19-20 марталъ Латвиялъул
тахшагьар : Ригаялда т1обит1ана эркенаб гугариялъул рахъалъ халкъазда
гьоркьосеб г1олилазул ; турнир. Гьелда гӀахьаллъана Турциялдаса, ; Ираналдаса,
Франциялдаса, Германиялдаса, ; Грузиялдаса, Белоруссиялдаса, Финляндиялдаса,
х1асил гьабун абуни, 22 улкаялдаса тӀаса рищарал командаби. Россиялъул
командаялда гъорлъ гьединал ; кӀудиял къецазулъ (55 кг.) тӀоцебе г1ахьаллъулев
вук1ана нилъер ракьцояв, : БакьагьечӀиса КъурамухӀамадов Арсен.
ДГУялъул студент,
республикаялъул ; тӀадегӀанаб спортивияб махщалил школалда ; тренер ШагӀбанов ТӀагьирица
ругьун гьавулев Арсен, араб соналъул ахиралда Россиялъул тӀасабищараб
командаялде вачана ва тренеразул кӀудияб божилъи букӀана хасго гьаб
турниралда гьесул хӀасил лъикӀаб ккеялде. ГӀолилас хӀаракат бахъана гьеб божилъи ритӀухъ гьабизе. ЦӀар бугел турниразул гӀахьалчагӀазде, Европаялъул,
дунялалъул чемпионазде данде кканиги Арсен къеркьана бергьенлъиялде
таваккалгун. ТӀадагьаб цӀайиялъул категориялда тӀоцебесеб гьесул дандчӀвай букӀана
Македониялдаса гугарухъанасулгун. КӀиабизе гьесда данде ккана немцав,
лъабабилелда Арсеница хӀал бихьана туркасул. Къуватал ва хӀалбихьи цӀикӀкӀарал
лъабавго гугарухъанги ургида лъун ворчӀула финалалде. Гьенибги-къуватги,
тирилъиги, данде ккарав гуржиясул сихӀирлъиги.
Арсеница гьаб нухалъги
дандияв гӀодов лъола ва гьесда тӀад ракӀчӀараб бергьенлъигун турниралъул
чемпионлъун вахъуна.
КватӀичӀого
Владикавказалда тӀобитӀизе буго чӀахӀиязда гьоркьоб эркенаб гугариялъул рахъалъ
Россиялъул чемпионат. Гьелде Избербашалда унеб буго тӀадчӀараб хӀадурлъи.
Арсенил анищ-гьенибги бергьенлъи щвей. Халкъазда гьоркьосеб турниралъул
чемпионасул цӀарги баркулаго нилъецаги гьарула гӀолохъанав гугарухъанасе
хадубккунги чӀахӀиял бергьенлъаби.
|