Четверг, 25.04.2024, 20:39 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2021 » Декабрь » 8 » ХАЛКЪАЛЪУЛ РЕКlЕЛЪАН КlАЛЪАЛЕВ ШАГlИР
11:29
ХАЛКЪАЛЪУЛ РЕКlЕЛЪАН КlАЛЪАЛЕВ ШАГlИР

Ахирал соназда нилъер гIумруялъулъ ккарал бищунго кIудиял хиса-басиязул цояб ккола диналде гIадамазул бербалагьи хиси. Гьебго заманалда цебетIей щвана диналда хурхараб рухIияб маданияталъеги: Дагъистаналда къватIире риччалел руго диниял газеталгун журналал, рахъулел руго тIахьал, тIоритIула диналда хурхарал тадбирал. Исламияб публицистикаялда цадахъго цебетIуна исламиял темабазда художествиял асарал гIуцIиги.
Нилъеца бицен гьабулеб заманалда жаниб МахIмуд-апандил пагьму-гьунаралъулъ ккана лъалеб цебетIей. Гьев лъугьана бищунго машгьурал исламиял шагIирзабазул цоявлъун. РекIелъ щулияб иманги бугев, ахираталъул пикрабазги кодове восарав шагIирасул диниял асараз халкъалъул ракIазулъе нух бахъана.
Дагъистаналъул Халкъияв поэт ГIабасил МахIамадица хъвалеб буго: «ШагIир хIисабалда, МахIмуд-апанди адабияталде вачIунев вукIана батIи-батIияб нухдасан. Цин рокьул шигIраби хъван, цинги кьалул кучIдул хъван, хадуб философиял ункъжугьабазде кIанцIун. Ахиркъадги, гьале гьаб динияб поэзиялъул нух жиндираблъунго батун буго гьесда», - ян.
ЦIалдолезул тIадегIанаб къиматалъе мустахIикълъана гьесул «УнкъбокIонал чIинхал» (1995, 2013) абураб мажмугI, «Дир ЧIикIаса КIудияв» (1996) абураб къасидат (поэма), «ЦIияб мавлид» (1998), тIоцебесеб нухалъ сапаралъ рахъунел хIажизабазе малъа-хъваял гьарун кочIодалъун хъвараб «Нужее нух битIаял, хириял хIажизаби» абураб тIехь, ГъазимухIамад имамасул мурид Харахьиса ГIалихIажиясул хIакъалъулъ «Имамасул цо мурид» ва «Генуса шайих ГIабдула-хIажи» абурал поэмабаздасан гIуцIараб «Муридги шайихги» (2001) абураб тIехь.

Гьонодаса Каримула-хIажица хъвалеб буго МахIмуд-апандил «Азаралда цо жаваб» абураб тIехь щивав бусурбанчиясул рокъоб букIине хIажатаб исламияб диналъул энциклопедия бугилан.
МахIмуд-апандица къватIире риччана цIалдолезул исламияб лъай борхизабулел тIахьалги. Исламиял асарал хъваялъе гьесда батана берцинаб, жиндиего хасиятаб нух. Гьединаздаса ккола «ХIежги, дугIабиги, суал-жавабги» (2005), «Азаралда цо жаваб» (2006) абурал диналда хурхарал батIи-батIиял суалазе жавабал кьолел тIахьал, «ХIадисазул квацIи» (2011, 2013, 2020) ва гь. ц. басмаби. ГIолеб гIелалъе тарбия кьезе лъикIал тIахьал хъван руго МахIмуд-апандица.
МахIмуд-апандил асаразда гьоркьоб художествияб рахъалъ бищунго щвалде щвараблъун буго «Дир ЧIикIаса КIудияв» абураб асар. ТIадегIанаб буго гьелъие диниял хIаракатчагIазги, шагIирзабазги, цIалдолезги кьураб къимат. Дагъистаналъул Халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовас хъвалеб буго: «Устарасул цIваялъул цIаралъ цIидасан кунчIи кьолеб буго пашманал къоязеги, къваридал соназеги, ритIухълъи тIагIараб заманалъеги, захIматаб гIумруялъеги. Устарасул гьаракьалъ гьарулеб буго гIадамал БетIергьанасде гIагар гьарейин. Гьел мунагьаздаса рикIкIад гьарейин, гьаб ахир заманалда релълъараб заманалда ахираталъул ахил пикру гьабейин», - абун.
Бихьулеб буго тIехь хIакъикъаталдаги рекIее асар гьабулеблъун лъугьун букIин, диниял асарал (къасидатал) хъваялъул къагIидабиги цIунун хъван букIин. Гьебго заманалда автор лъугьунев гьечIо ххвалиего кинал ругониги художествиялгун сипат гьабиялъул къагIидаби хIалтIизаризе яги лъида бугониги релълъинабун асар хъвазе.
«КIудияв устарасул иллагьиял ишазул» къасидат байбихьулеб буго бисмиллагь бахъиялдалъун, «Хирияв ТIагьаясул тIарикъат борхарасул» бицине – шагьадат битIиялдасан. Устар «лъазавизе» поэтас байбихьулеб буго гьев жанив гьавураб ва гIураб ЧIикIаб росдал хIакъалъулъ калам гьабиялдасан ва гьелъие къимат кьеялдасан. РакIалде щвезабулеб буго ГЭС балелъул хIорил тIинде араб басрияб ЧIикIаб росу:
«Мажгиталъул минара, музеялда анищ мун,
Аб цIияб ралъадалъул лъадаца гъанкъичIого.
Къирбалалъул щоб цIурал цIар бугел лъурал хабзал
ХутIичIищха цо зани хIарщулъе тIупичIого».
Устарасул сипат-сурат кьеялда цадахъго, живго авторасул лирикияв героясул рухIияб, жанисеб хиса-баси лъугьараб куцалъулги бицунеб буго къасидаталда.
Балагьараб мехалда, поэмаялъул лирикияв героясул цин пикру ккун буго Устарасухъе ине, хадубго гьеб пикру хисун буго, жиндирго хьвада-чIвадиялъул, гIамал-хасияталъул хIисаб гьабидал. Гьесда цебечIун буго расги лъикIаб гуреб сурат.
«Какил гIужал кватIарав, тIадал ишал тохлъарав
Дун тайпа устарасда аскIове кин ваккулев?» –
ин жиндагоги абун, лирикияв герояс хIукму къотIула гьеб суалалъулъ гIедегIунгутIизе.
«Росу бакьулъе щварав кьурун тIад вуссана дун», – ин хъвалеб буго гьес. Амма гьелъул магIна кколаро гьеб таваккал гьечIолъи букIанин абураб. Гьелъул гIаксалда, лирикияв героясе бокьун буго устарасухъе иналде кинабго рахъалдасан хIадуравлъун вукIине.
Живго мурадалде щвеялъе нух поэтасда бихьула хIеж борхиялъулъ. Гьес гьедин гьабизеги гьабула: болжал щвараб мехалда, росуцоязда цадахъ хIеж борхизе сапаралъ вахъуна.
Поэтасулги къайицадахъ ХIасанилги хабар кколеб буго устарасул хIакъалъулъ. ХIасаница бицунеб буго жиндирго ккаралъул: «гIаракъиялъ къан ккурав» гьев эбелалъул гьариялда рекъон ун вукIун вуго устарасухъе. Гьелдаса нахъе гьев кьучIдасанго хисула: гьекъолдиялъ сахлъиги чIван, гIадамалъаги вахъун вукIарав чи, шишагун кьаллъула ва бусурбанчиясул нухде вуссуна.
СапарчагIиги, гьезда гъорлъ шагIирги, мурадалде щола – гьез хIеж борхула. «ХIежалъул арканалги ками гьечIого тIуран» лирикияв героясул жиндаго ракIчIей бижула – гьесда ккола устарасда берчIвазе бегьулеб даражаялде жив вахун ватилилан. Гьебго заманаялъ хIежалъул ракьалда устар вукIин лъарав лирикияв герояс жиндирго къайицадахъ ХIасанида гьарула гьевгун дандчIваялъе рес балагьеян. Балагьараб мехалда, цIикIкIараб асар гьабун буго гIолиласул рекIее жиндирго вукIинесев устар тIоцебесеб нухалъ вихьиялъ.
Гьеб дандчIваялъ жиндие гьабураб асаралъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго авторас:
«Дун хIикмалъун, хIал рекIун, кIалдиб мацI цIорон хутIун,
Хваш-башалъул рагIицин рагIичIого хутIана».
Амма гьелдаги хIикмалъаби лъугIуларо. Поэтасул кIудияв инсул хIакъалъулъги цIехон, гьес жиндиего гьабураб квербакъиялъулги бицун, устарас бичIчIизабула жиндихъе вачIинеян къватIиве вахъарав гьав (автор), нухдаса нахъ вуссун вукIиналъул хIакъалъулъ. Лъицаго бицинчIониги, цохIо гьесда гурони лъалареб жо устарасда лъан батидал, хIикмалъун хутIула шагIир:
«Мун щай, дир вас, дихъеян ЧIикIавеги щварав чи,
ЩайтIаналъ малъухъе нахъги вуссун вахчарав?»
Поэмаялъул героясул пикруялда рекъон, кинго рес букIинчIо устарасда лъазе доб къоялъ жив гьесухъе сапаралъ ине къватIиве вахъун вукIараблъи ва цинги, пикруги хисун, бащдаб нух тедал, нахъ вуссун вукIинги. Гьеб досда лъалеб батиялъ гьав цIакъ гIажаиблъизавун вуго:
«Гьединан гьес гьикъидал паналъана рекIел хIал:
«ХIалкIолев Аллагь, кисан Устарасда гьаб лъараб?!
Поэмаялъул героясе хасаб кIвар буго жиндирго вукIинесев устар «Авараг загьирлъараб Маккаялъул ракьалда» вихьиялъул. Гьес абулеб буго:
«Рокьул керен-ракIги цIун, цIилъана дие дунял
ЦIияб дуниялалде дунго виччанин ккана».
Гьебго заманалда нилъеда устар вихьула цIакъго гIадатияв, щивав чиясде кIвар буссинабулев, киназулго тIалаб-агъаз гьабулев чилъун, гьес гара-чIвари гьабулеб буго «щивасул адаб ккураб», мухIкан гьарула суалазе жавабал, гьарула малъа-хъваял, насихIатал ва гь. ц.
Устар лъаялде къасидаталъул герояс тIамураб иргадулаб галилъун лъугьуна гьесухъе сапар бухьин. Поэтасулгун ккараб гара-чIвариялъул хIасилалда устарас гьесул рухIияб гIузруялъе «къимат» кьолаго, абулеб буго кинабго жо хвезабун бугила ракI кIийиде бикьун букIиналъ. Чорхол гIузрабазе «даруги» – рекIел зикру бугин абулеб буго устарас. ЧIикIаса КIудиясул муридлъун вахъун хадуб поэтасул кидагосеб гIишкъулъун лъугьуна устарасухъе зиярат гьаби. Амма гIемер гьесухъе ваккари адаб гьечIолъилъун букIинги бичIчIун Устарасул гIумруялъул баянал ракIаризе, гьесул хIакъалъулъ жиндирго рижарал пикраби гIахьал гьаризе, гьев щола цогидал муридзабазухъе, диниял гIалимазухъе, КIудиясул гIагарал чагIазухъе. ШагIир ГIайшат Малачиевалъ рикIкIунеб буго мацIалъул бацIцIалъиги, кочIолаб пасихIлъиги щвалде щун бихьулин «Дир ЧIикIаса КIудияв» абураб тIехьалдасаян.
Исламиял шагIирзабазги диниял церехъабазги гIемерал мавлидал, къасидатал магIарул мацIалда хъван ругеб мехалъ, аварагасул хIакъалъулъ цоги шагIирас абизе хутIараб рагIиго бугодаян кколаан. МахIмуд-апандица хъвараб «ЦIияб мавлид» батIияб, цIияб къагIидаялъ хъван букIин, махщел камилав чиясда гьеб тIадегIанаб ишалъе хасаб нух батулеблъи нугIлъун буго нилъее.
Совет хIукуматалъул соназдаса хадуб тIоцере мавлидал хъварал магIарул шагIирзабаздасан цояв ккола МахIмуд-апанди. Мавлидалъе щвана цIалдолезул тIадегIанаб къимат, гьеб лъугьана жакъасеб къоялъул цо-цо хаслъаби жиндица загьир гьарураблъун, бусурбабазул рухIиял тIалабазе жаваб кьолеблъун, халкъалъ мавлидазда ахIулеблъун.
ЦIакъго цIикIкIараб машгьурлъи щвана МахIмуд-апандил ункъмухъилал кучIдуздасан гIуцIараб «УнкъбокIонал чIинхал» мажмугIалъе.
Цоги жоялъул бицине ккеларо гьеб тIехьалъе живго тIарикъаталъул кIудияс СагIид-Апандицаги, лъабавго халкъияв шагIирасги – ХIамзатил Расулица, ГIабасил МахIамадица, МухIамад АхIмадовас къимат кьун бугеб мехалъ.
ХIаракатаб хIалтIи гьабулеб буго шагIирас диналда сверухъ бичIчIи кьеялъул рахъалъ диналъул вацазеги яцазеги батIи-батIиял суалазе жавабал ралагьиялъеги. Гьедин, хIежалде сапар бухьунезе пайдаяблъун лъугьана кочIодалъун хъвараб «Нужее нух битIаял, хириял хIажизаби» абураб тIехь. МахIмуд-апандица хъварал тIахьаз («Азаралда цо жаваб», «ХIежги, дугIабиги, суал – жавабги», «Азаралда цо жаваб» ва гь. ц.) магIарулазе кумек гьабулеб буго диниял кьучIал лъазе ва диналда сверухъ гIадамазул раккулел суалазулъ мухIканлъи гьабизе.
Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-Апандица гьадинаб къимат кьолеб буго шагIирасе: «МахIмуд-апандил гIумруялдасаги, гIамал-тIабигIаталдасаги, гьабулеб-толелдасаги, хасго гьес къватIире риччарал тIахьаздасаги гIалимзабиги динияб идараги рази руго. Халкъалъе унго-унголъунги пайдаяллъун, мунпагIат бугеллъун, хIажалъи цIикIкIараллъун руго шагIирасул «УнкъбокIонал чIинхал», «Дир ЧIикIаса КIудияв», «ЦIияб мавлид», «Азаралда цо жаваб», «ХIежги, дугIабиги, суал-жавабги», «ШигIриял вагIзаби», «ХIадисазул квацIи» абурал тIахьал. ЛъикIаб босизеги, квешаб тезеги гIадан кантIизави гуребги, гьел мажмугIал цIаларасул рекIелъ иман щулалъизе, исламияб диналде рокьи цIикIкIине букIиналда щаклъи гьечIо.
Диналъул вацасе – МахIмуд-апандие, исламиял асаралги хъван хаду-хадурги бусурбаби рохизаризе халатаб гIумруги, щулияб сахлъиги, икъбалги, тавпикъги кьегиян дир дугIаги буго».
МахIмуд-апандица жиндир асаразулъ кIодо гьарулел руго живго вижараб ракь, Харахьи росдал гIадамал, хунздерил тIалъи, магIаруллъи ва бусурбанаб агьлу. Гьев вуго гьунар цIубарав, жиндирго хасаб хатI бугев шагIир. Гьесул асаразулъ нилъеда батула пикрабазул гъварилъи, рагIул пасихIлъи, мацIалъул берцинлъи, кучIдузул цо гIажаибаб гугьар ва нур кьолеб къуват. Гьединав пагьму-гьунар камилав, магIарулазда гьоркьов машгьурлъарав шагIирасул магIна гъваридал асарал гъираялда къабул гьарула гIисиназги чIахIиязги. Баркала буго МахIмуд-апандие цIалдолезул ракIал тIаде цIалел асарал хъваралъухъ, пасихIаб, бечедаб магIарул мацIалъухъ, такрарлъи гьечIеб гьунаралъухъ, цогидазулалда релълъинчIеб, жиндиего хасиятаб, хасаб шигIрияб нухалъухъ.


МУХIАМАД МУХIАМАДОВ,
филологиял гIелмабазул доктор, профессор,
магIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев.

Просмотров: 212 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz