Пятница, 29.03.2024, 00:02 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Март » 29 » НУЖЕР Г1УЗРАБИ ГАЗЕТАЛЪ К1ВАР БУССИНАБИЧ1ОГО ТЕЗЕ ГЬЕЧ1О.
17:44
НУЖЕР Г1УЗРАБИ ГАЗЕТАЛЪ К1ВАР БУССИНАБИЧ1ОГО ТЕЗЕ ГЬЕЧ1О.

.Гьамущи гьоркьохъеб школа ккола районалдаго к1удиязул цояб. Жакъа къоялде школалда ц1алулев вуго 223 ц1алдохъан. Цогидал росабалъго г1адин, Гьамущи гьоркьохъеб школалде рач1унел лъималазул къадарги дагьлъулеб буго. 2001 соналде дандеккун цалдохъабазул къадар 60 чияс дагьлъун буго. Гьелъие ругел г1иллабазул цояблъун школалъул директор Шагьрудин Мухамадсайгидовас рик1к1унеб буго г!олохъанал хъизамал бет1ербахъиялъе (заработкабазе) гочине кколел рук1ин. Школалда х1алтулев 50 учителасул буго хасаб лъай, киналго предметал рачунел руго данде кколеб лъай бугел учительзабаз. Амма учительзабазе г1олел дарсал гьеч1олъиялъ, харжал ц1акъ дагь руго. 27 учитель х1алт1улев вуго т1убач1еб нагрузкаялда. Учителасе мухь кьеялъул ц1ияб къаг1идаялъги харжал дагьлъиялде рачанилан абуна директорас. Гьедин бугониги бажарараб х1алалда х1алт1улел ругин учительзабиян бицана гьес.

 Соналдаса соналде цӀалдохъабазул цӀалуде, лъаялде рокьи дагьлъулеб бугила. ЛъикӀаб, ургъел бугеб бербалагьи гьечӀила лъималазул цӀалуде эбел-инсулги. ЕГЭ тӀобитӀулеб къагӀидаялдаги рази гьечӀоан директор. Гьанже ЕГЭ «эбел-инсуца кьолеб букӀиналъ» цӀалдохъанасулъ ургъел гьечӀолъи бижизабулеб бугила, жавабчилъи лъугӀизабулеб бугила. ЛъикӀаб букӀинаанила мустахӀикъал гурел, данде кколеб лъай гьечӀезе аттестатал кьоларелани. ЕГЭ тӀобитӀулеб къагӀида дагьабго къвакӀизабураб соналдаса хадуб цӀалдохъабазулги эбел-инсулги цӀалудехун бербалагьи лъикӀаб рахъалдехунхисунбукӀанила. Хадусел соназ гьарурал ЕГЭяз гьезулъ рукӀарал лъикӀалщинал рахъал лъугӀизарунила. ЦӀалул тӀахьазул ахӀвал-хӀал, хасго байбихьул классазда лъикӀ гьечӀила. 3-4 классалъул математикаялъул тӀахьал росизе директорас гӀурабго кӀодолъиялъул харжал жиндирго чванитинисан гьарун руго.

КӀиго росулъа лъимал цӀалулеб школалда рачӀин квешаб гьечӀин тана. Ӏ-4 классазда, директорасул рагӀабазда рекъон, дарсдаса цӀалдохъан ками къанагӀатаб жо буго. ТӀоцересел дарсазде цӀалдохъаби кватӀун рачӀунел руго, рикӀкӀа-рикӀкӀадаса хьвадизе ккеялъ. Щибаб къойил 5 дарсде рачӀарал лъималазул къадаралде балагьун, анкьил хӀасилал гьарулел руго. Гьелъги цо къадаралъ кватӀи-ками дагь гьабиялъе квербакъулеб буго. Ками-кватӀи дагь гьабиялъеги цӀалул качество борхизабизеги гӀадин чара гьечӀого къваригӀунила школалъулги эбел-инсулги цадахъаб, рекъон гьабулеб хӀалтӀи, кӀияздаго гьоркьоб щулияб бухьен.

ЦӀалдохъабазе тарбиягун лъай кьеялде эбел-эмен гъорлъе цӀай, гӀахьал гьари бигьаяб иш гурилан абулеб буго директорас. ЗахӀмалъулила эбел-эмен жидерго лъимал цӀалулеб классалъул умумузул данделъиялде рачӀинаризецин.

Школалъул ругел гӀузрабазде, къварилъабазде гьоркьобе директорас рехсана школалъул мина цӀа ккеялдаса хӀинкъараб цӀулал щитазул букӀин ва спортзалалъул пол турун букӀиналъ цӀалдохъабазул сахлъиялъе хӀинкъи букӀинги. ТӀурччи-цӀулал хасалоялде гӀураб нахърател бугила.

ГьабсагӀат тӀад бан унеб буго школалда газетал-журналазе подписка гьаби. 20ӀӀ соналъ школалде бачӀине буго 30 «Р.З» газета. Цо-цо цӀаракиялда кӀиго учитель вукӀинги хӀисабалде босани, районалъул газета хъвалезул къадар дагь гьечӀин абизе бегьула. Школалъул директорас цӀакъ какана газетал-журналал гьезул бетӀергьабазухъе заманалда щвезарунгутӀи. Газетал кватӀизариялъул гуреб камизариялъул хӀужжабиги рукӀунила. «ХӀакъикъат», «Молодежь Дагестана» кӀиго моцӀалъги почалда бегизабиялъул хӀужжаби рукӀанила. Гьелда дунгоги разияв вуго. 4 ноябралъул «ХӀакъикъат» газета подписчиказухъе щвечӀого бугоан ниж Гьамущи ругел декабралъул къоялъги. Шарапудинил рагӀаби ритӀухъ гьабулеб Мущули почалъул отделениялъул хӀалтӀуе лъикӀаб гуреб къимат кьолеб цоги хӀужжа рехселин.

11 ноябралъ дир гьудул ГӀабасил МахӀамадица хъвараб Мущули почалъул отделениялъ штамп чӀвараб кагъат дихъе БуцӀрабе щвана гӀицӀго Ӏ3 декабралда. Гьебни гьедин букӀаниги кӀваричӀоан, ГӀабасилас дун гьудулзабазул аманатазул ургъел гьабуларев чилъун рикӀкӀун ватиларищ! Гьеб цогидазул таса-махӀлъи дир гӀайиблъун ккана.

ТӀад руссинин газета-журналазул подпискаялде. «Р.З.» газета школалъул директорас битӀахъего редакциялдаса босулеб буго, заманалда учительзабазухъе щолебги буго. Гьединлъидал, «Р.З» хъвалебги буго. Заманалда щоларел централиял ва республикаялъул газетал хъваялъулъ захӀмалъаби руго. ГӀайибги гьабиларо. Цоги хӀужжа. Авар мацӀалъул РУОялъул хӀалтӀухъабаз еццулей лъикӀай учитель ПатӀимат МухӀамадовалъ гӀарз бахъулеб буго литератураялъул дарсаздаги дарсал тун къватӀибехунги цӀализе тӀадеги материал щолеб гьечӀилан. Гьебго заманаялъ я школалъул библиотекаялде, я авар мацӀалъул учительзабазе бачӀунеб гьечӀо «Гьудуллъи» журнал. ГӀилла-щунгутӀизе гурин хӀинкъи. Кин бугониги, ПатӀиматица исана хӀалбихьиялъе «Гьудуллъи» хъвазе къотӀи гьабуна. Дица гӀажаиблъи гьабулеб жо-щай бичӀчӀиги лъайги бугел учительзабазулгӀаги жидерго ихтиярал цӀунун цере рахъине таваккал гӀолареб. Щай анкьие 3 нухалъ почта босизе почтальон тӀамуларев. Нилъее почалъулал хъулухъал (услуги) гьабуралъухъ гурищ почтальонас гӀарац босулеб бугеб? Рес буго гури Мущули почалъул отделениялъул нухмалъулей Дибирова ХӀапизатил жиндирго почтальонал графикалда рекъон хӀалтӀизаризе.

Физкультураялъул учитель КъурамухӀамадов Зубайирил унтараб суаллъун бугоан спортзалалъул пол турун букӀун, букӀине кколеб даражаялда занятиял гьаризе бажарулеб гьечӀолъи. Полал турун ругоан залалда гурелги спортзалалъул цогидал помещенияздаги. Школалъул директорасулго гӀадин, физкультураялъул учителасулги хьул бугоан районалъул цӀи вищарав бетӀер ХӀ. Дарбишевасде.

Къокъабго заманалъулаб сапаралда, дие гьеб цӀакъ бокьун букӀаниги, рес букӀинчӀо школалъул учительзабигун гӀодобе биччараб, ракӀ рагьараб хабар-кӀалалъе. Нуж дида божа школалъул хӀакимасулгун гьабуралдаса нуж, гӀадатал учительзабигун гьабураб гара-чӀвари, кӀалъа-бацай дие анцӀго, нусго нухалъ интересаб букӀинаан. ЧӀванкъотӀараб кумек гьабизе кӀвечӀониги, нужер унтаби-гӀузрабазухъ «Р.З» газета кӀвар кьун балагьизе буго. Хъвай нижехъе. Газеталъул редакция кидаго хӀадураб буго нужер унтабазул, тӀалабазул бицине, газеталъул гьурмаз-да барахщичӀого нужер макъалабазе бакӀ кьезе, нужер гӀунгутӀаби рорхизе.

Редакция хӀадураб буго газеталъул гьурмазда жавабалъе гьелъие рес кьезеги.

Просмотров: 885 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz