21 январалда, районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиев щвана Бабаюрт районалда ругел нилъер хъутабазул маг1ишатазде. Гьеб х1алт1улаб къват1ирахъиналда г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ерасул заместитель Т1алх1ат Г1амирг1алиевас, росдал маг1ишаталъул отделалъул нухмалъулев Мух1амад Г1алиевас, Хунзахъ районалъул ветуправлениялъул начальник Хъарачу Г1амирхановас ва гь. ц.
Сапаралъул аслияб мурадлъун бук1ана маг1ишатазул х1ал-х1укмуялъухъ балагьун, 2019 соналде гьел церет1езариялъе к1вараб кумек гьаби. Гьезда гьоркьосан ккола: «Г1орот1а» СПК, «Гьац1алухъ» СПК, «Гьамишт1а» СПК, «Гъоркьколо» СПК, «Машгьурал г1адамал» СПК, «Г1ебут1а» ва «Буц1ра» СПКял.
Щибаб СПК-ялъул нухмалъулелгун дандч1вана, ва гьезда лъазабуна жидер маг1ишатазда х1исаб кьеялъулгун рищиязул собраниял гьарулаго, гьенире киналниги х1алт1ухъаби ва администрациялъул вакилзаби ах1изе ккелин.
Цойгидазде данде церет1ураллъун рик1к1ине бегьула: «Машгьурал г1адамал», «Гьамишт1а», «Гьац1алухъ», «Буц1ра» маг1ишатал.
|