Четверг, 02.05.2024, 16:30 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Июль » 13 » РАСУЛ Х1АМЗАТОВАС 90 СОН Т1УБАЯЛДЕ.
10:21
РАСУЛ Х1АМЗАТОВАС 90 СОН Т1УБАЯЛДЕ.

Шаг1ир.  Философ. Лирик. Дипломат. Ц1адаса Х1амзатил вас. Твардовскиясул, Фадеевасул, Симоновасул, Михалковасул гьудул.

Фидель Кастрол, Че Геварол, Индира Гандил квер босарав. Дагъистаналъул халкъияв шаг1ир. Ленинилги Х1укуматалъулги премиязул лауреат. СССРалъул хъвадарухъабазул союзалъул секретарь. СССРалъул Верховный Советалъул депутат, Верховный Советалъул Президиумалъул член, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул Союзалъул председатель, Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчи, Андрей Первозванниясул орденалъе мустах1икълъарав, гьит1инаб Ц1адаса ц1а г1адав маг1арулав. Рик1к1ун лъуг1иларо Расул Х1амзатовасул т1адег1анал шапакъатал ва гьев вахараб борхалъи.

Исана 2013 соналъул сентябрь моц1алда т1олабго Дагъистаналъул халкъалъ к1одо гьабизе буго гьеб халкъалъул ч1ух1илъун жив кколев, т1олабго дунялалдаго жиндир машгьурлъиялъул ц1ар т1ибит1арав Расул Х1амзатович Х1амзатовас 90 сон т1убаяльул х1урматияб юбилей. Нилъергун рохел бикьизе нилъехъе рач1уна Расул лъалел рик1к1ен г1емерал гьудулзаби, гьесул гьунаралъ х1айран гьарулел ц1алдохъаби, т1адег1анал гьалбал.

Сунцаха гьит1инаб маг1арул росулъ, маг1арулазда к1алдиб гьуинаб Ц1ада росулъ 1923 соналъ гьавурав Расул т1олго дунялалъул халкъазда машгьурлъарав?

Расул Х1амзатовасул асарал руго г1адатлъиялъулги, г1акъиллъиялъулги нилъер маг1арул т1алъиялъул, гьениб г1умру гьабун ругел г1адамазул бах1арчилъиялъулги, чилъиялъулги, къо х1ехьеялъулги, гьудуллъиялъулги, г1амал-хасияталъулги х1акъалъулъ хъварал. Гьесда киданиги к1очон теч1о гьит1иназул т1алабалги, к1удиязул ургъелалги, нилъер улкаги.

Расулица кидаго г1адамал к1одо гьаруна, гьезие берцинлъи кьуна. Гьез Расулги к1одо гьавуна, борхалъиялде вахинавуна. Гьесул киса-кибго улкаялда гуребги, гьеб бахун къват1ибехунги рук1ана гьев к1одо гьавулел, гьев вокьулел гьудулзаби. Рук1ана гьел Бакьагьеч1и росулъги.

Раджабов Ахкубек, Г1алих1ажиев Х1айдар,  Г1алих1ажиев Мухтар,  Г1усманов Заку, Г1абдулгъафуров Г1абдулгъафур, Г1алиев Х1адис, Г1алиев Маламух1амад, Мух1амадов Ах1мад, Раджабов Дудар, Х1ажи Гъазимирзоев, Гъалбац1ов Гъазимуxlамад, Г1амирханов Г1абдусалам ва гьел гурел г1емерал цогидалги.

Гьесул инсулго вук1арав гьудул Шахшал Садрудинил ц1акъ к1удияб х1урматгун рак1алде щвезабуна Расулица нижергун дандч1ваялда. Ц1адаса Х1амзатил лъик1ав гьудулги хирияв гьоболги вук1ун вуго гьев. Цадахъ куч1дул ц1ализеги данделъулаан к1иялго. Расул Х1амзатов Авар педучилищеялда ц1алулеб мехалъ Буйнакскиялда г1умру гьабун вугев Садрудиница Расулил ц1акь т1алаб гьабулеб бук1ун буго.

Гьединго Х1амзатида цадахъ мударислъун ц1алулев вук1арав Бакьагьеч1иса Х1айдарбегил Г1алих1ажиясулгун вацлъи раг1изе гьабун бук1ун буго Х1амзатица. К1ияцаго къот1и гьабун Г1алих1ажиясул яс Пат1имат гьит1инго Расулие абунги йик1ун йиго. Амма къисматалъ гьел данделъизе хъван бук1ун гьеч1о, Расулги ц1ализе ун, Пат1имат цойгиясе росасе ана. Бугониги Г1алих1ажиясул васал Х1айдарилги (жиндир мунагьал чураяв, хвана 2005 соналъ) Мухтарилги Расулилгун лъик1ал гьоркьорлъаби рук1ана, т1аде-гъоркье ун жидерго умумузул бук1араб гьудуллъи-вацлъи билизе теч1о гьезги.

Расул Х1амзатовасе бищунго рокьулел муг1алимзаби рук1ана Бакьагьеч1иса бищун цебе жиндие т1адег1анаб лъай щварав Шайихг1алиев Х1ажи ва Мух1идин. Х1ажил вас Г1али жиндир мунагьал чураяв вук1ана ц1акъ лъик1ав художникги, Дагъистаналда жиндица г1емерал памятникал рарав скульпторги, учительги ва рагъул г1ахьалчиги. Х1ажица Расулие дарс кьуна, Г1алица Расулил инсуе памятник бана Ц1ада росулъ. Нижер росулъа рагъул ветеран мунагьал чураяв Г1усманов Закулги Расулилги бук1ана лъик1аб гьудуллъи. Закуца нижее гьадин бицана: «Дун Хунзахъ Авар театралда х1алт1улеб мехалъ дида цадахъ суфлерлъун х1алт1улев вук1ана жеги г1олохъанав Расул Х1амзатовги. Дунги гьевги рук1ана г1ел бащадал чаг1и. Ниж гьаказдаги рек1ун бат1и-бат1иял росабалъе, районазде гастролазде унаан. Расул вук1ана махсаро-хоч1 г1емерав, лъик1ав гьудулги, рак1 бащадав гьалмагъги». Закуца гьенибго рак1алде щвезабуна Гъуниб жидерго ккараб лъугьа-бахъинги. Расул Х1амзатов хвезег1анги гьезул гьоркьорлъаби лъуг1ич1о, цадахъ ч1ун бахъараб сураталъги нуг1лъи гьабула гьеб гьудуллъиялъе.

Гьединго Расулилгун бищунго щулияб гьудуллъи бук1ана нижер росулъа Дагъистаналдаго ц1ар раг1арав педагог, профессор, член-корреспондент РАН, академик, ДГПИялъулги ДГУялъулги вук1арав ректор Ах1мад Мух1амадович Мух1амадовасулгун. Гьезул т1оцебе лъай-хъвай ккун буго Москваялда. Ах1мад ц1алулев вук1ана МГУялда, Расул Литературияб институталда.

Лъай - хъвайги ккана Дагъистаналде рач1унаго поездалда. Хадуб Ах1мадил к1удияв вас Мух1амадица 1986 соналъ ячуна Расулил яс Салих1ат. Ясалъ, Аминатица, 6 сон бараб мехалъ гьел рат1алъана. Гьедин Расулил ясалъул ясги бащдай Бакьагьеч1иса ккола.

Ах1мадидасан Расулилгун гьудуллъи ккола Дагъистаналдаго ц1ар т1ибит1арав Ленинил орденалъул кавалер колхозалъул председатель Раджабов Дударилги. Дударил к1удияв вац Ахкубек Расулида цадахъ Г1арани школалда ц1алулев вук1ун вуго. Ахкубек математикаялъе лъик1ав вук1ун, Расулие кумекгицин гьабулеб бук1ун буго.

Расул Х1амзатов «Муг1рузул большевик» газеталда х1алт1улев мехалъ гьесда цадахъ х1алт1улев вук1ана нижер росулъа Шамсуев Г1абдугъапурги. Г1абдугъапур х1алт1улев вук1ана газеталъул корректорлъун. Расулица хъвалаан, Шамсуевас макъалаби, куч1дул рит1изе гьарулаан.

Расул Х1амзатовичас дандч1ваялдаги бицана, нижеда гьадингоги лъалаан, гьесул к1удияб гьудуллъи бук1ана Х1ажи Гъазимирзоевасулгун. Расулил 50 сон т1убаялъул юбилеялде Х1ажица кьураб к1удияб сурат гьабсаг1ат Ц1ада музеялда ц1унун буго. Гьеб сураталъул авторги ккола Бакьагьеч1иса художник-скульптор Г1али Х1ажиев. Х1ажи Гъазимирзоевасул руго гьадинал раг1аби:

Кlигo вугев анищ Х1амзатил Расул

Цояв дунялалъе, цо улкаялъе,

Цойги к1иго анищ Х1амзатил Расул

Цояв гьал куч1дузе, цо Пат1иматий.

Т1ок1абги лъик1 кинха абилеб жиндирго гьудуласде коч1ол мухъал?!

Бакьагьеч1иса гьудулзабазда гьоркьоб к1удияб бак1 ккола Хунзахъ районалъул больницаялда х1алт1улев вук1арав, жиндир мунагьал чураяв врач-рентгенолог Г1алиев Х1адисицаги. Гьев вук1ана лага - черх къокъав чи, гьединлъидал гьев г1адамазда лъала Къокъав Х1адисилан. Кеп - ихтилат г1емерав Х1адисги Расулги рук1ана лъик1ал гьудул - гьалмагъзаби. Х1адис Мах1ачхъалаялде вахъиндал Расулица гьесие х1алт1иги балагьана. Къвариг1аб - тараб суалалъ Х1адис кидаго бегьун бохгун Расулилъуе унаан. Кеп - ихтилат г1емерав, к1арчамав Х1адис Расулие вокьулаан, гьезул ц1акъ дандеги кколаан. Гьел цоцазда лъана Х1адисил вац, цеве Мах1ачхъалаялъул горисполкомалда х1алт1улев вук1арав Малламух1амадидасан. Цо-цо Расулил т1аса рокъор коньякалда нахъа г1одор ч1олаанилан бицана нижее Х1адисил вас Мух1амадица.

Жиндирги Расулилгун лъик1аб гьудуллъи бук1анилан бицана Бакьагьеч1иса журналист, прозаик Гъазимух1амад Гъалбац1овас. Гъазимух1амадие, гьанжего-гьанже литератураялде гьоркьове лъугьунев чиясе к1удияб кумек гьабулаанилан бицана гьес. Расулица гьев восун вуго Журналистазул союзалъул членлъунги. К1удияв шаг1ирас т1адег1анаб къимат кьун бук1ун буго Гъалбац1овасул т1оцебе къват1ибе биччараб «Ва бана г1азу» - ян абулеб т1ехьалъеги. Гьес Расулихъа чанго интервьюги босун буго. Гьел «Х1акъикъат» газеталда, «Гьудуллъи» журналалда ва «Сабаб» журналалда къват1иреги кьун руго.

Х1амзатил Расулихъе гьоболлъухъ ниж щвана 2003 соналъул 5 апрелалда. Гьеб соналъ районалдаго х1адурулеб бук1ана Расулил 80 сон т1убаялъул юбилеялде. Школлъималазда гьоркьоб лъазабун бук1ана КВН-алъул конкурс. Гьеб конкурсалда бергьани школлъималазе paг1и кьун бук1ана Расулихъе гьоболлъухъ рачине. Нижер командаялъ т1оцебесеб бак1 ккуна, ва нижер анищ т1убана. Гьале ниж Расулил к1алт1а автобусги ч1езе гьабун, шаг1ир вихьизе гъоркье рахъана. Гьесул яс Салих1атица абуна эмен аэропорталде Москваялдаса рач1арал гьалбал т1орит1изе анилан, кват1уларилан. К1иго саг1аталъ ч1ана ниж Расул вихьизе бугеб хьулалъ гьесухъ ралагьун. Гьале цо заманалдасан цояс ах1ана «Расул вач1ине вуго» -ян. Киналго къват1ире рахъана, Расул Х1амзатов рек1араб хъах1аб «Мерседес» бач1ун к1алт1а ч1ана. Нижер рохелалъе г1орхъи бук1инч1о. Ниж киналго гьесда аск1оре рилълъана, кверал рачана, цо-цояз гьесда къочизецин къочана. Нижеца гьесие цере умумузул рук1арал квеналги,      сайигьаталги росун рук1ана. Цеве-цеве Расул Х1амзатовги, хадур нижги гьесул рокъоре жанире лъугьана. Рукъзал ругоан ц1акъ рорхатал, берцинал, нижеда гьенире жанире лъугьиндал музеялде щванилан ккана. Дие гьеб мехаль бук1ана анц1ила к1иго сон. Дун ц1акъ йохарай ва ч1ух1арай йиго ч1агояв Расул вихьизе щвеялдаса ва кидаго к1очене гьеч1о гьеб рак1алдаса унареб дандч1вай. Ниж х1айранго г1енеккун рук1ана г1ащикъав шаг1ирасухъ.

- Лъик1 щварал! Дун ц1акъ вохарав вуго нужгун дандч1вазе щведал. Бакьагьеч1и росу дие ц1акъ хирияб буго. Г1арани школалда дун ц1алулеб мехалъ дир муг1алимал рук1ана Бакьагьеч1иса Мух1идин, Х1ажи. Дида гьел к1очонаро. Буйнакскиялда педучилищеялда дун ц1алулеб мехалъ инсул хирияв гьобол вук1ана Шахшал Садрудин. Дица гьесул доба сардалгицин рана. К1иго васги вук1ана гьесул. Ракьцоял гурониги рак1цоялги руго нилъ. Нилъер кинабго жо цадахъ бук1ана. Бакьагьеч1иве дун ахирияб нухалъ щвана Ч1анк1ал юбилеялде. Бакьагьеч1иса дир гьудул вук1ана Х1ажи Гъазимирзоевги. Нилъ цого росдал чаг1и

г1адин рук1ана. Ц1адаса чияс Бакьагьеч1иса ч1ужу ячунеб мехалъ ц1акъ ц1ар бук1унаан. Гьанже нуж ц1ияб г1ел дида цебего бихьизе кколаан, дун херлъаниги дилъ жеги pyxl бугоха. Дун гьит1инаб мехалъ рук1арал квеналги рач1ун ругоха нужеца, ц1акъ к1удияб баркала. Дихъе сон рач1ун рук1ана Москваялдаса ч1ах1иял гьалбал Россиялъул Думаялъул 7 депутат. Гьел т1орит1изе ун вук1ана, амма нужехъе кват1изе дун бегьулароан. Лъаларо, дир ц1аралъищ нуж дихъе ах1аралали. Дир ц1арги бугоха. Гьаб дир рукъги бугоха. Гьал рукъзабахъ вуго дун 25 соналъ. Гьаб рукъ-рукълъун гьабула нужеца-гьалбадерица. Рукъ-рукъ бук1унаро гьобол вач1унев гьеч1они. Дир гьалбал г1емерал руго. Чиясул чи лъугьуна рокъове гьобол вач1унеб мехалъ. Нужги дир ц1иял гьалбал, нужеда лъик1 бихьани нуж нахъеги рач1ина, рач1инч1онани гьеб дир г1айиб бугоха. Гьанже дун нужер т1алабазухъ г1енеккила,нужее кумек гьабизеги х1адурав вуго дун. Гьабсаг1ат дунгун яс Салих1ат йиго. Гьелъул яс Аминаги бащдай Бакьагьеч1иса йиго. Гьелъулги исана школа лъуг1улеб буго. Дир хут1арал ясалги, ясазул ясалги Москваялда руго хъулухъалда. Нужер суалазе жаваб кьезеги х1адурав вуго дун». К1удияв шаг1ирасул к1алъаялъухъ х1ухьел ккун г1енеккун рук1ана киналго. Хадуб нижеца шаг1ирасе кьуна концертги.

«Ворея цо, цо вуго нижер Расул»-илан нижеца байбихьарабго Расулил бадиса чвахун рач1ана маг1ил гарал. Гьедин чанго нухалъ рохалил маг1ил ц1уна т1адег1анав, амма г1адатияв, нилъер ракьцоясул берал. Ахиралда нижеца кинацаго ах1ана маг1арулазул гимн:

Гуро гьит1инаб гьеч1о

Гьудулзаби, Дагъистан.

Гьелъул борхалъиялде

Ваха гьедин абулев.

Ахал т1огьода руго

Т1огьал г1аздада руго,

Г1ат1идаб Каспиялда

Гуми лъедолел руго...

Т1адег1анаб, г1агараб

Маг1арулазул улка

Аваданаб Д агъистан.

Ахиралдаги Расулица абуна: «Ц1акъ пикру гьабизе ккараб коллектив буго. Дие ц1акъ бокьана нужер коллектив. Дида бихьана дир поэзиялдехун нужер бугеб рокьи. Гьединлъидал дица paг1и кьола нужер цо ц1алдохъан Москваялда т1обит1изе бугеб дир 80 сон т1убаялъул вечералде цадахъ вачине.»

Гьение нижеца йихьизаюн йик1ана школалъул отличница Дибирова Кристина.

Расулил рокъор дандч1ваялда шаг1ирас нижеда бихьизабуна берцинго маг1ида бараб хъах1аб буртинаги, бухари т1агъурги. Расулица ч1ух1адго бицана гьеб бекьеч1дерица жиндир 50 сонилаб юбилеялде сайгъат гьабун бук1анилан. Нижеца гьелъул суратги бахъун бук1ана. Гьедин ц1унун ругоан Расулица жиндиего кьурал сайигъатал. Дандч1ваялъул ахиралда нижер щивасе сайгъаталъе кьуна жиндирго т1ахьал т1ад ц1арги хъван, гьабуна г1аданлъи, рахъана суратал. Гьедин т1убараб г1умруялъего рак1алдаса унареб лъугьана гьеб дандч1вай. Гьабсаг1атги, жакъа г1адин рак1алда буго Расул Х1амзатовасул босараб тамахаб кверги, гьесул г1исинал ц1алдохъабазде бук1араб рокьул ц1ураб бербалагьиги. Нижее к1удияб талих1 ккана гьев к1удияв инсангун дандч1вазе щвеялдаса. Нижер школалъул цо пионеразул отрядалдаги буго Расул Х1амзатовасул ц1ар лъун. Пионераца гьесул х1урматалда т1орит1ула сборал, къват1ире риччала стендал, альбомал. Расул Х1амзатовасулгун лъик1аб лъай -хъвай ккун бук1ана нижер школалъе 23 соналъ директорлъи гьабурай, хадуб 10 соналъ Хунзахъ райкомалъул 3-абилей секретарьлъун х1алт1арай Ахъаева Пат1иматилги. Расулил 60-го сон т1убаялъул юбилеялда Ахъаева йик1ун йиго юбилей т1обит1иялъул комиссиялъул председатель. Пат1иматица бицунаан гьеб юбилей к1удияб даражаялда, г1уцадго т1обит1ун бук1анилан. Расулида аск1ой ч1ун рахъарал сураталги рук1ун руго. Жийго Мах1ачхъалаялда йик1иналъ суратал нижехъе щвеч1о.

Гьединаб бук1ана Расулилги бекьеч1дерилги бухьен. Бекьеч1дерие Расул вокьула, рокьула гьесул куч1дулги. Наслабаз наслабазухъе кьун ц1унана Расулие инсудасан щвараб бекьеч1деридехун гьесул бук1араб к1удияб адаб-х1урмат ва свин гьеч1еб рокьи.

Гьале 10 сон т1убала Расул нилъедаса ват1алъаралдаса. Амма нижеда гьев к1удияв Инсан, т1адег1анав Маг1арулав Дагъистан дунялалдаго раг1изабурав Расул Х1амзатов киданиги рак1азулъа ине гьеч1о.

Лъикьаго, сункьаго х1инкъуларо дун

Х1асратги канлъиги буго дир каранлъ.

Сункьаго, лъикьаго х1инкъуларо дун,-

Дагъистан кидаго буго дир каранлъ.

Гьит1инаб Дагьистаналдаса бег1ераб раг1ул устар лъана дунялалдаго, дунялалъго ц1алана гьесул куч1дул, Расулил куч1дузе какал рана континентазда, амма киве щваниги Дагъистанги живго гьавурав, г1урав Ц1ада росуги гьес сундухъниги хисич1о. Гьев вук1ана гьит1инаб халкъалъул к1удияв Г1акъил. Нилъ, гьесул ракьцоял ч1ух1ула гьесдаса. Гьев вук1ана нилъер заманаялъул Пушкин. Мунагьал чураги дур, Х1амзатил Расул. Амин!

Къо лъик1, дир муг1рузул г1азулаб хъах1лъи,

Хъвани щиб гьанже кеч1, хъвач1ониги щиб?

Хъвана дуде т1аде Таргъуялъул ракь,

Кьижа х1алхьиялда, маг1арул ч1ух1и.

Гьанже раг1абазул маг1наги хвана,

Маг1ица чурана сордоги къоги.

Къункърабазул кьерда бак1 къварилъана

Къанабакье ана Х1амзатил Расул.

Х1. Г1абдулхаликъов.

П. Нажмудинова, Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул директорасул заместитель
Просмотров: 2355 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 1.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz