Исанасеб сон республикаялда муг1рузул сонлъун лъазабун бугелъул, гьелда хурхун, культураялъул х1алт1ухъабаз х1адурулел руго умумузул г1адатал, рук1а-рахъин бихьизабулел церерахъинал. Гьал къоязда Гьамишт1а росдал библиотекаялъул заведующая Мух1умаева Г1айшатица Г1ондокъоро хъутаналъул культураялъул рукъалъул директор Расулова Мадинагун цадахъ хъутанчаг1азе х1адурана гьединаб дандеруссин.
Киназего саламги кьун «Муг1рузул соналъул» х1урматалда г1уц1араб тадбир рагьана Г1ондокъоро СДКялъул директор Мадина Расуловалъ. Гьелъ бицана нилъер халкъалъул г1адатазул, умумузул рук1а-рахъиналъул х1акъалъулъ.
Тадбиралда жигараб г1ахьаллъи гьабуна хъутаналъул школалъул учительзабазги ц1алдохъабазги. Авар мац1алъул учительница Мух1амадова Сарайпанатицаги бицана данделъаразе умумузул г1адатазул х1акъалъулъ. Гьел г1адатал рихьизариялдасаги, кеч1-бакъаналдасаги, кьурдабаздасаги г1уц1араб церерахъин х1адурун бук1ана ц1алдохъабаз.
Имам Шамилиде гьабураб кеч1 берцинго рик1к1ана Къурамух1амадов Мух1амадица. Наиб Х1ажимурадил х1акъалъулъ кеч1 пасих1го, г1енеккаразе асар гьабуледухъ рик1к1ана культураялъул рукъалъул директор Расулова Мадинаца ва 9 классалъул ц1алдохъан Г1абдуразакъова Саидаца.
Х1амзатова Саниятица ва Гьадигатулаева Пат1иматица рик1к1араб Р. Х1амзатовасул «Хунзахъ ккараб рагъ» абураб кеч1ги ц1акъ бокьана балагьаразе. Ц1адаса Х1амзатил куч1дул рик1к1ана Х1амзатова Булулицаги Расулов Раджабицаги. Ясаз рихьизаруна г1ахъущдерил ва умумузул кьурдаби. Умумузул кьурди гьабулелъул, гьелде данде кколеб нек1сияб бакъаналда кеч1 ах1ана Гьамишт1а библиотекаялъул заведующая Мух1умаева Г1айшатица. Г1айшатица ах1ана кинидахъ кеч1ги. Ц1алдохъабаз бихьизабуна бах1арай ячунеб г1адаталдаса бут1а. Г1одорч1аразе рек1ее г1уна ясазги васазги цоцазде ах1арал куч1дул ва 5 классалъул ц1алдохъаби Къурамух1амадов Мух1амадицаги ва Х1амзатова Саниятица гьабураб къулг1адухъ кьурдиги.
Боц1и-панзалъул, хур-хералъул х1алт1абазулъ къан рук1унел хъутанчаг1азе к1удияб рохеллъун, лъик1аб х1ухьбахъилъун лъугьана гьеб церерахъин. Гьелдаса жидерго бугеб разилъи загьир гьабун, к1удияб баркала кьуна г1адамаз тадбир г1уц1аразе. Гьединал тадбирал т1орит1улел руго цойгидал росабалъги.
П. Гунашева.
|