-ГӀаммаб лъай кьеялъул
учреждениязде нилъер хӀукуматалъ кьолеб кӀвар къойидаса-къойиде цӀикӀкӀунеб
буго. ГӀуцӀун буго «Лъай кьей» миллияб проект. Педагогияб ишалъулъ тӀадегӀанал
хӀасилал рихьизарурал мугӀалимзабазе кьолел руго хӀалтӀуде гъира базабиялъул
мурадалда грантал ва гь. ц. культураялъул ва искусствалъул бутӀаялда кинал рукӀаниги
хиса-басиял ругищ?
- Гьал ахирал соназда
цебеялде дандеги культураялде ва искусствалде кьолеб кӀвар тӀадеялдаса тӀаде цӀикӀкӀунеб
буго. Культураялъул Министерствалъул, хӀукуматалъул бетӀер В. В. Путинил буго
2008-20Ӏ5 соназда «Культураялъул ва искусствалъул бутӀабазда лъай кьей цебетӀезабиялъул»
концепция. Буго 2008 соналъул 25 августалда бахъараб № Ӏ244-р бугеб хӀукму ва
гьелда рекъон гӀуцӀараб план, программаги. Хьул буго культураялъул ва
искусствалъул хӀалтӀи цо заманалда чӀезе тун букӀараб хадубккун цебетӀун
иналде.
-Араб соналда искусствалъул
школа гӀуцӀаралдаса бана 50 сон.Лъазе бокьилаан гьел
соназда жаниб кинал церетӀеял, нахъеккеял, щиб мурад гьеб школалъул бугебали.
- Щибав чиясул мурадлъун
букӀине ккола нилъер гӀагараб ВатӀан бокьи, гьелъул миллатал, гьелъул культура
ва тарих цӀуни.Тарихалдасан нилъеца босула
хӀалбихьи. Гьелдасан кьучӀ лъола букӀинеселде. БатӀи-батӀиял халкъазул гӀакъилзабазул
букӀуна цо пикру: жидер тарих, умумуца нахъа тараб нух, кӀочон тараб миллат,
кигӀан гӀемераб халкъ гьезул батаниги, миллатазда гьоркьоса хехго билулеб тӀагӀунеб
бугилан абураб. ХӀисаб гьабураб мехалда жакъа къоялда бичӀчӀизеги, роцӀцӀинабизеги
цӀакъ кутакалда захӀматаб хӀал буго нилъер миллияб культураялъул. Щибаб магӀарул
районалда, росабалъ буго умумуз тараб бечедаб рухӀияб тарих. Амма гьеб бечелъи
цӀунизе гьабсагӀат цӀакъ захӀмат буго, щайгурелъул нилъер гӀадамал рикӀкӀалъулел
руго гӀасрабаз цӀунарал гӀадатаздаса, нилъерго ракьалъул культураялдаса. ГӀемерисезда
лъалеб гьечӀо нилъерго магӀарул мацӀгицин. ТӀагӀун унеб буго пандур, зурма,
къолол гьаракь. ГьечӀо церегӀадинал дандеруссинал, батӀи-батӀиял къецал, хӀаял,
оцбай, къоно рехи, гвайбай, лапто кьаби, хӀанчӀикӀал бачин,
рахчирукъзал хӀай. Къо бахъанагӀан тӀагӀун унеб буго гьудуллъи, вацлъи,
гьоболлъи. Гьеб киналъего гӀайибияллъун дица нилъго рикӀкӀуна. Абула замана
хисун бугилан. Заманаялъе лъугьараб жо щибниги гьечӀо, нилъго гӀадамал хисун
руго, хварасулги, гӀурасулги щибниги къимат гьабулеб гьечӀо. ТӀагӀун унеб буго
миллияб культура. Щивав чиясда жиндасаго тӀадегӀан лъезе ккола миллат, ВатӀан.
Гьеб мехалъ букӀуна цебетӀей. Жакъа къоялда жаниб
районалъул искусствалъул школалъ аслияб кӀвар буссинабун буго рухӀиял рахъал
церетӀезариялде, кӀочон унел ругел магӀарул гӀадатал цӀигьариялде, росабалъги,
районалдаги, республикаялдаги тӀоритӀулел хал гьабиял, къецал, выставкаби тӀадегӀанаб
даражаялда иналде, цӀи-цӀиял къагӀидаби ратун хӀалтӀухъабазул хӀалтӀи камил
гьабиялде. Гьеб мурадалда гӀемерисел районалъул росабалъ рагьун руго
искусствалъул школалъул филиалал. Гьезие тарбия кьолел руго жидер тӀадегӀанаб
ва гьоркьохъеб лъай бугел преповадателал. Гьезда гьоркьосан 8-ял ккола ДРялъул
культураялъул мустах1икъал х1алт1ухъаби.
Школалда буго чанго батӀияб
отделение:
Ӏ. Художественнияб. Гьелда
гьоркьобе уна:
цӀулада ва ганчӀида бекӀкӀи,
салмагал ресси, хьухьари, цӀулада бухӀи (выжигание), графика.
2. Музыкалияб
отделение:
баян, фортепиано, пандур,
ямаха, хор, сольное пение.
3. Циркалъулаб
отделение: жонглирование, палугьаби.
4. Театралияб
отделение.
5. Хореографиялъулаб
отделение: фольклоргун хореография.
Гьал киналго отделениязда цӀалулев
руго 450 цӀалдохъан, 37 преподаватель, 7 концертмейстер. Гьел отделениязул
преподавателазда тӀадаб буго лъималазе байбихьул художественныяб,
хореографиялъулаб, музыкалияб лъай кьезе.
-Гьал къоязда
искусствалъул школалда дагьаб хӀалуцин, жигараб багъа-бачари буго...
- ГьабсагӀаталда ниж хӀадурулел
руго республикаялда март, апрель моцӀазда тӀоритӀизе ругел халгьабиязде,
конкурсазде, выставкабазде. Гьел тӀоритӀизе руго ӀӀӀ
туралда. Т1оцебе росабазул филиалазда, финалалда районалда ва республикаялда. Программа хурхараб буго
исана юбилейги бугелъул Дагъистаналъул халкъияй поэтесса, нилъер ракьцояй Фазу
ГӀалиевалъул творчествалда. БакӀ ккун букӀаго абичӀого гӀоларо гьединал халгьабиял
тӀоритӀана районалъул лъай кьеялъул управлениялъул жигарчилъиялдалъун
районалъул школазда гьоркьобги. Бокьилаан хадубккун гьединал тадбирал тӀоритӀулелъун
искусствалъул школалъул хӀалтӀухъабаздаги дандбазе, гьединго коллективазе
къимат кьолелъул комиссиялде гьоркьоре специалистал ккезаризеги, щай гурелъул
кигӀан РУОялъ тӀоритӀулел халгьабиял рукӀаниги, гьел лъимал хӀадурулел хӀалтӀухъаби
гӀемерисел искусствалъул школалъул хӀалтӀухъаби кколелъул. Гьедин гьабуни,
къимат кьезеги бигьа букӀинаан, ритӀулел положениялги цин РУОялъ ритӀун, цинги
искусствалъул школалъ ритӀун гьаричӀого, лъагӀалие цо гӀаммаб положениеги
гьабун, цодагьаб къоги кӀодолъараб, хинлъараб апрель-май моцӀазда тӀоритӀизе
тани. Гьеб цохӀо дирго пикру гуро, гьеб буго гӀемерисел школазул
директорзабазул ва лъимал гьединал тадбиразде хӀадурулел хӀалтӀухъабазул пикру.
- ХӀалтӀи
бачунелъул нужеда дандчӀвалел захӀмалъаби ругищ?
- ХӀалтӀул план тӀубазабулелъул
хӀажат букӀуна гӀуцӀарухъанлъиялъулъ мухӀканлъи гуребги, материалияб рахъги.
Жакъа къоялда жаниб нижее захӀмалъи буго лъимал кире рачунел ругониги нижго бетӀергьанаб
техника, хӀажатал музыкалиял алатал, аппаратура, кьурдул ратӀлил формаби гьечӀолъиялъул.
Гьел росизе ккани гьабсагӀаталда гьелъие гьечӀо гӀарац. Школалда занятиял тӀоритӀулелъул
гьечӀо хинал помещениял. Бокьилаан цо нижго бетӀергьанаб помещение-зал базе бакӀ
кьуни, хӀасилалги гьеб мехалъ дагьалги лъикӀал рукӀинаан. Гьеб суал дица цебеги
цо чанцӀулго борхун букӀана, амма хӀасил ккечӀо. Жакъа къоялде гьенире
хьвадулел лъималазул къадар 60 чиясде бахуна, гьединго Хунзахъ цоги-цогидалги
отделениязде художественнияб, музыкалияб, хоровой, компьютералъул графика,
гьелги тӀаде журани Ӏ20-Ӏ30-гониги цӀалдохъан гӀола, жеги хьвадизе бокьаразул
къадарги къо бахъанагӀан цӀикӀкӀунеб буго. Гьединлъидал бокьилаан районалъул
администрациялъ нижее гьелъие кумек гьабуни яги цойгидаб данде кколеб гӀадинаб
бак1алде искусствалъул школа бахъинабуни.
- Искусствоялъул
школалъул лъимал кинал тадбиразда гӀахьаллъаниги цояздаса цоял
берцинал кьурдул формабигун
цере рахъуна.
- Кьурдул ратӀлил формаби
рукъизе кӀудияб кумек гьабула жалго лъималазул эбел-инсуца. РакӀ-ракӀалъулаб
баркала кьезе бокьун буго нижер лъималазе кумек гьабурал эбел-инсуе. Гуребани,
ниж республикаялдаяли щайгурин, районалдагицин цере рахъун бажарилароан. Щибаб
кьурдиялъе букӀине ккола кьурдиялда данде ккараб формаги. Гьединго умумузул
рахъалдасан спонсорлъи гьабун чара гьечӀого школалъе хӀажат букӀараб Ӏ5 азарго
гъурщил багьаяб музыкалияб центрги босун кумек гьабуна Гъонохъ росулъа Идрисица.
Кидал аскӀоре аниги кӀудияб кумек букӀуна Хунзахъ росдал администрациялъул бетӀер
ТӀалхӀатов Хизрилги. Абиларо нижее кумек районалъул администрациялъ
гьабулариланги. Амма гьеб гӀей гьечӀеблъун кколеб буго дандчӀвалел ругелщинал
захӀмалъабазухъ хал гьабураб мехалда.
-МухӀамад ЖабрагӀилович,
цӀарал рехселарищ хӀалтӀи лъик1 гӀуцӀарал филиалазул?
Гьал къоязда районалъул
росабалъ ругел филиалазда тӀоритӀана жидеца бащдаб лъагӀалица гьарурал хӀалтӀул
халгьабиял. Гьелъие гӀуцӀун букӀана хасаб комиссияги. ЛъикӀаб даражаялда хӀалтӀи
гӀуцӀун батана ТӀануси филиалалда. Преподавателал М. ГъазимухӀамадов, Н.
Гъазиев. ГӀобода (препод. ГӀ. СагӀадулаев), ГӀахьалчӀи лъималазул ах-М. ГӀумаров,
ГӀахьалчӀи хореографиялъулаб отделение (препод. ГӀ. Казиев), Харахьи фольклоралъулгин
хореографиялъулаб отделение (препод МухӀумаева Ирайсат, ГьитӀинов ГӀумар),
Хунзахъ филиалалъул художественнияб отделение (препод. ХӀажиева Асма) ва
музыкалияб отделение (препод. А. МухӀамадов Р. СайгидхӀосенова) хореографиялъул
отделение (препод. У. МухӀамадова, Къ. Дадучев, ГӀ. ГӀабдусаламов, М.
Макъсудов). ШототӀа художественнияб отделение (препод. Пакленкова Марина) ва
музыкалияб отделение (препод. Р. МухӀамадов). Гьебго комиссиялъ гӀураб
даражаялда гьечӀеблъун бихьизабуна Мущули художественнияб отделениялъул
(препод. ХӀамзатов), ШототӀа фольклоралъулгин хореографиялъул (препод. П. МухӀамадова),
Хунзахъ художественнияб отделениялъул (препод. П. МухӀамадова, М. ГӀумаров).
Нижеца халгьаби тӀобитӀараб филиалазул захӀмалъилъун кколеб буго занятиял тӀоритӀизе
бакӀ гьечӀолъи. Цо-цо росабазул клубазул хӀалтӀухъабаз искусствалъул школалъул
лъимал рахан-къан клубгун риччалел гьечӀо занятиял гьаризе. Гьедин ниж
халгьабиялде щвараб къоялъги ШототӀа росдал гӀалахгӀанасеб клуб бугоан хӀуртӀа
босун жанибе чи лъугьунареб хӀалалда. Нижер хӀалтӀухъабаз бицана кӀулалги щвечӀого
жидеца чанги занятиял квачан холаго азбаралъуб тӀоритӀанилан. Гьикъизе бокьун
буго жаниве чи лъугьунареб рахан-къан букӀунеб росдал клуб лъие хӀажатаб
жойилан. ЛъикӀаб букӀинароандай гьеб хӀалтӀизабизе искусствалъул школалъул хӀалтӀухъабазухъе
кьуни. Гьеб гӀемерго лъикӀаб букӀинаан росдаеги рехсараб школалде хьвадулел
лъималазеги.
-Баркала гара-чӀвариялъухъ.
-Дуеги баркала. Гара-чӀвари гьабуна НАПИСАТ ГӀАЛИЕВАЛЪ март 2011 год.
|