Т1олабго улакаялдагог1адин нилъер районалдаги гьал къоязда к1одо гьабуна Афгъанистаналда рагъулаб борч т1убазабурал ва гьелъие г1оло г1умру кьурал рагъухъаби-интернационалистал рак1алде щвезариялъул къо. Исана 30 сон т1убана Афгъанистаналдаса советияб армия нахъе бачаралдаса. Гьеб гургинаб тарихалъул х1урматалда районалда т1орит1ана бат1и-бат1иял тадбирал. Районалда байрам к1одо гьаби байбихьана 15 февралалда радалго Афгъанистаналъул рагъулъ щапарав бах1арчи, Баг1араб Ц1ваялъул кавалер Т1анусиса Г1алиханов Шамил Г1абдулкъадирович рак1алде щвеялъул мурадалда гьесул г1агараб росулъ районазда гьоркьоб волейболалъулаб турнир т1обит1иялдасан. Гьоеб рагьиялде г1ахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, бах1арчиясул гьудул-гьалмагълъиялъ, г1ага-божараз, районалъул спорт бокьулез ва цогидазги. Х1алуцарал х1аязул х1асилалда т1оцебесеб ва к1иабилеб бак1ал росана Хунзахъ районалъул командабаз, лъабабилеб бак1алде бач1ана Болъихъ районалъул команда. Гьелдаса хадуб райцентралда районалдаса Афгъаназул рагъул г1ахьалчаг1игун цадахъ кьуч1 лъуна гьезие базе бугеб памятникалъе. Гьеб кколаан нилъер районалъул афгъанцазул цебегосеб анищ. Гьенисан киналго къокъана Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул к1алг1аялде. Гьениб фоеялда т1обит1ана районалъул администрациялъул ва культураялъул рукъалъул х1аракаталдалъун г1уц1араб ихтилат-кеп. Тадбир рагьана ва ахиралде щвезег1ан нухда бачана районалъул культураялъул рукъалъул х1алт1ухъан Г1айшат Тажудиновалъ. Афгъанистаналъул рагъухъаби-интернационалистазда баркун к1алъаял гьаруна районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас, гьесул заместителал Х1амид Гьит1иновас, Асадг1али Г1абдуразакъовас ва цогидазги. Районалъул нухмалъиялъул рахъалдасан кьуна гьезие сайгъаталги. Ахиралда афгъанцазул рахъалдасан жидее г1уц1араб тадбиралъухъ баркала кьуна Гьоц1алъа Гьит1инов Мух1амадица.
И. Мух1амадов
|