Пятница, 19.04.2024, 12:27 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Март » 29 » МАЧ1ХЪАДЕРИЛ Х1ОР - Т1АБИГ1АТАЛЪУЛ САЙГЪАТ.
22:25
МАЧ1ХЪАДЕРИЛ Х1ОР - Т1АБИГ1АТАЛЪУЛ САЙГЪАТ.

Х1акъикъаталда х1исаб гьабураб мехалъ мач1хъадерил х1ор ккола т1абиг1аталъ нилъер Дагъистаналъе гьабураб к1удияб сайгъатлъун . Х1орил халалъи буго 1600 метр, гъварилъийин абуни гьоркьохъеб 10-15 м., бищун ц1ик1араб бак1алда гъварилъи бащадаб буго 20-25 метраялда. Гьенибе ччуг1а бичан бук1ана Г1анди х1орихъа бочкабазде жанибги т1амун бач1ун. Гьеб бук1ана 1964 сон. Г1андадерил форель чуг1а гьениб лъик1 г1ун бач1ана ва г1емерлъана. Гьабсаг1аталда х1орахъ г1езабулеб форелалдаса гьеб бет1ералъ т1ок1аб бук1ана. Гьелда т1ад берцинал: баг1арал, г1урччинал ва цойги бат1иял кьеразул расенал рук1ана. Рук1анин абизе кколеб буго, щайгурелъул гьабсаг1аталда х1ориниб цониги гьеб ччуг1а хут1ун гьеч1елъул. СССРалъул х1укумат биххиялде унеб заманалда г1и чурараб раствор лъелъе бичаялъул х1асилалда т1аг1ана гьеб берцинаб ниг1мат. Х1акъикъаталда бит1ун абунани 4 – 5 соналдасан х1оринибе бичараб чуг1аялъул ц1айи гьоркьохъеб х1исабалда бахун бук1ана 2 – 3 килограммалде, цо –цоязул ц1айи 5 -6 килограмалде бахунаан. 80 – абилел соназул байбихьуда ккун бук1ана чуг1а жиндир ц1айи 8 килограммалде бахараб. Гьеб ччуг1аялъул бищун г1ебаб бак1алъул свери борциндал 48 см. батун бук1ана, халалъийин абуни бук1ана 95 см.. Чехьалда жаниб лъабго к1удияб къверкъги ва 30 см. халалъи бугеб ччуг1ил скелетги батун бук1ана.

Х1орихъе х1ухьбахъи гьабизе районалдаса гурелги, т1олаб Дагъистаналдаса ва гьединго къват1исел х1укуматаздасаги рач1уна г1адамал. Цо нухалъ гьаниве вач1ун вук1арав Унсоколо районалъул Мок1сохъ росулъа аваразул поэт, жиндир мунагьал чураяв, Г1исаев Мах1амадица х1орил т1абиг1аталъ гьабураб асаралъул х1асилалда хъван бук1ана гьадинаб кеч1:

Мач1хъадерил х1орихъ

Хъах1илал муг1рузул огъохъатиниб

Лъица мун т1инк1араб, жавгьарул маг1у?

Т1огьол расеналъул расалъунибе

Кинан мун бортараб, зобалъул кесек?

Муг1рул хъах1ал т1огьаз т1агърал чуризе

Кинаб х1алк1олъиялъ х1икмат ургъараб?

Х1ухьбан къаси сардаз ц1вабзаз гьекъезе

Гьаб дур т1ок1к1иналда т1ад х1алт1арав щив?

Роол бакъ чвердолеб дур квенч1елалде

Дуниял балагьун бугилан ккола

Балагьаз чурхъараб, рагъаз ч1унтараб

Батила урхъун гьеб бац1ц1алъиялъухъ

Ургъун х1ал к1олареб берцинлъиялда

Х1инкъилеб батила хъвазе дир г1асру

Хъублъараб гьавадул бицунеб мехалъ

Дир муг1рузда цебе нечела дунял

Дун эхетун вуго х1орил раг1алда

Масак1 басандула гьуридал сасгун

Сих1 къот1иялъ вуго къвалакье вачун

Суалаца вуго кверде восулев

Гьодида зодилал ц1ваби рекъараб

Ччуг1аялда дица ц1ехолеб буго

Мун разиго бугищ гьаб х1оралдаса

Х1абургъин лъалареб гьаб лъималдаса?

Баян: масак1-форель

Г1исаев Мах1амадица кутакалда махщалида загьир гьабулеб буго гьаб берцинаб т1абиг1аталъ жиндиего гьабураб асар. Гьесул коч1олъ ругел гьал мухъазул, «Ургъун х1ал к1олареб берцинлъиялда, х1инкъилеб батила хъвазе дир г1асру» пикру гьабидал г1емерал суалал рач1уна цере.

Поэтас кеч1 (дир пикруялда) хъван бук1ун батила араб г1асруялда ва гьеб г1асруялда х1орилги ва гьелъул т1абиг1аталъулги т1алаб гьабулел идарабиги г1адамалги камулароан. Амма гьеб г1асруялда бук1араб х1укумат бат1ияб х1укуматалде сверигун, г1адам г1арцудаги бечелъиялдаги хадув лъугьине байбихьидал т1абиг1аталде мугъ реханин абизе бегьула. Т1убанго реханин абуни мекъиги бук1ина цо – цо гьоркьо - гьоркьоб риидалил заманалда камуларо х1орихъе квана -гьекъезе рач1унел ч1ах1и-ч1ах1иял х1акимзаби, депутатал ва гь. ц. Амма цонигиязда рак1алде кколеб гьеч1о х1орил т1абиг1ат ц1униялъе, гьеб берцин гьабиялъе цо пуланаб х1алт1и гьабилилан. 7 – 8 соналъ х1орихъ х1ухьбахъиялда вук1арав доб заманалда росдал маг1ишаталъул министрас раг1и кьун бук1ана х1оринибе форель ччуг1а биччаялъе кумек гьабилилан. Шагьаралде щвейдал анжи гьороца босун араб къаг1ида гьеб раг1ул лъалк1 къосана. Х1исаб гьабураб мехалъ дагьа – макъаб г1арац гьеч1о Дагъистаналде биччалеб ччуг1а г1езабиялъе, гьелдаго гьоркьоб г1адамаз х1ухьбахъи гьабулел х1орахъ ччуг1а бичазе ва г1езабизе, амма кагътидаги хъван г1арац цо хасал г1адамазул чвантинибе чвахулеб бугеб къаг1ида чан нухалъ минсельхозалда гьарананиги Моч1охъ х1оралде ирга щолеб гьеч1о, Гьеч1о гьеб иш гьабиялъе щолев саламатав садакъа – рикъзиялъе х1адурав спонсорги.

Х1ухьбахъиялъе рач1араз гьениб гьабулеб чороклъиялъул бицун х1алго к1оларо. Хасал мусор рехулел бак1ал гьенир ругониги, жалго г1одор ч1араб бак1алда бугебщинаб хъублъиги тун ун ратула гьел. Гьединазда нилъер уммумуца абулаан: «кванараб х1арччинире рилъулел чаг1иян». Щибаб санайил мач1хъадерил жамаг1аталъул ва школалъул ц1алдохъабазул х1аракаталдалъун бак1арула х1орда сверун мусор. Исанаги субботникги гьабун бак1арана гьеб мусор. Гьенире жидер лъимал рачунилан цо-цо уммумузул зигараги бук1уна жидер лъималаз щайин бак1аризе кколеб къват1иса г1адамаца тараб муссорилан. Цо –цояз абула х1орихъе г1адамал гьукъизе ругилан сверун к1удияб рахъги бахъун. Гьай- гьай гьеб к1иябго пикру мекъи буго. Цояз хвезабунилан цойгидаз т1абиг1ат ц1унизе ккеларищ? Гьединго х1орихъе г1адамал гьукъеян абураб пикроги мекъи буго. Г1адамаздаги жидедаго хадуб бак1а – бахари гьабизе лъазе ккела. Жегиги нилъ ругьунлъун гьеч1о Аллагьас нилъее кьураб берцинаб т1абиг1аталъул къимат гьабизе ва гьеб ц1унизе. Поэтасе г1адаб асар нилъееги гьабулеб бук1арабани т1абиг1аталъул къисмат бат1ияб бук1инаан.

Дида рак1алде ккола районалъул нухманлъиялде вач1арав Задиев Нурмах1амадица кисан ва кинал ресал ратунги Моч1охъ х1орил т1абиг1ат ц1униялъе ва берцин гьабиялъе ва гьединго гьениб бук1араб форель ччуг1а гьенибе бичаялъе х1алт1аби гьарилилан. Хасго исана хасало гьеб т1абиг1аталъ кьураб берцинлъиялдаса пайда босизе г1емерал г1адамал рач1ана х1орихъе районалдаса гурелги т1олабго Дагъистаналдаса. Конькабазда хъещт1он ва гьединго ц1ордасан хъущт1ун унел камеразда рек1ун лъик1аб х1ухьбахъиги гьабун нахъ руссун ана гьел. Гьелдаго цадахъ, х1ориниб форель ччуг1а бук1арабани бегьилаан ц1орда гъоркьан ччуг1а кквезеги. Рак1алде ккола Дагъистаналъул х1укуматалъ Моч1охъ х1оралде пикру буссинабилин ва т1оцебесеб иргаялда гьенибе форель ччуг1а т1ад буссинабиялъе х1алт1аби гьарилилан.

Просмотров: 580 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz