Доба Севералда ч1ух1арал финаз ах1иларо дир ц1ар, рехселаро дун…
Бат1и-бат1иял тадбираз берцин гьабуна исана, Дагъистаналъул халкъияв шаг1ир Расул Х1амзатов гьавуралдаса 95 сон т1убаялъул юбилей. Гьезда гьоркьоса цояблъун ккола Х1амзатил Расулил творчествалдасан лъай кьеялъул отделалъ лъималазда гьоркьоб т1обит1араб куч1дул рик1к1иналъул конкурс. Машгьурав ракьцоясул асарал г1ун бач1унеб г1елалда лъазари гуребги, тадбиралъул бук1ана лъималазулъ патриотизм, г1агараб ракьалдаса ч1ух1и рижизариялъул мурад. Гьезда гьоркьоса пагьму-гьунар бугел т1атинари.
80-ялдаса ц1ик1к1ун лъимералъ г1ахьаллъи гьабуна литературияб къецалда ва гьезул щивас бихьизабуна жиделъго бугеб артистизмги, кеч1 рик1к1ине махщелги, авторасул рек1ел х1ал г1енеккаразухъе кьезе пагьму-гьунарги.
Бищун к1арчамаб категория-ясли-ахалъул гьит1ичал, киналго мустах1икъал рук1ана цересел бак1азе, гьединлъидал, лъай кьеялъул отделалъул начальникасул заместитель Раисат Х1ашт1иховалъ гьел киназего рикьана гьуинал сайгъаталгун х1еренал, рак1 батизабулел раг1аби. Т1оцебесеб бак1алъейин абуни мустах1икълъана Хунзахъ №1 «Малыш» ясли-ахалъул кеч1 рик1к1уней Мух1амадова Умайгьанат, 2-леб бак1алде вач1ана Хунзахъ №2 ясли-ахалдаса Дибиров Х1усен ва лъабабилелде-Гьоц1алъ ясли-ахалдаса Анасова Каримат.
Байбихьул классазда гьоркьоб:
1-себ бак1-Новикова Снежана (Г1арани гьоркьохъеб школа);
2-леб бак1-Х1усенов Х1усен (Уздалросу);
3-леб бак1-Мух1амадова Джамиля (Коло байбихьул школа-детсад).
Гьоркьохъел ва ч1ах1иял классазда гьоркьоб къец бикьана к1ийиде: г1урус ва авар мац1алда куч1дул рик1к1иналъул. Цоял цояздаса лъик1ал рук1ана декламаторал. Абизе бегьула, жюриялъул г1ахьалчаг1азул щивасул рек1елъ асар тарал, маг1наял, берцинал церерахъинал рук1анилан.
Рахьдал мац1алда бищун лъик1 кеч1 рек1ехъе ц1алараллъун рик1к1ана:
Г1абдулхаликъов Мух1амад (Гьоц1алъ школа, 1-себ бак1), Цахаева Г1аишат (Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школа, к1иабилеб бак1) ва Г1абдулбасирова Рукъигат (Бакьагьеч1и школа, 3-леб бак1). Г1урус мац1алда Расул Х1амзатовасул кеч1 рик1к1ун бергьана Г1арани гьоркьохъеб школалдаса Мух1идинова Пат1имат. К1иабилеб ва лъабабилеб бак1азде рач1ана Гьоц1алъ школалъул ц1алдохъан Т1алх1атова Аймеседо ва Гьамущи гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Джах1барова Пат1имат.
Ц1акъ асар гьабулеб, маг1наяб тадбир г1уц1ун бук1ана лъай кьеялъул отделалъ гьеб къоялъ. Экраналдасан вихьизавулев живго шаг1ир, щибаб коч1оде данде ккараб панаяб бакъан… амма шаг1ирасул творчество раг1изе рач1арал зрителазул къадар, щаяли, ц1акъ дагьаб бук1ана. Х1акълъунго, к1одо гьаруларо нилъеца нилъерго мустах1икъал г1адамал. Гьединаб гьит1инаб, къо бихьулареб бербалагьиялдалъунг1аги. Кант1ила. Кват1ун бук1аниги. ИншаАллагь.
Ф. Мух1амадова.
|