак1алда буго г1олилазе жеги х1алт1улал бак1ал г1уц1изеги.

-Махщел-гьунар бугел, ц1одорал г1олилазе, лъималазе администрациялъул рахъалдасан кумек-квербакъи бук1инабизе бугищ?

-Нилъер машгьурав ракьцояв, «Дагъавтодоралъул» нухмалъулев, сахаватчи Загьид Хучбаровас гьеб мурадалда рагьараб хасаб фонд бук1ин лъалеб батила киназдаго. Щибаб лъаг1алие 5 млн. гъурущ кьезе буго гьес махщел-гьунар бугел школлъималазе квербакъи гьабизелъун. Гьелъие г1уц1ун буго хасаб комиссия, ц1алулъ, жамг1ияб г1умруялъулъ лъик1ал х1асилал рихьизарурал лъималазда гьоркьоб (80 чи загьирлъана гьединазул районалда) т1обит1изе буго 180-ялде щвезег1ан баллал жинда рекъон щвезе рес бугеб тестирование ва ц1ик1к1ун баллал щваразе ч1езабизе буго школа лъуг1изег1анги ВУЗазде лъугьунелъулги гьеб фондалъул кумек.

-Гьаризе, рагьизе рак1алда бугел гурел, гьарун, ран раг1алде рахъарал социалиял объектал ругищ?

-Руго, щай рук1унарел?! Рехсезин гьезул цо-цоял. Г1урк1ач1дерил анищлъун бук1ана росдал медпункталде жибго бет1ергьанаб рукъ щвей. Т1убазе к1вана гьеб! Араб соналъул декабрь моц1алдаго х1алт1изе кьуна гьениб гьанжесел т1алабазе данде кколеб, киналго шарт1ал ва квег1енлъаби ругеб ц1ияб ФАП, живго росдал маг1ишаталъул министр Б. Баталовасул г1ахьаллъигун, ц1ияб пункт рагьана Ц1ияб Буц1ра росулъги. Гьел объектал лъуг1изаризе г1арцулал сурсатал ралагьана республикаялдасаги, лъуна цо бут1а районалъул жалго бет1ергьанал доходаздасанги. Гьанже г1агар сахлъи ц1униялъул объектал, ФАПал х1алт1изе кьезе руго т1анусдерил Хашта хъутаналдаги, Гъоркьколо росулъги (1 апрелалда). (Рохалил хабар! Т1анусдерил хъутаналда ФАП нижер гара-ч1вари къват1ибе иналдего 25 марталда х1алт1изе кьуна).

-Саг1ид Камилович, дун газета ц1алулезда мекъи йич1ч1ила, районалде газ бачиналъул х1акъалъулъ дуда гьикъич1они…Рес бугищ г1агараб заманалда жаниб хъах1илаб ц1атари районалда кунч1изе, ялъуни гьеб г1ицго анищищ?

-Газ бачиналъул суал дие бищун ц1ик1к1араб к1вар бугеблъунги, приоритетнияблъунги ккола, жиб раг1алде бахъинабизе к1вани т1убараб тарихияб лъугьа-бахъинлъун рик1к1ина дица. Гьал г1агарал къоязда «Дагестангазсервис» ОООялъул генералияв директорасул заместитель Каирхан Г1абидов вач1ун вук1ана районалде. Дандч1ваялда нижеца дандбана т1алъиялда бугеб щуго росулъе (Хунзахъ, Г1арани, Бакьагьеч1и, Гиничукь, Ц1ада) хасалихълъиялдего газ бачун лъуг1изабиялъул суал. Гьел х1алт1абазде байбихьизе буго апрель-май моц1аздаго.

-Кинав вук1аниги бет1ерасе, нухмалъулесе бокьулареб, росдал маг1ишаталъул х1акъалъулъ суал. Бокьани гурони жаваб кьоге. Рес бугищ росдал маг1ишат бахъинабизе?

-Щай? Гьабилилан таваккалги т1амуни, рак1-рак1алъулаб гъираги бугони, гьабизе к1олареб щибго бук1унаро, зодоса ц1ваби рахъизе к1веч1ониги, гьезухъе роржинег1аги х1аракат бахъула х1алт1уде гъира бугев чияс. Лъаг1алил байбихьуда дун щвана Хасавюрт, Бабаюрт ва Кизилюрт районазул ракьазда ругел маг1ишатазде. Бихьана гьезул рук1а-рахъин, ц1ехана х1ажатаб. Чанго фермаялъе гьабизе буго капиталияб ремонт, СПКязе босизе буго  техника. Маг1ишатазул буголъиги ц1унун берцинго х1алт1улел руго т1анусдерил, гьамщадерил, г1ехьелдерил, г1еч1ендерил, Хизроевасул ц1аралда бугеб ва цогидал СПКял. Районалъул бет1ер х1исабалда дицаги гьабизе буго лъик1 х1алт1улел маг1ишатазе к1вараб кумек.

-Социалиябгун экономикияб цебет1еялъулъ дур аслиял кумекчаг1илъун рук1ине ккола бак1алъулал нухмалъулел, росабазул бут1рул. Щолеб бугищ гьездасан квербакъи?

Бат1аго квеш х1алт1улел бегавулзаби ругин районалдаян дица абиларо. Руго гьезда гьоркьорги реч1ч1а-рег1аралги, г1одоре риччан ч1аралги, руц1ц1ун ругелги. Г1аммаб къаг1идаялъ босани, дун гьезда вич1ч1улин тола дица. Ц1ияб соналда цебе ккун бук1ана цо г1унгут1и-ракьул, мал-мулкалъул налогал рак1ариялда налъи бук1ана районалда т1ад. Амма, дир рохалие, росабазул администрациязул бут1руз гьеб иш къокъидго рук1алиде бачана. Баркала гьезие. Такрарлъаниги, дие цойги нухалъ абизе бокьун буго: росабазул администрациязда рук1а, г1уц1абигун учреждениязда рук1а, жидерго ишалда рак1ги унтарав, х1алт1изеги бокьарав чи дица кинабго рахъалъ кквезе вуго.  

-Маданияталъул сонлъун лъазабураб 2014 соналда гьеб бут1аялда гьаризесел х1алт1абазде пардав рагьиларищ?

К1вар бугеб бут1а ккола, узухъда, культура. Рак1алда буго исана районалъул культураялъул к1алг1а берцин гьабун, архикаменалъ къач1ан ц1игьабизе, гьединго бокьун буго РДНТялда кинотеатр, х1ухьбахъи гьабулеб цойги щиб бук1аниги рагьизе. Хасгьабун дирго рахъалдасан культураялъул управлениялъе кьезе буго «Газель» автомашина. Биччанте, фестивалаздеги, конкурсаздеги культураялъул х1аракатчаг1и щибго квек1ен гьеч1ого, рах1аталда хьвадизе. Рух1 реч1ч1изабизе х1ажат буго нилъер кьурдул ансамблязда. Х1ат1азда гъоркьа ц1адул т1ираби пирхуледухъин абухъе, ц1и гьабизе х1ажат буго гьезул х1алт1и. Гьеб суалалъулъ дидасан бач1арабщинаб кумек гьабизе дун х1адурав вуго. Букъила, иншаАллагь, цо нилъер кьурдухъабазе хасиятаб, гвангъараб форма, гьабила киналго рахъазулаб квербакъи. Чачаназул масжид «Сердце Чечни» г1адин, районалъул культураялъул к1алг1аги, къач1айдал лъугьина, жинда релълъараб цойги муг1рузул Дагъистаналда гьеч1еб, хунздерил жавгьарлъун, рак1лъун. -Нилъер хабар халалъанин ккола. Сваканищ?

-(Велъулаго). Ц1акъ бокьилаан сваказе, амма сваказе ресги заманги дир гьеч1о. Дун вач1арав вуго х1алт1изе, халкъалъе хъулухъ гьабизе.

-Гьедин батани, гьаб суалги. Харбал руго, мун республикаялъул роцадул лъик1аб хъулухъалде вачунев вугин…

-Х1алт1удаса кивениги ине г1агараб щуго соналда жаниб дида рак1алда гьеч1о. Диде божилъи гьабун буго халкъалъ, гьеб божилъи рит1ухъ гьабизе х1аракат бахъила дица районалъул бет1ерлъун дир х1алт1улаб болжалалда. ИншаАллагь, иншаАллагь, иншаАллагь. Ч1а дида хьолбохъ г1аммаб, район цебет1езабиялъул ишалъе г1оло, гьабе нужедасан бач1арабщинаб х1алт1и, кье лъик1абщиналъе идеял. К1очон тоге дир рищиязда цебесеб ах1и «Хунзахъ район цебет1езаби-нилъер г1аммаб иш!»илан бук1араб.

-Баркала дуе интересаб гара-ч1вариялъухъ. Гьабулеб лъик1алъе Аллагь х1алае ч1аги.

-Амин. Дуеги баркала, х1алт1ул ин ц1ехон дихъе яч1аралъухъ.

Гара-ч1вари гьабуна «Росдал зах1матчи» газеталъул редактор Фат1има Мух1амадовалъ.







 

Просмотров: 590 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz