28 марталда райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана районалъул нухмалъулев Нурмух1амад Задиевас Дагъистаналъул бет1ер Владимир Васильевасул Хит1аб гьоркьоблъеялда бан данделъи.
Н.Задиевас абуна В.Васильевасул хит1абалда 2024 соналде щвезег1ан Россиялъул Федерация цебет1езабиялъе рихьизарурал масъалабиги, мурадалги нилъер районалъеги к1вар бугеллъун кколилан. Районалъул администрациялъул х1алт1и буссараб бук1ине бугила г1адамазул г1умру-яшав цебет1езабиялде. Гьеб мурадалда жакъа нилъеда цебе ч1араб аслияб масъалалъун кколила х1алт1ул шарт1ал г1уц1и гуребги, зах1маталъул къадру-къимат, х1урмат гьабизе лъай, гьеб хайираблъун, квеч1енаблъун, пайда ц1ик1к1араблъун бук1унеб къаг1идаялде бачин.
Жакъа къоялда жаниб нилъее х1ажат бугила х1алт1уде иш лъалел, пагьму-гьунар бугел г1адамал росизе. Президентасул Администрациялъул кумекалдалъун т1обит1араб «Дир Дагъистан» конкурсалда г1ахьаллъарав 11 азарго чиясдасан 54 яв вахъанила гьелъул лауреаталлъун ва гьез бихьизабунила жалго иш лъалел, х1алт1уде росизе мустах1икъал г1адамал рук1ин. Гьединалго конкурсал т1орит1изе ругила районалдаги.
Н.Задиевас к1вар кьуна районалъул социалияб бут1аялда, медицинаялда, лъайкьеялда гьаризе ругел хиса-басиязде.
Медицинаялъул бицунаго, гьес абуна, жакъа нилъер районалда г1адаб киналго шарт1ал жаниб ч1езабураб централияб больницаги, ФАПалги муг1рузул районазда кирго гьеч1илан. Х1ажат бугила, унтарал г1адамал сах гьаризе Мах1ачхъалаялдеги, цоги-цогидал шагьараздеги инч1ого, нилъерго аниб сахлъулеб х1алалда рахъи бугеб медицинаялъул кумек бук1инабизе, бигьалъаби гьарун дараби кьолезе дараби ч1езаризе.
Н.Задиевас рорхана нухазе ремонт гьабиялъул, электроэнергия х1алт1изабиялъул, ракьазе кадастровияб къимат кьезе ккеялъул, нилъеца нахъе ч1вараб, х1ажалъулареб къайи х1алт1изабиялда, росдал маг1ишаталда г1езабураб продукция ц1унизе ва гьелдасан пайда босизе ккеялде руссарал суалалги.
Х1асил гьабуни, нилъее х1ажат бук1ин район Россиялъулго гьоркьохъел статистикиял рихьизариязул даражалде бачине, г1адамазул г1умру ва яшав къойидаса-къойиде лъик1лъизабизе.
|