Пятница, 29.03.2024, 04:10 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Март » 2 » РАЙОНАЛЪУЛ Т1АЛЪИЯЛЪУЛ РОСАБАЛЪЕ САПАРАЛ.
18:11
РАЙОНАЛЪУЛ Т1АЛЪИЯЛЪУЛ РОСАБАЛЪЕ САПАРАЛ.

Районалъул нухмалъулев Нурмух1амад Задиевас байбихьун буго цебе бук1араб, амма гьал ахирал соназ росабазул бегавулзабазда щаялиго к1очон тун бук1араб, бегавулзабаз жамаг1атгун дандги ч1ван, г1адамазда цебе пуланаб заманалда жаниб гьабураб х1алт1ул жаваб кьей ва гьезул г1узрабазухъ г1енекки.

Гьедин районалъул бет1ер гьаб анкьида жаниб жиндирго заместителалгун, колхозазул председателалгун участковиялгун ва цогидалги жавабиял х1алт1ухъабигун цадахъ щвана районалъул цо-цо росабалъе. 25 февралалда районалъул нухмалъи щвана Г1орут1е ва гьениб спортзалалъул минаялда жаниб т1обит1ана росдал жамаг1атгун дандч1вай. Данделъи байбихьана Нурмух1амад Задиевасул к1алъаялдасан. Дие бокьун буго жакъа нилъ гьанир рак1ариялъул г1илла бицине. Нилъеца вищула росдал бет1ер ва колхозалъул председатель. Амма хадусел рищиязул заман т1аде щвезег1ан, ай 5 соналъ г1адамазда гьел рихьуларо. Гьедин хадусел рищиязул заман г1агарлъулаго гьел ц1акъ г1адамазулгун х1алимлъун, х1еренлъун, гьезул ургъел ч1ван лъугьуна. Гьединаб къаг1ида хвезабизелъун нижеца къот1и гьабун буго щибаб росдал ва колхозалъул нухмалъулев жидерго жамаг1аталда цебе х1исаб кьезе т1амизе. Щайгурелъул, щибав нухмалъулес жаваб кьезе ккола жинцаго т1аде босараб х1алт1ул. СПКялъул председателазда к1очон тун буго гьеб щиб жояли, гьелдасан г1адамазе кинаб хайир бук1ине кколебали. СПКязул председателазда кколеб буго гьеб жиндие ирсалъе щвараб, цох1о живго бет1ергьанаб, цох1о гьезие ва гьезул г1ага-божаразе гурони пайда бук1ине кколареб маг1ишатилан. Дие бокьун буго колхозазул нухмалъулезда гьеб маг1ишат хас гьабун гьел бет1ергьанал гуреб, т1олабго жамаг1аталъул маг1ишат бук1ин ва гьелдасан киназего, дагьаб бугониги хайир бук1ине кколеблъи лъазе. Узухъда, гъутабазда ругел цо чанго хъизамалъе ч1езабун буго токги, газги, лъик1ал нухалги, бекьизе ракьги. Амма гьелдалъун иш т1убаларо. Г1ат1иракьазда ругел 9-10 чиясе маг1ишатги гьабун, СПКял хьихьун нилъеца данде кколаро. Гьез гьабизе ккола росдал жамаг1атазул т1алаб. Щвана нужер СПКялдеги. Абизе ккола гьениб расги лъик1аб х1ал гьеч1илан. Гъутаналда г1умру гьабун ругел г1адамазул г1иц1го 5 чи вуго гьенив х1алт1илев. Киналго руго жидерго г1и-боц1иги хьихьун бигьаяб къаг1идаялда. Нилъер аслияб масъала буго росдал жамаг1ат букъараб зарг1адин цолъун рук1ине. Цоял нахъасан гаргадун, цогидал жалго берцин рихьизе к1алъан, гьединал пишабаз жамаг1ат цолъиялде рачунаро. Жамаг1ат цолъизабиялъул х1алт1и гьабизе ккола росдал бегавулас. Узухъда, райадминистрациялдасан х1ажаталщинахъе г1арац кьолеб бугони, бегавул гьеч1ониги нижедагоги к1велаан росабалъ х1алт1аби гьаризе. Гьединлъидал, щиб кканиги райадминистрациялде рекерич1ого, цадахъ гъеж гурун жамаг1аталъги гьабизе ккела к1вараб х1алт1и. Г1езег1ан руго нужер росулъ гьаризе кколел х1алт1аби. Квешаб х1алалда буго нужер ясли-ах ва школа. Гьел киналго суалал нилъеца цадахъ рекъон т1уразарила»,-ян абуна районалъул нухмалъулес.

Гьелдаса хадуб жамаг1аталда цебе бюджеталъул ва гьабураб х1алт1ул х1исаб кьуна росдал бегавул Мух1амадов Мух1амадрасулица. Гьедин араб соналъ росдал советалъул бюджет бук1ун буго 2 миллионгун 449 азарго гъурущ. Гьелдасан 300 азарго гъурущ кколел руго налогал, амма г1адамаз 50 азарго гъурущ гурони налогал рак1арич1олъиялъ, г1олеб бук1инч1еб 230 азарго гъурущ босун буго бюджеталдаса, ай хут1ун буго 2 миллионгун 200 азарго гъурущ. Гьеб г1арцудасан аппараталъул х1алт1ухъабазе харжазе кьун буго 840 азарго гъурущ, росдал администрациялда токалъухъ 33717 гъ., компьютеразе программабазухъ 27292 гъ., маг1ишаталъулал харжал (хозрасход)-15000 гъ.,к1иго соналъе транспорталъулаб налог-16000 гъ., ВУС-62000 гъ., къват1ахъ ругел чирахъазухъ-60000 гъ., электриказе харж-94704, росулъ парк гьабизе босараб материалалъухъ-262000 гъ., гьениб гьабураб х1алт1ухъ-335610 гъ., культураялъул рукъалъе-(начислениялгун цадахъ)-149810 гъ. Г1адамазул рах1ат хвезабулел суалаздасан рук1ана чанго соналъ бачунеб бугеб, амма жеги росулъе щвеч1еб лъимги, ясли-ах г1ат1ид гьабизе ккейги, токалъул г1ураб т1адецуй гьеч1олъиги. Гьел киналго суалал т1уразе бажарараб жо гьабилилан абуна районалъул нухмалъиялъ. Росдал СПКялъул председатель Сулейманов Мух1умаг1алица бицана маг1ишаталда бугеб ах1вал-х1алалъул. Гьес бицана жакъа СПКялъул заг1ипаб гурони маг1ишат гьеч1илан, рехсана гьелъие ккарал г1иллабиги. Жамаг1аталдехун к1алъай гьабуна районалъул полициялъул начальникасул заместитель Маликов Шамилицаги.

27 февралалда районалъул нухмалъиялъ сапар бухьана Г1ахьалч1и ва Т1ануси росабалъе. Т1оцере щвана Г1ахьалч1и цебесеб сордоялъ сардилъ ц1а ккун бух1араб Набиевасул минаялде. Рокъор рук1арал эбелги васги х1ат1ал-кверал рух1ун больницаялда ругин бицана. Районалъул нухмалъиялъ абуна к1вараб кумек гьабилин къварилъи ккаразеян. Гьенисан киналго рак1арана росдал клубалде. Росдал бегавул Х1усенов Хизрица бицана араб соналъ гьабун бажарараб х1алт1ул. Гьесул раг1абазда рекъон Т1асияб Г1ахьалч1и 1,5 км манзилалда чабах бан къач1ан буго нух, гьелда харж гьабун буго 620 азарго гъурущ. Гьединго чабах баччун буго Г1ахьалч1и, Тумагъари ва Хьимакъоро. Хисун буго къват1ахъ 25 чирахъ, лъун буго 250 кВТалъул ц1ияб трансформатор, 17 х1уби ва бачун буго 3 км токалъул кваразул. Г1ахьалч1и, Т1асияб Г1ахьалч1и ва Ахтини гьабун буго 3 лъималазулаб площадка, гьединго къач1ан руго лъел мухъалги. Араб соналъ бат1и-бат1иял справкабазда, документазда хадур ва цогидалги къвариг1елаз росдал советалде гьабун буго 760 хит1аб. Гьел киназего кьун руго жавабалги. Росдал «Энгельсил» ц1аралда бугеб СПКялъул председатель Мух1амадов Г1абдулаца бицана маг1ишаталда бугеб ах1вал-х1алалъул, аслияб къаг1идаялъ г1ехьелдерил жамаг1аталъулги рах1ат хвезабун бугоан добго токалъул г1ураб т1адецуй гьеч1олъиялъ.

Г1ахьалч1исан сапар бухьана Т1анусибе. Гьенибги г1иц1го к1иго моц1 буго х1алт1уда бан гьеч1ониги советалда гъорлъе унел росабазда бугеб х1алалъул ва гьабураб х1алт1ул бицана бегавул Айгубов Х1ажица. «Машгьурал г1адамал» СПКялъул председатель Мух1амадов Зиявудиницаги х1исаб кьуна маг1ишаталда бугеб ах1вал-х1алалъул. Росдал жамаг1аталда гьоркьор рук1ана г1и-боц1и хьихьизе, хур-хер гьабизе бокьарал, амма гьелъие рес гьеч1ел г1олохъабиги. Гьез ц1ехана жидее кумекалъе пачалихъияб программа бук1унарищан.

Гьединаблъун бук1ана районалъул нухмалъиялъул гьаб анкьалда росабалъе гьабураб сапар. Гьединал сапарал графикалда рекъон, гьаризе руго цогидал росабалъги.

И. Мух1амадов.

Просмотров: 429 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz