Четверг, 25.04.2024, 23:06 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2021 » Декабрь » 8 » РЕКlЕЛЪ ЩУЛИЯБ ИМАНГУН
11:21
РЕКlЕЛЪ ЩУЛИЯБ ИМАНГУН

МухIамадов МахIмуд-апанди ГIумарович-ккола пагьму-гьунар камилав, магIна гъваридал асаразул поэт ва прозаик.
Гьавуна 1951 соналда Харахьи росулъа педагог ГIумаров МухIамадил хъизамалда. Эбел, Хадумова Зайнаб гьаюна Чачаналде кколеб Кванхи росулъ.
МахIмуд-апандие тарбия щвана динияв цевехъан, бакIалъулаб тарих, гIараб ва авар литература лъикI лъалев, халкъияв хурдузул устар, гьесул кIудияв эмен МустIафал ГIумарил бербалагьиялда гъоркь. ГIолохъанаб заманалда кIудияв эменгун цадахъ МахIмуд-апанди гIемерав хьвадулаан Дагъистаналъул тарихиял бакIазде. ГIолохъанаб жан-жигаралъ ва ракIалда жо чIеялъ, цIи-цIияб лъазе бугеб гъираялъ, цIодорлъиялъ, гьесул чорхолъ рессана гIемерал цересел харбалги, бице-киценалги. Гьез кIудияб кумек гьабуна гьесул хадусеб гIумруялъеги. Гьоркьохъеб школа МахIмуд-апандица лъугIизабуна ГIарани школа-интернаталда. Гьеб лъугIун хадуб МахIмуд-апандица хъулухъ гьабуна Советияб Армиялда. Гьенисан, 1974 соналда комсомолалъулаб путевкаялда рекъон ана Сулахъ гIорда гидроэлектростанциялъул Каскад балеб бакIалде. Цадахъго гьес лъугIизабуна Куйбышевалъул энергостроительныяб техникумалъул Дубкиноялъул отделениеги. Гидростроителазда гьоркьоб гьесул бугеб махщел бихьун, Дагъистаналъул ралел бакIазул махщелчагIазда гьоркьоб гьесие рес щвана, киналго бакIазул махщалилазда гьоркьоб Дагъистанги бихьизабизе, лъабго соналъ ГIиракъалде теплоэлектростанция базе ине.
Литератураялде рокьи, кучIдул хъвазе гъира гьесул букIана жеги школалда цIалулеб заманалдаго. МахIмуд-апандил тIоцересел асарал къватIире рачIана «Росдал захIматчи», «БагIараб байрахъ» газетаздасан, «Гьудуллъи» литературияб журналалдасан.
БатIи-батIиял творческиял конкурсазда гIахьаллъи гьабун, МахIмуд-апандие щвана гIемерал шапакъатал. Гьедин, гьев вахъана ХъахIабросолъа МахIмудил, Инхоса ГIалихIажиевасул ва АхIмад-хIажи Къадыровасул премиязул лауреатлъун. 2003 соналдасан байбихьун ккола Россиялъул хъвадарухъабазул Союзалъул членлъун.
МахIмуд-апанди МухIамадов ккола гIицIго цIалдолез гуребги, литератураведаз, педагогаз тIадегIанаб къимат кьурал 30-гIан тIехьалъул автор. Гьесул творчествалъе хасиятаблъун ккола гIумрудул бокьараб ахIвал-хIалалда хурхун философияб бербалагьи, рокьи, образазул кунчIи. Гьединаллъун ккола гьесул «Рокьул ирс», «УнкъбокIонал чIимхал», «Херехь-бахIарзал», «Дир росуцоял» ва цогидалги асарал.
Машгьурав шагIирлъун вахъун хадуб гьес жиндиего босана МахIмуд-апанди абураб литературияб псевдоним.
Ахираб заманалда МахIмуд-апандил творчествалда ккана лъалеб цебетIей. Гьев лъугьана бищунго машгьурал исламиял шагIирзабаздасан цоявлъун. РекIелъ щулияб иманги бугев, ахираталъул пикрабаз кодове восарав шагIирасул диниял асараз халкъалъул ракIазухъе нух бахъана. Гьединаллъун ккола гьесул «Дир ЧIикIаса КIудияв», «Азаралда цо жаваб», «ХIадисазул квацIи», «ХIежги, дугIабиги, суал-жавабги».

ШагIирасул хIакъалъулъ цо-цо пикраби

 

ВагIалайкум салам, МахIмуд-апанди,
Дунял ухраялъул рохел гIемераб.
Хадубги дир мурад-дур анищазул
Ахикь бижулеб пихъ пайдаяб букIин.
САГIИД-АПАНДИ.


МахIмуд-Апандил гIумруялдасаги, гIамал-тIабигIаталдасаги, гьабулеб-толелдасаги, хасго гьес къватIире риччарал тIахьаздасаги гIалимзабиги, динияб идараги рази руго. Халкъалъе унго-унголъунги пайдаяллъун, мунпагIалъи бугеллъун, хIажалъи цIикIкIараллъун руго гьесул асарал. ЛъикIаб босизеги, квешаб тезеги гIадан кантIизави гуребги, гьел мажмугIал цIаларасул рекIелъ иман щулалъизе, исламияб диналде рокьи цIикIкIине букIиналда щаклъи гьечIо.
АХIМАД-АПАНДИ, Дагъистаналъул муфтий


ШагIирас жиндирго рекIел бокIназдаги викIарун ралагьулел руго хIайранал рагIаби ва махщалида сокIкIарал гьезул лъугьунеб буго цIалдолесе асар гьабулеб кечI.
М. ПАТАХIОВ,
поэт, прозаик


МахIмуд-апанди ккола гьунар цIубарав, жиндирго хасаб хатI бугев шагIир. Гьесул асаразулъ нилъеда батула пикрабазул гъварилъи, рагIул пасихIлъи, мацIалъул берцинлъи, кучIдузул цо гIажаибаб гугьар ва нур кьолеб къуват.
МУХIАМАД МУХIАМАДОВ,
филологиял гIелмабазул доктор, профессор

Просмотров: 202 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz