Пятница, 29.03.2024, 14:49 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2021 » Декабрь » 8 » КlОЧОНГО ТОЛАРЕВ, РЕКlЕЛЪ ЦlУНАРАВ. ( ГЬАВУРАЛДАСА 90 СОН ТlУБАЯЛЪУЛ ЮБИЛЕЯЛДЕ)
16:16
КlОЧОНГО ТОЛАРЕВ, РЕКlЕЛЪ ЦlУНАРАВ. ( ГЬАВУРАЛДАСА 90 СОН ТlУБАЯЛЪУЛ ЮБИЛЕЯЛДЕ)

РекIелъ иман бугев, чорхолъ яхI бугев
Чилъиги намусги борхатго ккурав.
МунгIадал гьареги магIарухъ васал
Дунял тананиги кIочон толарел.

Инсанас жиндирго гlумруялда нахъе тарал лъик1алги квешалги лъалкlаздасан кьола гьесул г1умруялъего къимат. Жиндир гlумруялъул нухда гlемерал лъикlал лъалкlал тарав, рек1елъа унарев ва к1очон толаревлъун вук1ана нижер школалъул директор, Дагъистаналъул мустах1икъав учитель жиндир мунагьал чураяв, росдаего гьеч1ого г1оларев Г1усман Гъазимух1амадов. 13 ноябралъ 90 сон тlубана Г1усман гьавуралдаса.

Гъазимух1амадов Г1усман Мух1амадович гьавуна 1931 соналъул 13 ноябралъ Хунзахъ районалъул Харахьи росулъ. 1938 соналъ ц1ализе лъугьана Харахьи 7 сонил школалде. Гьитlинго гьес жиндирго бутlа лъуна «8 март» колхоз цебет1езабиялъулъ, фронталъеги гьабуна кумек. 7 класс лъуг1ун хадуб Г1арани гьоркьохъеб школалде уна цlализе.

Гьелдаса хадуб Г1усман вит1ула Гумбет районалъул Килалъ росдал гьоркьохъеб школалъул байбихьул классалъул учительлъун. 1949 соналъ ц1ализе лъугьуна ДГПИялъул физикаялъулгун математикаялъул факультеталде. 1957 соналъ гьебги лъуг1изабун, гlолохъанав специалист гlагараб росулъе тlадги вуссун, школалде математикаялъул учительлъун хlалтlизе лъугьуна. 1993 соналъ школалъул директорлъун тlамуна ва 2003 соналде щвезег1ан гьеб хъулухъалда хlалтlана. 1960 соналъ лъугьуна КПССалъул мухъилъе. Директорлъун х1алт1улаго Г1усман Мух1амадовичас живго вихьизавуна бажариги гьунарги махщелги бугев нухмалъулевлъун. 

Г1уц1ана школалда производстеннияб бригада. К1иго нухалъ вахъана ВЛКСМалъул обкомалъул премиялъул лауреатлъун. Гьединго гlахьаллъи гьабуна ВДНХялъул выставкаялда. Г1усман Мух1амадович вук1ана г1ун бач1унеб г1елалъе лъикlав насихlатчилъун. Гьес гlахьаллъи гьабулаан щивасул г1умруялда гъорлъ. 2001 соналъ клубалда тlобитlараб Хlайдархан Х1ажиевасулгун дандч1ваялда Г1усманица жиндирго к1алъаялда абуна мун генераллъун вахъиналъулъ цо 5 % жиндирги батилин хьул бугилан. Мунагьал чураяв Х1айдарханицаги щуго гурин, 95 % бугилан жаваб кьуна.

Г1усман г1емер соназ вук1ана росдалгун районалъул депутатлъун ва Лекторазул «Знание" группаялъул председательлъун. Гьесул хlаракатчилъиялъе к1удияб къимат кьуна пачалихъалъги. Гlусманил рикlкlен гlемерал шапакъатазда гьоркьор руго 1970 соналъ щвараб «За доблестный труд» медаль, 1975 соналъ социалистиял къецазда бергьенлъи босаралъухъ кьураб хасаб гlаламат, 1974 соналъул «За воспитание подрастающих поколений», 1977 соналъ КПССалъул обкомалъул х1укмуялдаги рекъон, тlадегlанаб даражаялда пропагандаялъулаб хlалтlи гьабуралъухъ кьураб, «За активное участие в воспитании трудящихся» абураб ва цогидалги хlурматалъулал грамотаби.

 

1985 соналъ гьев мустахlикълъана «Отличник просвещения СССР» абураб тlадегlанаб цlаралъе. 2002 соналъ Г1усман Мух1амадовичасе кьуна Дагъистан республикаялъул мустахlикъав учитель абураб цlарги. Гьедин лъуг1ана мунагьал чурадил гlун бачlунеб гlел куцаялъе кьураб, 54 соналъ халат бахъараб нух. Гьелщинал соназ Г1усман хlалтlана гlагараб школа цебетlезабиялда ва лъималазул лъай борхизабиялда тlад.

Гlусман Мухlамадовичасул хlаракаталдалъун бараб спортшколалъе кьуна гьесул ц1арги. Г1емераб жо хъвазе бегьула гьесул х1акъалъулъ, хlатта тlубараб т1ехьцин бахъизе бегьила. Г1усман вук1ана гьесулгун лъай-хъвай бугев чиясда киданиги рек1елъа унарев инсан.

Хъизан Давудова Г1айшатги х1алт1улей йик1ана гьеб школалда историялъул учительницалъун. Гьей гlахьаллъулаан гlемерал жамгlиял х1алт1абазулъ, бук1ана кверзул махщелги. Нижер театралда спектакль лъеялъулъги г1ахьаллъулаан гьей. Гьабсаг1ат Г1айшат лъималаз лъик1аб т1алаб-агъазги гьабун мустах1икъаб х1алхьиялда йиго.

Яс Атайбикаги инсулго нухдасан ана. 1984 соналъ гьелъ лъуг1изабуна ДГУялъул филологияб факультет. Гьелъие щвана "РФялъул лъай кьеялъул бутlаялъул мустахlикъай хlалтlухъан" абураб цlар ва кьола гlурус мацlалъул дарсал.

Инсулгог1адин лъикlал къиматазда математикаялъул факультет лъугlизабуна Аминатицаги. Гьей ккола ДРялъул лъайкьеялъул отличник, педагогигикиял гlелмабазул кандидат, Дагъистаналъул лъайкьей цебетlеялъул институталъул (ДИРО) кафедраялъул доцент ва гьеб цlалул заведениялъул информатикаялъул централъул нухмалъулей.

 

Пат1иматил лъуг1ана ДГУялъул физикаялъул факультет. Х1алт1ана Дагъистаналъул г1елмияб институталда.

Гулжагьанил лъуг1ана ДГУялъул филологиялъулаб факульткет. Х1алт1ана ясли-ахалда тарбиячlужулъун.

Вас Мух1амад х1алт1улев вуго Харахьи участковияб больницаялъул хехаб кумекалъул шоферлъун. Гьединаб лъик1аб хъизам г1уц1ана мунагьал чураяв Г1усманица.

 

Мунг1адаз г1уц1ана ц1алиги лъайги.

Г1акълуги г1амалги цадахъ рекъарав

Мун жанив х1алт1араб Харахьи школа

Т1егьан гуронани т1амах гъенеч1о.

 

Мун росдал патриот, рух1 х1алт1уй кьурав

Х1алай къо ккарасда хьолбохъ ватарав

Дурго х1алт1и лъалев, къимат борхатав

Камуна, Г1усман, мун даимго нижей.

 

П. Мух1амадова, Харахьи росу.

Просмотров: 2381 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz