22 октябралда Хунзахъ районалъул администрациялда бет1ерасул заместитель Шамиль Г1аммаевас т1обит1ана кадастралъул къимат кьеялъул ва бак1ал раялъул бут1абазда хурхарал отделазул нухмалъулезулгун данделъи.
Данделъиялда г1ахьаллъана администрациялъул отделазул нухмалъулел: Шамиль Валиев, Пат1имат Набиева, Залимхан Г1умаров, Х1асан Г1абдулаев, Камил Сулейманов, ОКС-алъул нухмалъулев Саг1адула Батиров ГБУ «Дагтехкадастр» -алъул директор Якъуб Г1абдулаев ва администрациялъул специалисталги.
Т1оцебесеб иргаялда Шамиль Г1аммаевас баян гьабуна 23 октябралда ракьул суалазда хурхун Гъуниб т1обит1изе бугеб данделъиялъул. Гьеб к1вар бугеб, ракьул участкабазул инвентаризация гьабиялъул х1акъалъулъ т1обит1улеб данделъиялда нилъер рахъалдасан г1ахьаллъи гьабизе ккола 5 чиясдасан г1уц1араб х1алт1улаб къукъаялъ. Гьединго Ш.Г1аммаевас бицана нилъер данделъиялъул мурад кколила х1укуматалъул мал-мулк, буголъи бачиналъул х1алт1ул къимат борхизаби, ай Дагъистаналъул х1укуматалъул 2018 соналъул 20 абилеб марталда бахъараб №47-р распоряжение г1умруялде бахъинаби.
Х1укму гьабуна т1обит1изе бугеб данделъиялде цебе босизе материалги, цере ч1арал суалаздасан к1алъаялги х1адуризе.
Гьединго, гьоркьор лъуна районалда цифровояб телевидениелъул ва цогидалги суалал.
|