…..Руго Расулица мугъзада хъатч1ван
Х1алихъе рахъарал шаг1ирзабиги,
К1удияс кидаго хунздерий гуреб,
Гьабич1о лъиего кепкил мунпаг1ат.
***
Гьеб кинабго бихьун, кинабго бич1ч1ун,
Каранда кверги лъун, абула дица,
Х1апшадерил росулъ хунздерил г1адал,
Шаг1ирзаби ругин г1ияда нахъа.
***
Майсарат Мух1амадова
Хунзахъ районалда г1урал т1олалго шаг1ирзабазул буго
унти-учузаб рецц-бакъ бокьулеб. Г1урус мац1алда гьелда абула шизофрения.
Гьеб буго унти.
Майсарат Мух1амадова
Гьале дида цебе «Миллат» газеталъул т1оцебесеб номер
Гьелъул редакторалъул М. Бисавг1алиевасул цебераг1и
ц1алулаго, гьес жинцаго абухъе, унтараб миллат сах гьабизе гьел журналистазул
гъира-шавкъ бихьидал, йохизе бач1ана.
Ама гьеб батана, гьадингоги чучлъараб миллат дагьабги
чучлъизе т1амураб иргадулаб гали.
Миллат сах гьаби байбихьун бугоан хунздерил шаг1ирзабазде
гьужум гьабулеб шаг1ир Майсарат Мух1амадовалъул макъалаялдасан.
Т1оцебесеб номерго даг1ба, питнаялдасан байбихьич1ебани,
миллат лъилъизехъин бук1ун гьеч1огури. «Х1акъикъат газетаялдеги, г1айиб
г1унт1изабулеб бугоан.
Чан макъала критика гьабун хъваниги, дир макъалаби гьеб
газеталда рахъана. Бисавг1алиевасул макъалабазеги бак1 батулаан гьениб. Амма
рак1ч1ун лъала, Г1али Камаловас гьеб макъалаялъул ахир газеталда кьезе
бук1инч1еблъи. Гьединал ч1андабазе бак1 къварилъидал, бахъараб газетацин
гуродаян ккана дида гьеб. Макъала ц1алараг1ан рак1 къварилъизе бач1унеб
бук1ана.
Бич1ч1ич1о, щибг1аги Майсаратие гьеб макъалаялдалъун абизе
къвариг1ун бук1арабали. Махсут1 Зайнулг1абидовасда бахъараб ццинищ гьеб, яги
Г1абасиласде бугеб рокьукълъийищали?
Г1абасилавги Савдатги лъаларев чи нилъер маг1арулазда
гьоркьор ратиларо.
Гьел жал рокьизе кколилан ах1долел гьеч1о. Г1агараб
халкъалъул гьезде бугеб к1удияб рокьуе нуг1лъи гьабуларищ рик1к1ен г1емерал,
щибаб къойил гьез къабул гьарулел гьалбадерица? Щай Майсаратида бич1ч1ич1еб,
шаг1ир жий йик1аниги, хвел гьеч1еб ц1ар авар адабияталъул тарихалда классик
Г1абасиласда цадахъ Савдатицаги хъвараблъи.
Гьединал лъик1ал г1адамаздехун кин бижизе кколеб гъодиг1ан
к1удияб рокьукълъи. Шизофрениялдасаги вах1шияб гьеч1ищ гьеб унти?
Кинав маг1аруласда гьикъаниги вокьулев поэтасул ц1ар
абейилан, рак1ч1ун лъала, гьез Майсарат рехсезе гьеч1ейлъи. Гьеб суалалда т1ад,
ургъизе заман г1ун батиларо жинцаго жийго жиндирго куч1дулъ поэтессаялъе.
Расулица цебехун нух кьун бук1инч1еб батани, гьев хун саналги анин, цо
х1ок1алъг1аги т1аде щайдай яхинч1ей?
Расул цох1о хунздерил вук1инч1о, дов вук1ана т1олго Дагъистаналъул.
Гьединлъидал досжиндирго т1ехьалда ц1арги «Дир Дагъистан» абун лъураб.
Х1амзат. Расул. Г1абасил Мах1амад. Фазу, Заид Х1ажиев, М.
Сулиманов. Х1. Гъазимирзоев. Х1усен Х1ажиев, А. Мух1амаев ва гь. ц. Гьел ккола
Дагъистаналъулго ч1ух1илъун. Гьеб список дагьабги халатаб буго.
Майсаратица хъвавухъе, ц1али-хъвай гьеч1ел Абут1алиб
Гъапуровги Сулейман Стальскийги Дагъистаналъул адабияталъул т1ерхьунарел
ц1вабилъун хут1ила, амма гьелъул кеч1 рак1алдасан ц1алулев чи ватани (цо
к1иго-лъабго гьелъул кеч1 ах1улел хут1изег1ан), гьелдасацин йохизе ккола
Майсарат.
Г1абасиласул «Саба-меседоги», «Хъах1абросулъа Мах1мудги»,
«Камалил Баширги» маг1арулазда лъала, амма Майсаратил т1ахьазда ц1арал лъалев
чан маг1арулавдай вугев?
Х1урматияй Майсаратида лъалебани, дир г1агараб Хунзахъ жинца
къват1ире риччарал киналго т1ахьазул багьаяб цо-цо раг1и бугел раг1ул устарзаби
щибаб росулъ рук1ин.
Лъач1огоги лъик1. Лъалеб бук1арабани, гьелъ ручка-къалам
кодобе босизе бук1инч1о.
Г1абасиласул т1ахьал ричун росизецин щоларо, амма Майсаратил
т1ахьал, т1ад х1урги ккун, почалда регунги рихьун рук1ана дида.
Савдатги шаг1ир гурелъул, гьелъул ц1арг1аги щай рехсараб,
Махсут1ил т1ехьалъе критикаги гьабун, хабар къокъ щай гьабич1еб? Ч1ахъаги
Савдат г1адал муг1рул руччаби. Лъик1аб бук1инаан Майсаратиеги гьелдасан цодагьабг1аги
мисал босанани. Анц1го соналъ г1умруцин халалъун раг1ула шаг1ирасе г1емер
елъиялъ Махсут1 Зайнулг1абидовасул Г1абасиласе сайгъат гьабураб т1ехь
ц1аларабго. Дидани ккола, гьеб г1умру 20 соналъ къокълъун батилилан. Рес гьеч1о
гьединал «рокьукълъи» илан абураб вах1шияб унтуца унтарал г1адамал г1умру
халатал рук1ине?
Киг1ан ц1алданиги, дида батич1о Майсаратил творчествоялъе я
лъик1аб, я квешаб къимат кьураб бак1. Гьелъцин гуродай лъик1ал г1адамазул
х1акъалъулъ хъвараб жо ц1алидал, рек1елъги бидулъги бессараб ццин багъарулеб?
Хунздерил шаг1ирзабазул, Майсаратил г1адин, г1ададисеб
ч1андаялъе заман бук1унаро. Гьезул асаразулъ дида, киг1ан ц1аланиги, рокьуе
гурони, рокьукълъиялъеги бак1 батич1о.
Гьез цо хасаб бак1 ккола Дагъистаналъулги, дунялалъулги, Россиялъулги
адабияталда. Гьелъие нуг1лъи гьабула дунялалдаго Расулил къункърабазе рарал
памятниказги, Фазул каранда кенч1арал шапакъатазги, Х1амзатил Сатираялъги,
Г1абасиласул рокьул сариназги.
Шагьарги тун, бачал хьихьизе росулъе яхъун йигелъул,
Майсарат Мух1амадовалъе жиндирго лъик1аб бук1инаан х1апшадерил г1ияде яхъани.
Ц1ияб гьаваялда ругони, бет1ерги ц1илъун, г1акълу ц1ик1к1инеги бегьулелъул.
Бокьараб критика бокьараб т1ехьалъе гьабизе ихтияр буго гьелъул. Амма щайха
критикаялда лъуг1изе теч1еб?
Редакциялъул х1алт1ухъабазул пикру кидаго гуро
ц1алдолезулалде данде кколебилан газеталъул ахиралда хъван бугониги
редакциялъул х1алт1ухъабаз гьеб гъираялда къабул гьабун бугоан.
Гуребани, гьеб ч1амуч1аб, пайда гьеч1еб хабаралъе бак1 ц1ияб
газеталъул т1оцебесеб номералдаго батилароан.
Редакторас хъвалеб буго исана т1ад росилила, т1адеялъул лъим
лъалила.
Цосина «т1ад росахъего хут1иладай, лъедонги бажарич1ого»
ц1ияб газета питнаялдасан байбихьарал «бадибе» раг1и абулел «рак1бац1ц1адал»
журналистал?!
Ахиралдаги к1удияб баркала кьезе бокьун буго дир критикал
рук1аниги, макъалаби газеталда рахъаралъулъ, «Миллаталъул» журналистаз инкар
гьабураб «Х1акъикъат» газеталъе ва гьелъул редакор Г1али Камаловасе, гьединго
дир ц1алдохъабазул асарал къабул гьабураб лъималазул гьудул «Бурут1алъе».
Амма «Миллаталъе» баркала кьолев чиго вук1инадай?
Ц1идасанго байбихьизехъин буго нилъго нилъецаго каки, цоял
цоязда рекъонгут1и.
Унго цогидал миллатазул бугебдай гьединаб «гьунар».
Нилъее, маг1арулазе, къвариг1ун буго цолъи, гьудуллъи, цоцазда
рич1ч1и. Критикаялъги цоцазда т1илал кьабг1иялъги миллат лъилъуларо. Гьелъие
къвариг1уна г1емераб сабруги, г1акълуги, цоцахъ г1енеккиги.
Цоцаца х1акимзаби какунилан, г1адатаб халкъалъе гьелдасан
пайда гьеч1о.
Кин бук1аниги, бит1араб нухде рачаги нуж, Т1адег1анас,
х1урматиял «Миллаталъул» журналистал!
Т1ануси росу. Хъазанбиева Шамай (Асият Г1абдулат1ипова).
|