12 декабралда, РФялъул Конституциялъул къоязда хурхун, районалъул нухмалъулев Нурмух1амад Задиевас г1адамал т1аде къабул гьаруна. Гьев г1енеккана киналго т1аде рач1аразухъ.
Г1емер рук1ана х1алт1и балагьун рач1арал. Гьединго Г1ободаса ва Хунзахъа чаг1и рач1ун рук1ана жидеего ва лъималазе х1алт1и ц1ехон. Гьезие жаваб кьуна гьабсаг1аталда районалда х1алт1аби гьеч1ин, амма г1арзаби хъван тейин, х1алт1улал бак1ал рахъаралго, конкурсги гьабун, гьезул г1арзабазухъги хал гьабизе бук1инеян. Бакьагьеч1иса ч1ужуг1аданалъул гьари бук1ана хъизан гьабизе мина къач1алев вугев васасе гьабулеб кумек бук1унарищан. Мина бух1арал, г1умрудул ц1акъго зах1матаб ва рес къот1араб ах1вал-х1алалде ккаразе гурони, гьедин мина къач1азеян бихьизабураб г1арац бук1унарилан бич1ч1изабуна гьелда. Жидерго хасал суалалгун гурелги, рук1ана жидерго росу-ракьалъул къвариг1елаз рач1аралги. Мисалалъе, ч1андадерил жамаг1аталъул вакилзаби рач1ун рук1ана росулъе т1абиг1ияб газ бачиналъул х1акъалъулъ ва канализациялъул мухъал гьариялъул рахъалъ, т1асияб соналдехун росулъе хъах1илаб ц1атари бачине рак1алда бугилан абуна гьезда. Буц1улдерил жамаг1аталъ гьарана росдал садикалда т1адеги цо группа рагьизе ва нух къач1азе санаг1алъи кколарищилан. Таксиялъул «Магмус» фирмаялъул вакилзаби рач1ун рук1ана жидер интересал хвезарулел ругилан г1арзалъ. Гьез бицана т1убараб автостанция ккун бугин цо пуланаб фирмаялъ ва цогидал фирмабазе гьелъул к1удияб квалквал бугилан. Гьезие жаваб кьолаго районалъул бет1ерас абуна кват1ич1ого, ц1ияб соналдаса хадуб т1обит1изе бугин киналго районалъул предпринимателазул данделъи ва гьениб гьоркьоб лъелин гьезул суалгиян.
Рик1к1ада росабалъа г1адамалгун дандч1валаго Нурмух1амад Задиевас абуна гьит1инал росабаздеги к1вар кьезе кколилан. «Киналго районцоязда бич1ч1изе ккола Хунзахъ росу районалъул центр бугелъул гьениб нухалги цогидал шарт1алги т1адег1анаб даражаялда ч1езарун рук1ине кколеблъи. Амма гьелъул маг1на кколаро цогидал росаби рехун тезе бегьулин абураб. Гьит1инал ва рик1к1ада ругел росаби ц1унизе ккани х1аракат бахъизе ккола гьенир дагьалг1аги шарт1ал г1уц1изе. Гьединлъидал, дица кидаго абула, мисалалъе 10 гъурущ райцентралда хвезабулеб бугони, 1 гъурущниги цогидал росабазеги биччазе кколилан. Х1аракат бахъизе буго цогидал росабазеги х1ажатал шарт1ал ч1езаризе, амма гьеб х1алт1и циндаго гьабун бажаруларелъул, гьари буго сабур гьабеян»,- ян абуна гьес.
Кинабниги гьеб къоялъ Нурмух1амад Задиевас халгьабуна 11 хит1абалъухъ.
И. Мух1амадов.
Фото.
|