Суббота, 27.04.2024, 05:55 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Ноябрь » 9 » Х1ИНКЪИ ГЬЕЧ1ОЛЪИЯЛЪУЛ НУХДА ХАЛКЪАЛЪЕ ХЪУЛУХЪАЛДА.
17:49
Х1ИНКЪИ ГЬЕЧ1ОЛЪИЯЛЪУЛ НУХДА ХАЛКЪАЛЪЕ ХЪУЛУХЪАЛДА.

Т1олабго улкаялдаго г1адин, Россиялъул Жанисел ишазул министерствалъул нилъер районалда бугеб полициялъул отделалъги 10 ноябралда к1одо гьабула полициялъул х1алт1ухъабазул къо.

Нилъер Ват1аналъул, нилъер г1адамазул парахалъи, гьезул х1инкъи гьеч1олъи ц1униялъулъ, терроризмалде ва экстремизмалде данде рагъ гьабиялъулъ, г1адамазул зах1мат ва ихтиярал ц1униялъулъ бергьун к1удияб бут1а лъола полициялъул х1алт1ухъабаз. Гьел мустах1икъал руго киг1анги к1удияб адабалъеги реццалъеги.

Т1аде щолеб бугеб байрамги баркун, жакъа нижеца гара-ч1вари гьабуна нилъер районалъул полициялъул отделалъул начальник Сайбулаев Мух1амадх1ажияв Сайбулаевичасулгун.

-Мух1амадх1ажияв Сайбулаевич, бокьилаан ц1алдолезе дуца рицани жакъа къоялда жаниб нилъер полициялъул отделалда цере ч1арал масъалабазул х1акъалъулъ.

-Кидаго г1адин, нилъер отделалъул х1алт1ухъабазда цебе ч1араб масъалалъун ккола экстремизмалде ва терроризмалде данде къеркьей, гражданазул ихтиярал ва эркенлъи ц1уни, гьезул г1умруялъе ва сахлъи ц1униялъе квербакъи, жамг1ияб х1инкъи гьеч1олъи, г1адлу-низам бук1инаби.

Гьаб соналъул ич1го моц1алъул х1асилал данде росидал районалда такъсирчилъи дагьлъун буго араб соналъул гьабго заманалда данде ккун бук1араб 57 такъсиралъул бак1алда 46-ялде щвезег1ан. Гьезда гьоркьор руго бикъа-хъамиялъул, законалде данде кколареб ярагъ, наркотикал х1алт1изариялъул, х1адур гьариялъул, экономикияб бут1аялда хурхарал. Зах1матал ва ц1акъго зах1матал, уголовныяб къаг1идаялда т1уразе кколелги, следствие гьабич1ого г1олелги. Гьарурал такъсиразда гьоркьосан г1аммаб къаг1идаялда рагьун руго 97,5 проценталъ.

-Кинаб ригьалъул г1адамаз ц1ик1к1ун такъсирал гьарулел?

- Такъсирал гьарулезда гъорлъ руго г1емерисел кирниги ц1алулел ва х1алт1улел гьеч1ел г1адамал, аслияб къаг1идаялда г1олохъанаб г1ел. Гьаб соналда гьабун буго 27 такъсир. Гьездасан уголовнияб жавабчилъиялде ц1ан вуго 24 чи, гьезулги гьекъон-мехтун ратун – 5, цебеги такъсирал гьарун рук1арал – 11, цебеги учеталда лъун рук1арал – 2, руччаби -3, чангоял цадахъ лъугьун- 1, нухмалъулел – 1, хъулухъчаг1и – 5, кирниги х1алт1улел гьеч1ел -17.

-Гьединал такъсиралги, жамг1иял г1адлу-низам хвезабуралги, ц1огьалги, гьекъолдухъабиги къват1ир ч1вазариялъе нужее г1езаг1ан х1алт1ухъаби х1ажалъулел ратила?

-Узухъда, х1ажалъула. Гьабсаг1аталда нижер штаталда вуго 83 х1алт1ухъан. Гьел х1алт1улел руго отделалъул бат1и-бат1иял хъулухъазда. Нижер руго следователалги, дознавателалги, патрулалъулгин постазул хъулухъалги, участковиялги, г1овул г1ужде рахинч1езулгун х1алт1и гьабулел хъулухъалги ва гьел гурел, жеги г1емерал х1алт1ухъабиги.

Россиялъул Президентасул 2012 соналъул 7 маялда рахъарал указал г1умруялде рахъинариялъе, гьединго пачалихъиял хъулухъазул рахъи буголъи борхизабиялъе отделалда т1уразарула гьадианл пачалихъиял хъулухъалги: -гражданазул дактилоскопиялъулаб регистрация гьаби, -архивалъулал справкаби кьей, судимость уголовнияб хал гьабиялда гъоркь вугищали лъазаби, миграциялъул хъулухъал.

-Дандч1валищ нилъер районалда законалда данде кколареб къаг1идаялда ярагъ ц1унулел г1адамал? Наркотикал х1алт1изариялда хурхун щиб абилеб? – Камуларо нилъер районалдаги цо-цониги гьединал такъсирал гьарулел. Гьедин, законалда данде кколареб къаг1идаялда х1алт1изабулеб батун г1адамазухъа бахъана – 4 чанахъанасул таманча, 40 патрон.

Наркотикал х1ал1тизариялда хурхун гьабун буго 11 такъсир. Рагьизе к1вана анлъгояб. Г1адамазухъа бахъизе к1вана 1188, 19 грамм «Марихуанаялъул», 0,64 грамм «Трамалалъул», 52 хьоп наркотик гъорлъ бук1унеб габаниялъул.

-Байрамалъул къоги бугелъул рехселарищ х1алт1улъ т1ок1лъи бихьизабулел г1олохъабазул ц1арал?

-Х1алт1уларел, х1алт1улъ тасамах1лъи гьабулел г1олохъаби нижер гьеч1о. Жив-жив чи къеркьола жидеда т1ад къараб иш рак1 бац1ц1адго т1убазабиялъе г1оло. Амма гьезда гьоркьосанги церехъабазул кьеразулъ ц1арал рехсезе мустах1икъаллъун дица рик1к1уна Бакьагьеч1и, Х1ариколо, К1ахъ росабазул участковияв Камилов Рашид, Г1арани росдал участковияв Г1абдулкъадиров Мух1амад, гражданазулаб хъулухъалъул х1алт1ухъан Г1абдулпатах1ова Халун. ГАИялъул начальник Мух1амадов Бат1ал. Гьев х1алт1уде вач1аралдаса районалъул нухазда ц1ик1к1араб г1адлу-низам лъугьана, дирго заместитель Маликов Шамиль ва гьел гурел г1емерал цогидалги.

-Бокьарав чиясул рес бугищ полициялъул кьеразулъе лъугьине?

-Полициялде х1алт1изе вач1ине бокьарав чиясул бук1ине ккола, бищун цебе т1адег1анаб лъай, бихьинчияб рак1, физическияб къаг1идаялъ къвак1и. Амма лъай бугев, рек1елъан х1инкъарав чи полициялда т1уваларо. Полициялда х1алт1улев чи ине ккола жидерго г1умруялде рач1инч1ого бищунго х1инкъараб бак1алде хъулухъалъулаб иш т1убазе. Х1ажалъи ккани рагъизеги, реч1ч1изеги х1адурал рук1ине ккола гьел. Цо-цоязда бадир-к1алдир къан бук1уна полициялда ва рагъулал хъулухъазда х1алт1улезе щолел харжал, амма гьез пикру гьабуларо гьезул х1алт1ул роценалъул. Кинав чияс х1ехьолеб балеб г1азулъги, пуй ч1ваялъулъги нилъер г1адамазул парахалъи ц1униялъе г1оло рагьараб зодикь х1алт1и, кинав чиясда к1олеб гьабсаг1аталда мун г1умруялдаса ват1алъизе рес бук1аниги, кьвагьулеб, реч1ч1улеб бак1алде ине? Нилъер полициялъул отделалда руго гьединал х1алт1ухъаби.

Мисалалъе босани, 20 соналъ цебе Болъихъ районалда бандал к1анц1араб мехалда гьениб г1ахьаллъи гьабуна нилъер г1олохъабаз. Новолакалда бандазулгун бук1араб рагъулъ лъукъун рук1ана нилъер чангоял. Чан полициялъул х1алт1ухъан т1аде рехараб жоялъ кьвагьун г1умруялдаса ват1а гьавурав? Хъулухъалъулаб налъи т1убалаго, нилъеда гьоркьоса камуна, гьал ахирал соназул х1исаб гьабун, 6 х1алт1ухъан.

Нилъер г1олохъабаз жигараб г1ахьаллъи гьабуна Шамильский районалда бандазде данде гьабулеб кьвагьа-г1анхъиялъулъ. Гьениб нилъеразул жигарчилъиялдалъун ч1вана 3 бандит. Цо талих1алъ нилъерал ками ккеч1ого рорч1ана. Рехселин ккани, гьединал лъугьа-бахъинал г1емер руго. Аллагьас ц1унун хут1аги нилъ гьединал балагьаздаса. Отделалда х1алт1улев вуго 5 – «Бихьинчилъиялъул» ва 1- «Бах1арчилъиялъе г1оло» орденал щварал х1алт1ухъаби. Руго щвезе мустах1икъал, амма цо лъилалиго тасамах1лъиялъе г1оло щвеч1ого хут1аралги.

Нилъ ч1ух1ула полициялъулазул бах1арчилъиялдаса, къо х1ехьеялдаса, х1инкъи гьеч1олъиялдаса.

-Г1адамазулгун гьоркьоблъи кинаб бугеб нужер?

-Г1адамазул кумекг1ан х1ажатаб иш нижее гьезего гьеч1о.Такъсирал рагьулелъул гьезул кумек гьеч1они, нижее гьел рагьизе ц1акъ зах1малъула. Гьединлъидал, к1удияб гьари буго щив чи вугониги щаклъи бугев, гьаб-доб босун бичулев вугилан къват1азда сверулев, хех гьабун полициялда лъазабеян. Гьаб ахир заманалда росабалъ ц1ик1к1ун буго ц1огь. Гьари буго гьеб гьабураб бак1алде жанире унгеян, мерхьун лъалк1ал хвезаругеян. Бач1инахъего ах1е полиция. Дагьаб цебег1ан тукен бикъун батараб мехалда, гьелъул бет1ергьананалъ, полиция ах1илалде цебе, цин тукен чурун буго. Бегьуларо гьедин гьабизе. Цо гьит1инаб бук1аниги квер базе бак1алъ к1удияб кумек гьабула.

Мух1амадх1ажияв, баркала гара-ч1вариялъухъ. Гьарула нужее щулияб сахлъи, х1алт1улъ ч1ах1иял бергьенлъаби. Биччанте кидаго бук1ине парахалъи, г1адлу-низам. Хулиганал, ц1огьал лъуг1аги, х1инкъигун такъсирчилъиги т1аг1ун, т1егьан бач1аги нилъер Ват1ан.

Гара-ч1вари гьабуна Н. Г1алиевалъ.

Просмотров: 361 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz