Четверг, 25.04.2024, 19:18 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2022 » Сентябрь » 22 » ЛЪАГlАЛИДА ЖАНИБ-ЦО МИЛЛИОН ГЬОБОЛ
13:01
ЛЪАГlАЛИДА ЖАНИБ-ЦО МИЛЛИОН ГЬОБОЛ

Республикаялъулго даражаялда кlудияб кlвар кьолеб буго туризм цебетlеялъе шартlал гlуцlиялде. Щайгурелъул, жакъа туризмалъул бутlаялъ гlатlидал нухал рагьулел руго экономика цебетlеялъе ва гlадамазул рукlа-рахъиналъул даража цо къадаралъниги борхизабиялъе. Гьедин араб соналъ Дагъистаналде вачlун вуго 1 млн цlикlкlун турист. Официалиял баяназда рекъон, исана республикаялъ къабул гьавизе вуго 2-3 млн турист. Ахирисел соназда жаниб туризмалъул рахъалъ улкаялдаго бищунго машгьурал регионазул цересел кьеразде бачlана Дагъистанги. Гlажаибго берцинаб тlабигlаталъги, бечедаб тарихалъги, тарихиял памятниказги, улкаялда тlокlаб кибго гьечlебгlадаб гlемер миллатаздасан гlуцlараб Дагъистаналъул маданияталъги ва умумузулъанго батараб, щивасул бидулъ бессараб гьобол хиралъиялъги цlалел руго туристал гьанире. Хадубккунги гьезул къадар цlикlкlун гурони, гlодобе ккезе гьечlин абулеб буго экспертаз. Щайгурелъул, тlолабго дунялалъул санкциязул халатаб рахасалъ сверун ккун гъанкъулеб бугеб Россиялъул гражданазе къватlисел пачалихъаздеги нух къан буго. Гьединлъидал гьал ахирисел соназда улкаялда лъалаго цебетlуна жанисеб туризм. Жакъа нилъер районги ккола республикаялда бищунго гlемерал туристал рачlунел муниципалитетаздасан цояблъун. Гъоркьисала нилъехъе вачlун вуго 200 азаргогlан турист. Исана гьел жеги цlикlкlине руго. Амма хlадур бугищха нилъер район гьелгощинал гlадамал къабул гьаризе ва кинаб пикру бугеб гlадатияб халкъалъул туристазда хурхун? Гьелда хурхун цlех-рех гьабуна нижеца гьаб материалалда. Жакъа къоялде районалда хlалтlулел руго 25-30 гьалбал къабул гьарулел рукъзал. Гlуцlун руго чанго турал. Амма жакъагlадинаб туризм, цебе магlарухъ букlараб жо гурелъул, жеги тlубанго гьелде ругьунлъун гьечlо нилъер жамгlият. Гьединлъидал гlадамазул пикрабиги батlибатиял руго туризмалда хурхун.

 

Лъикlаб жо буго, амма...

Мухlамад Къебедов, Хунзахъ росу

Узухъда, туризм лъикlаб жо буго. Дида гьелда жаниб кинаб бугониги квешаб рахъ бихьулеб гьечlо. Амма дица абила нилъер район жеги тlубанго хlадурун гьечlин гьединаб къадар гьалбадерил къабул гьабизе. Хlадурун гьечlо инфраструктура. Бищун цебе гlураб къадаралда гьаризе ккола гьаб заманалда рекъарал туалетал. Гlемер чи хьвадулеб бакl буго “Каменная чаша”. Амма цlад банщинахъе жанибе лъимги чвахун, хlарщул цlун букlуна гьеб. Гlадамал тlасан хьвадизеян машинадул гьакал лъун руго гьениб. Лъикlаб букlинаан гьезул бакlалда хасал цlулал нухал гьаруни. Гьединго районалъулго сипат-сурат хвезабун буго кинаб букlаниги законги цlуничlого, цебе ккарахъе ран ругел объектаз, хасго цо-цо гьединал минаби эхетун рачlунел руго туристал хьвадулел бакlаздаги. Районалъул нухмалъиялъул кидагосеб бербалагьиялда гъоркь букlине ккола гьеб суал. Щай иш тlаде кколел идарабаз ихтияр кьолеб законалда рекъон бегьулареб бакlалда минаби, гостиницаби ва цогидалги объектал разе? Ран ругелги щай риххизаруларел?

ХIажиева Мадина, Уздалросо

Гlажаиблъи гьабизе ккараб жо гуро нилъер район туристазе хирияб бакlлъун лъугьи. Шагьаралъул ахlи-хlуралдаса свакарал гьезие, берцинаб тlабигlатги бацlцlадаб гьаваги цlорораб лъимги бугеб бакlалде хlухьбахъи гьабизе рачlине бокьиларищха. Дица рикlкlуна туризмалъул лъикlал рахъал гlемер ругилан. Амма камун гьечlо гlунгутlабиги. Мисалалъе, букlине кколеб даражаялда гlуцlун гьечlо инфраструктура. Хасго кlвар кьезе ккола хlинкъи гьечlолъиялъул рахъ цlуниялде. Гьеб рахъ хашго тун букlиналъ чанго пашманал лъугьа-бахъинал ккана нилъер районалда гьал ахирисел соназда. Гьединго лъикlаб букlинаан жалго туристазги нилъер диналъулги гlадатазулги адабги гьабун, ратlлилъ букlаниги, хьвада-чlвадиялъулъ букlаниги цо цlакъго гlорхъолъа арал, нилъер обществоялда къабул гурел жал гьаруларелани.

ГIалиев СагIид, Хунзахъ росу

Туризмалъул хайир буго гьелда хурхарал, гьеб бутlаялда жанир хlалтlулел чагlазе. Амма цогидазе гьелъул бахунеб хайир дида бихьулеб гьечlо. Щайгурелъул, туристаз босулеблъиги лъан киналъулго багьаби рахинарулел руго. Гьедин, мисалалъе, гlемерисез сордо-къо ккун (посуточно) туристазухъе кьезеянги абун, къваригlарав чиясе халатаб заманаялъе рукъ кквезе щолеб гьечlо.

 

Гьобол вачIун рохулел…

Нижее журналистазулаб икъбал ккана Дагъистаналде тIоцере жал рачIинел ругел Беларусалдаса туристазулгун гара-чIвариял гьаризе. Гьеб букIана халкъазда гьоркьосеблъун рикIкIине бегьулеб туризмалъул республикаялде тIоцебесеб рейс. Цойги микроавтобусалда рачIарал Санкт-Петербургалдаса, Москваялдаса гьалбалги жалго тун, ниж тIаделъана вацал-бульбашазде (белоруссиялъул «бульба» (картошка) рагIиялдасан гьезде абулеб тIокIцIар). Абухъе, тахшагьаралдаса ва Неваялда тIад бугеб культурияб тахшагьаралдаса рачIаразда гьоркьор ругоан лъабабилеб нухалъ нилъер мугIрузде рачIунелги. «Ниж гIорцIулел гьечIо Дагъистаналъул берцинлъиялъухъ балагьун!»илан кверал рахъ-рахъалде ритIун «мугIрузда къвал балев» вугоан гьаниб шортал ретIун хьвади беццараб гьечIолъи, чан нухалъ вачIаниги, бичIчIичIев ялъуни лъицаниги бичIчIизабичIев Олег. Интерес букIана Беларусалдаса рачIарал гьалбадерица бицунелъухъ гIенеккизе.

Алла Басарманова, Минскалдаса инженер-строитель

Автобусалда чанго къоялъ 2500 км нахъаги тун ячIана дун Дагъистаналде. Чан нухалъ кафеялъул хважаинас кваназе ахIаниги, нижер къокъаялъулал ракIаризе кIолел рукIинчIо машинаялдаса гъоркье рещтIаралдаса нахъе. Киназдаго, суратал рахъизе, ниж гIажаиблъизе гьабураб тIабигIаталдаса лазат босизе лъугьиндал, квен кIочон тунха! (Дир бер кIутIана Аллаца ретIараб халатаб гордеялдаги тIад бигъараб шарфалдаги. КIвечIо ретIа-къаялъул гьикъичIого чIезеги-авт)

-БитIараб бицани, нижер группаялда гьоркьорги рукIана ратIлида хурхун Дагъистаналда бугеб гьукъа-къай къабуллъичIел, ццим бахъарал гIадамал. Дица гьезда бичIчIизабуна гьоболлъухъ рачIараб бакIалда дора ратаразул динги гIадаталги цIунизеги, хважаиназул адабги гьабизе кколилан. ГIемерго исламалъул цIалун букIиналъ кутакалда къабуллъула дие гьеб дуда ретIараб хIижабги, нужер сабурлъи-нечейги. Дирго ясалъги ретIунаро рокьо тIад бугел юбкаби.

Инна Михайловская, Беларусалъул Гродно областалъул Сморгонь шагьар (Гьеб кколеб буго баранкабазулги «Беларусь» тракторалъулги ватIан-авт)

-Интернеталдасан цIалараб баян гьадингояб, мискинаб батана дида гьанире щведал бихьаралде данде! Доба гIатIиракьалда-ралъад, жавгьарулаб Сулахъалъул каньон, лапараб хинлъи! Гьанибин абуни-керчаб гIурччинлъи, гьуърузе лазатаб гьава! Кутакалда рокьана нужер ракI разиял гIадамал, гьоболлъи, квер гIатIилъи.

Евдокимовазул цIияб данделъараб хъизам, Минск.

Нижер хъизамалъулаб гIумруялда гьаб бищун гвангъараб ракIалдещвейлъун хутIизе букIиналда божула ниж. Кванил нигIматазул гьарзалъи, дандчIваралщинал гIадамазул гьурмазда тIегьарал гьимиял-гIажаибаб, маргьудал улкаялде щварал киниги лъугьана ниж Дагъистаналда. Баркала гIаданлъиялъухъ.

 

Газеталъул гьурмаздасан чанги жиндир кучIдул рахъарав сахъадерил дурц Гъазичула Шамхаловас магIарулазул тарихги, хасиятги, махIги гьарзаго бикьулеб бугоан тIадерачIаралщиназе анкьумумузул буртина-бухаригун, Джиган чугун гьезие хъатиралда цевеги чIун.

-Унге мугIруздаса, мугIрузул цIумал

МугIрул тараб цIудул цIар букIунарин,

Унге магIарухъа, берцинаб гIанса,

МагIарухълъи тани, дур къимат холин…

-ан нилъер мацIалъул чвахиги гъварилъиги бихьизабулеб букIана гьес гьалбадерие, жиндицаго гьарурал кучIдулги рикIкIун. Нижер хъизамалъулаб гIумруялда гьаб бищун гвангъараб ракIалдещвейлъун хутIизе букIиналда божула ниж. Кванил нигIматазул гьарзалъи, дандчIваралщинал гIадамазул гьурмазда тIегьарал гьимиял-гIажаибаб, маргьудал улкаялде щварал киниги лъугьана ниж Дагъистаналда. Баркала гIаданлъиялъухъ.

Материал хIадурана РЕДАКТОРАЛЪ ва ИСЛАМ МУХIАМАДОВАС. 

Просмотров: 96 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz