Суббота, 21.12.2024, 15:12 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 2
Гостей: 2
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Ноябрь » 27 » ОГЬ,РИЩИЯЛ,РИЩИЯЛ…. ЖУЛИКАЗУЛГИ Ц1ОГЬАЗУЛГИ ПАРТИЯЛ, ЦОЛЪЕ НУЖ!
16:30
ОГЬ,РИЩИЯЛ,РИЩИЯЛ…. ЖУЛИКАЗУЛГИ Ц1ОГЬАЗУЛГИ ПАРТИЯЛ, ЦОЛЪЕ НУЖ!

Т1аде щолеб буго 4 декабрь… Гьаб нухалда нилъеца рищизе кколел раг1ула Россиялъул Пачалихъияб Думаялде 6-абилеб ах1иялъул депутатал. Рищиязул политикаялъул богорукъ бич1ч1уларев избиратель къосун ккезе бегьула лозунгазулги улкаялда ругел пенсионеразулги, ресукъазулги, студентазулги бугеб инжитаб г1умруялъул бицунел роликазулги г1емерлъиялъ. Бит1ахъего абуни, бадиб маг1у хулизе бач1уна пенсиялъул кепказухъ рахьги щвеч1ого нахъ юссун яч1уней гъаримай к1одоги, гьелдаго релълъарав, гьелъ кваназе жо бач1иналъухъ балагьун ч1арав унтарав херавги рихьидал, рек1екълъула улкаялда ругел наркоманазул, т1ахьал ц1алуларезул, гьекъел-мехтелалъ къадаралде щваразул процентал экраналда паркъезаридал. Г1ажаибаб х1ужжа! Гьелщинал г1унгут1абазулги, хвасарлъиялъе жидедаго рихьулел шагьранухазулги дамдамаяб Думаялъул хинаб бак1иде хьул лъуразда рак1алде щун батула г1иц1го рищиязда цебе. Ункъабго соналъ мандатги кодоб ккун, цок1алго г1адатаб халкъалъе пайда гьеч1ел  ва лъицаниги т1уразаруларел законал къабул гьарулел жалго рук1араб мехги рак1алдаса ун батула гьезда… Анц1-анц1 саназ политикаялъул хъах1баханаялда гьоркьорги рук1ун, т1екълъиялда т1ад рекъон руц1ц1ун ч1ун рук1аразул къавмалда гьоркьосел руго жакъа «нилъее г1оло» барахщич1ого эфиралъухъ г1арацги кьун, «Киназего х1ажат буго рит1ухълъи!», «Г1ела, х1ехьон ч1арал!», «Нижеца ц1унила нуж!»-ян ах1и балел чаг1и.

Щалха гьел, зама-заманалдасан бищун къиматаллъун ва х1ажаталлъун лъугьунел нилъер гьаркьал щванани, «роц1араб» бук1инесеб кодосел ва г1адатал г1адамазул г1асиго «ургъел бугел» чаг1и?

Гьаб нухалда, талих1алъ, гьединал «сахаватчаг1и» г1иц1го 7 партиялдасан гурого гьеч1о: ЕдРО (щаяли гьеб партиялда г1адамаз лъураб гьеб къокъабго т1ок1ц1ар ц1ик1к1ун рекъон ккола гьелъул х1акъикъияб «Цогояб Россия» ц1аралдаса) т1алъиялда данде кидаго кьал ах1арал, амма гьелъул х1асилго кколарел КПРФалъулал, г1урусал гурел, хут1арал киналго рихарав жугьут1асул ЛДПР, дораса-аниса жамг1иял г1уц1аби данде к1ут1араб, «Россиялъул патриоталан» жидецаго пахруяб ц1ар лъуразул къокъа, т1алъиялъул партиялъул т1инч1лъун ва т1амунчаг1аздасан г1уц1араблъун жиб рик1к1унеб «Правое дело», чан соналъ жиб Думаялде бищаниги, жидедасан халкъалъе баракат бахинч1еб ва ч1обогояб харбида хут1араб барщич1еб лъаларо, турараб лъаларо пихъ-мич1 «Яблоко», жал Путинихъан ругин, амма «Цогояб Россиялде» данде ч1арал кколин г1акълуялда дандего кколарел далилазул бет1ергьаби «Справедливая Россия» партиялъулал. Федерациялъул Советалда вук1ун щибго гьабизе к1веч1ев гъелъул лидерас меседил муг1рул рук1инарилилан «кьварараб» раг1и бицунеб буго жакъа нилъее.

Т1оцересел кандидатаз, щаяли жидерго партиялъул аслияб иг1ланлъун т1аса бищун буго «Жуликалги ц1огьалги гьеч1еб партия»-ян ах1и. Цо машгьураб кици раг1ун бук1анищ нужеда « Ц1огьорасул г1адалъ ц1аян»? Гьеб рак1алде бач1ана гьаб бак1алда циндаго.

Нужеего цо кепаб х1ужа-«Левада-центр» г1уц1иялъ гьабураб ц1ех-рехалда рекъон, 33% россияназул т1ад рекъон буго гьелда гьоркьор г1иц1го ц1огьалги жуликалги ругин абуралда, 47% респондентазул гьеб пикруялда т1убанго разилъун гьеч1о,9% г1адатал россияназ абун буго, гьеб гьедин батаниги, жал гьеб х1ужжаялъ расги нечезарулел гьеч1иланJ. КПФРалъе гьаркьал кьолеллъун, гьай-гьай, рук1ина (улкаялда гьединал хут1ун ратаниха) рекьарухъабазулги интеллигенциялъулги дагьа-макъалго вакилзаби ва к1удияб армия пенсионеразул. Т1ок1азда «социализмалъул бакъул хинлъи ч1вач1елъул», гьезда кинго бич1ч1изе гьеч1о аралде нахъруссиналъ кинаб «лъик1лъи» гьезул г1умруялда рещт1ине  бугебали.

Гьанже бицинин «нилъги хирияб, нилъееги хирияб» ЛДПРалъул. Гьал гьалмагъзабазул руккалилъ бищун ц1ик1к1ун раг1ула уголовнияб тамих1алде ц1аразул къадар. Мисал. Свердлов областалдасан Пачалихъияб Думаялда гьабсаг1ат вугев депутат В. Таскаев, щуго нухалъ ах1ун вук1ун вуго тамих1алде, амма Жирик х1алае вахъун щиб, жиндирго чвантил бак1лъи бергьун щиб, гьев хвасарлъун вуго маххул хьуриялда гьоркьосан зоб бихьиялдаса.

Рехселин гьаб нухалдаги Думаялде ишан босарав гьев «элдепеэровцасде» г1унт1изабурал статьябазул цо-цоял: ст. 158 (кража), ст. 222 (незаконное хранение боеприпасов и оружия), ст. 159 (мошенничество) ва гьел гурел цойгидалги г1емерал «вагьецеял»… Бицен буго ЛДПРалъул т1алъиялъ (Жириновскияс ва гьесул васас-авт.) рекъараб багьаялде т1алъи кодосезе ричулин жидеего щварал мандаталан. Гьединлъидал, немцазул автоялда гурони рек1унарел ва к1иго-лъабго гурого хъала гьеч1ел, «мискинал» товарищал цодагьалъниги бечелъизе, кье гьезие гьаркьал, х1урматиял избирателал!

«Яблоко» ялъулги г1иц1го Явлинский дадал «Я» хут1ун бугилан буго бицунеб политологаз. Гьесул жиндирго жиндихъго ккараб рокьуца т1ок1ав чиясухъ г1енеккулареб г1амал рихун буго гьесулгун партияцояздаги. Партия г1уц1ун бук1ун буго 1993 соналъго, пикруцоял Явлинский, Болдырев, Лукинги данделъун (гьезул ц1аразул байбихьул х1арпаздасан бач1араб буго партиялъул ц1арги). Амма щаяли, партиялъул лидераз бицунеб гьеч1о партиялъул ц1ар г1уц1улелъул алфавиталъул тартиб ц1унун, Болдырев цеве, хадув Лукин ва бищун нахъа Явлинский лъун вук1аравани, щиб г1ажаибаб г1уц1и гьелъул лъугьине бук1арабали.

Палх1асил, чан партия гьал рищиязда батаниги, гьел киналго руго ц1огьазулги жуликазулги г1уц1аби ва халкъалъул ургъел гьабун,законал къабул гьарулеб идараялде вач1унев инс гьезда гьоркьов гьеч1о. Лъик1аб бук1инаан, рищиязда цебеги рищиязул къоялъги бералги г1акълуги риххун лъугьине г1адамал теч1ого, гьел киналго цолъизарулебани. Думаялда ц1ик1к1унисеб къадар мандатазул ва законал къабул гьарулелъул иш «цойиде» ккезабулеб гьаракьалъул ихтияр лъихъе ккезе бугебалиги, бат1аго лъиего балъголъи гурелъул жакъа, «рищич1ого рищиял т1орит1и» бихьула г1иц1го г1ададисеб заманч1вайлъун. ЦО г1акъилас абухъе, « Рищиял т1орит1иялъ щибниги хисизабизе бук1арабани,гьел нек1ого хвезарун рук1инаан». Демократиялъул рищиялин ц1ар тараб г1ала-гъважаялъул буго  жиндиего хасиятаб, хиси гьеч1еб цо г1аламат-  гьезда Наполеоница абухъе: «Аслияв чи ккола рик1к1унев»… Рик1к1е, избирком, рик1к1е!...

П. Мух1амадова. Хунзахъ районалъул « Росдал зах1матчи» газеталъул редактор

 


Просмотров: 608 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz