Мусаев Мух1амад Шайхг1алиевич гьавуна 1956 соналъ Лъаг1илухъ
росулъ. 1973 соналъ Харахьи гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун ц1ализе лъугьана
Дагъистаналъул мединституталде, 1977 соналъ щуабилеб курсалдаса ц1ализе
лъугьана (перевод) Саратовалъул мединституталъул рагъулабгун медицинаялъулаб
факультеталде. 1979 соналда гьебги лъуг1изабун х1алт1ана Азербайджаналъул
Габала шагьаралъул поликлиникаялда. 1986-88 соназ Мух1амад ц1алана
Куйбышевалъул мединституталда терапиялъул рахъалъ клиникияб ординатураялда.
Гьеб лъуг1идал х1алт1изе лъугьана Казахстаналъул Державинск шагьаралъул
рагъулаб госпиталалда терапиялъул отделениялъул начальниклъун, 1994-96 соназ
гьабуна гьебго госпиталалъе нухмалъи. Гьелдаса хадуб М. Мусаевас т1уразаруна Астрахан
областалъул Капустин-Яралъул РВСНалъул (ракетные войска стратегического
назначения) 19-леб рагъулаб госпиталалъул начальникасул медициналъул рахъалъ
заместителасул ишал. 2007 соналъ гьениса нахъеги вилълъун х1алт1изе лъугьана
Знаменск шагьаралъул больницаялда терапевтлъун, хадуб нухмалъи гьабуна
терапиялъул, пульмонологиялъул отделениязе. 2010 соналдаса жакъа къоялде
щвезег1ан х1алт1ана Москваялъул 162-леб поликлиникаялда участковияв
терапевтлъун. Гьал къоязда Мух1амад Шайхг1алиевич т1амуна районалъул централияб
больницаялъул бет1ерав врачлъун.
***
Районалъул централияб больницаялъул бет1ерав врачлъун
х1алт1улев вук1арав Хъайнтмазов Х1ажимурад Гъазиевич гьал къоязда т1амуна «ГБ
МСЭ по РД» ФГУялъул 15-леб филиалалъул (ВТЭКалъул) нухмалъулевлъун. Хъайтмазов
Х1ажимурад гьавуна 1961 соналъ Хунзахъ росуъ. 1979 соналъ г1агараб росда
гьоркьохъеб школа лъуг1ун хадуб х1алт1изе лъугьана Мах1ачхъалаялъул приборал
гьарулеб заводалъул Хунзахъ филиалалде прессовщиклъун. 1981-87 соназ ц1алана
Дагъистаналъул медицинаялъул институталда. Рехсараб институталъул сахгьариялъул
факультет лъуг1арав г1олохъанав специалист х1алт1изе вит1ула Болъихъ районазда
гьоркьосеб анестезиологиялъулгун реанимациялъул отделениялде анестезиологлъун.
1994 соналъ Х1ажимурад вач1ана районалъул больницаялде х1алт1изе, гьев т1амула
реанимациялъул отделениялъул заведующийлъун. 2010 соналъул т1оцебесеб
январалдаса т1уразаруна райбольницаялъул бет1ерав тохтурасул сахгьариялъул
рахъалъ заместителасул ишалги.
2010 соналъул т1оцебесеб июлалдаса Хъайтмазов Х1ажимурад гьал
къоязде щвезег1ан х1алт1ана райбольницаялъул бет1ерав тохтурлъун.
Гьарула гьезие ц1ияб хъулухъалда цебет1ей, сахлъи,
гьабулелъулъ дандебилълъин, гьел нилъее квер бит1арал ратаги.
|