Гьанжелъизег1ан нилъер республикаялда бук1ана 17-го рохьихъанлъиялъул маг1ишат. Рохьазул къадар т1аде ц1ик1к1унеб, гьел ц1униялде кьолеб к1вар, жавабчилъиги ва бербалагьиги борхулеб бук1иналъ, гьанже г1агар т1адеги рагьана 5-го рохьихъанлъи. Гьезул къадар гьанже бахана 22-ялде. Гьеб къоло к1иго маг1ишаталъул цояблъун кколеб Шамил районалда бугеб «Советское Лесничество» рохьил маг1ишаталде гьоркьобе уна нилъер районалъул рохьил маг1ишаталъул участокги. Районалъул рохьил маг1ишаталъул бербалагьиялде гъоркье ккола Россиялъул Федерациялъул рохьил фондалде гьоркьобе унеб 1117 гектаралда ругел рохьалги цере росабазул маг1ишатазул ихтияралда 250 гектаралда рук1арал рохьалги. Ахираб 30-40 соналъ рохьил маг1ишаталъ т1аде г1езарурал рохьазул къадар малъич1ого, жалго рижун г1урал рохьазул къадарги дагьаб гьеч1о.
Гьел рижун руго цере рук1арал пайда босуларел бак1азда гуребги рецабазда ва боц1и кваназабулел рук1арал ракьаздаги. Берзул роценалда рекъон х1исаб гьабуни, нилъер районалъул рохьазул къадар 5500 гектаралдасаги ц1ик1к1уна.
Цебе пачалихъалъ рохьазул къадаралъул х1исаб-суал гьабулаан 20 соналда жаниб цох1о нухалъ, гьелдаги абула «Лесоустройство»-ян. Гьеб х1алт1и нилъер рохьазул гьабич1ого г1емерал сонал руго, Федералиял рохьазул хут1изег1ан.
Нилъер гьанир ругел рохьал руго г1емерисел ц1и г1ун рач1унел, г1олохъанал, I-себ категориялде гьоркьоре унел-ракьги, регьелги гьаваги ц1униялъул маг1на бугел. Гьеб нилъее лъик1ги буго. Т1абиг1аталда ва живго инсанасул г1умруялда рохьазул бугеб к1варалъул г1емераб бицинего ккеларо, гьеб лъаларев чи къанаг1ат гурони вук1унарелъул.
Г1адада гурелъулха абулеб, рохьал т1абиг1аталъул, дунялалъул гьуърул ругилан. Гьеб бит1арабги буго. Гьединлъидалин нилъеца киназго цадахъ лъугьун рохьал ц1униялде к1варги кьезе кколеб. Амма нилъеда гьоркьор руго г1адамал рохьал ц1униялдехун мекъаб, рокьукъаб бербалагьи бугелги. Гьеле гьединаз къот1улеб буго г1ун бач1унеб гъвет1 цебе ккараб бак1алдаса, гьеб гъвет1 ракь ччук1улеб бак1алда яги нухлул раг1а-ракьанда, киб бак1алда бижун бугебали х1исабго гьабич1ого, мунагь, х1акъалъулги цогидалъулги ургъел гьабич1ого. Мисалалъе: Гьединал х1ужжаби руго «Даг1ма-коло» кьот1аса бахъараб «Макьас» раг1алде щвезег1ан. Гьениб бижун бач1унеб рохь ккола Г1ахьалч1и администрациялъул Ц1алк1ит1а росдал ракьалде. Бич1ч1уларо, цогидал росабазул жамаг1атаз жидерго рохьал ц1унизе х1аракат бахъулеб мехалъ, ц1алк1адерие х1ажатгойищ рохь гьеч1еб? Х1ажат гьеч1еб батани, гьеб къот1изе бегьулеб къаг1идаг1аги щай жамаг1аталъ ц1ехолареб, жидер ракь бугин, бокьараб гьабиларищилан абураб мекъаб пикруялда рук1инч1ого.
Рохь киб бак1алда бижун батаниги, Россиялъул рохьил законалда рекъон гьеб къот1изе гьукъун буго цо хасаб рохьил маг1ишаталъул изну гьеч1ого. Ник1алайил заманаялдаса нахъе рахъулел ругел х1укуматалъул рохьил маг1ишаталъул законал нилъеда хисизаризе к1олел жал рук1унаро, гьеб бич1ч1изеги ккола щивасда. Бич1ч1и гьеч1ел, рохьил маг1ишаталъул къанунал хвезарурал г1адамазда т1ад исана районалъул рохьил маг1ишаталъ гьабуна щуго административияб протокол ва гьезухъа данде кколеб къадаралъул г1ак1аги бахъана. Кват1ич1ого т1аде щолеб буго ц1ияб сон. Аллагьас нилъее баракатаб батаги гьеб. Гьанжего байбихьун буго бицине гьеб ц1ияб соналде дандч1вай гьабизе х1адурлъизе ккеялъул-Елкаби гъут1би къот1ун ц1ияб сон к1одо гьабиялъул. Руго г1адамал ц1ияб сонги багьанаде ккун, бат1и-бат1иял пикрабазда ругелги. Арал соназги рук1ана елкабазе г1ун рач1унел нак1к1игъут1би къот1ун, гьел машинаби ц1ун, изнуги гьеч1ого ричизе шагьаразде ине къасдал гьаруралги. Исанаги рук1ине бегьула гьединалго пикрабазул г1адамал, гьединлъидал рохьил маг1ишаталъул х1алт1ухъабазул районцоязде гьари буго нилъго-нилъецаго къват1ир ч1вазе гьарич1ого, рохьил маг1ишаталъул изну гьеч1ого т1адехун рехсарал суалал нужеего бокьухъе т1уразаризе къасдал гьаругейилан. Гьедин гьабуразул х1асилги бит1ун кколаро.
Законалда рекъон рохьал жидерго ракьалде т1аде кколел росабазул администрациязда т1адаб буго рохьал ц1униялъе рекъон кколел тадбирал г1уц1изе ва гьезул гьариялда рекъон рохьил маг1ишаталъе кумек гьабизе. Рохьил законалъул т1алабалда рекъон бахъараб районалъул администрациялъул х1укмуги буго (12 аб. декабрь 2014 сон № 170). Гьеб документ т1убазабизе мурадгун кьун буго щибаб росдал администрациялде. Амма руго нилъер росабазул бегавулзабазда гьоркьор гьеб х1укму ц1алуларелги. Ц1алич1они гьебги т1убач1ого хутиларищха. Х1укмуялда мух1канго хъван буго лъица щиб гьабизе кколебали. Россиялъул Уголовнияб Кодексалъул 260-аб. статьялда рекъон ц1улал багьа малъич1ого 1 куб нак1к1игъот1ол къот1арав чиясдаса бахъула 25 азарго гъурущ, миккил гъот1ол цо куб къот1арасухъа-5 азарго гъурущ, махил гъот1охъ 3 азарго гъурущ г1ак1адул. Жеги ц1ик1к1ун зарал гьабуразе условно лъабго соналде щвезег1ан тамих1 гьабизеги бихьизабун буго. Нагагьлъун гьабураб зарал 50 азарго гъурщидаса т1адехун ани, гьесда гьабула уголовнияб делоги. Хадубги дие абизе бокьун буго, рохь т1абиг1аталъул бищунго къиматаб бечелъи кколилан. Гьелъ ц1унула экологияги, гьеб ккола х1укуматалъул ч1ара-хьараб экономика бук1иналъул кьуч1ги. Рохьазул бечелъи ц1уни, гьел г1ат1ид гьари, гьездасан ц1уна-къан бит1ун пайда боси ккола рохьил маг1ишаталъул гуребги, щивав чиясда т1адаб борч.
Г1умаров Х1амзат, Хунзахъ районалъул рохьил маг1ишаталъул лесничий.
|