Пятница, 19.04.2024, 02:43 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2019 » Декабрь » 31 » К1ИГО ЛЪАГ1ЕЛАЛЪУЛ Г1ОРХЪУДА ГАРА-Ч1ВАРИ.
15:05
К1ИГО ЛЪАГ1ЕЛАЛЪУЛ Г1ОРХЪУДА ГАРА-Ч1ВАРИ.

Н. Задиев: Дунгун х1алт1улев чиясе бищун цебе вижараб ракь бокьизе ккола

2019 соналъул ахирисел т1анчал регулаго, районалде бач1ана рохалилаб хабар-2018 соналъул социалиябгун экономикияб цебет1еялъул х1асилал данде росидал, муг1рузул районазда гьоркьоб нилъер районалъ т1оцебесеб бак1 ккун бугилан. Цересел бак1ал ккурал шагьаразул округазе ва муниципалитетазе г1арцулал сайгъатазе республикаялъул т1алъиялъ бихьизабун буго 25 млн. гъурущ. Т1оцебесеб бак1алъухъ нилъер районалъе щвезе буго 2 миллионг1анасеб г1арац. Районалда унел ругел х1алт1абазул, ц1ияб соналъ гьабизе рак1алда бугелъул бицараб г1ат1идаб гара-ч1вари ккана дидаги районалъул нухмалъулев Нурмух1амад Задиевасдаги гьоркьоб. Байрамалъулаб номералда кьолеб буго гьебги.

 

-Нурмух1амад Махсут1х1ажиевич, нахъа тана дур хъулухъалъулабги г1умруялъулабги цойги сон. Кинаб бук1араб тарихалде араб лъаг1ел дуе ва районалъе?

-Дирго хасаб г1умруялъул бицани, 2019 сон бук1инч1о къварилъаби ккараб, рак1 бакъвазе г1иллаби лъугьараблъун. Х1алт1улаб рахъалъ босани, г1езег1ан зах1матаб лъаг1ел бук1ана. Законодательствоялда ккарал хиса-басиязги, рижарал ц1иял т1алабазги хисизе ккана х1алт1ул къаг1идаби, гьабулеб ишалъул даража борхизе ккана. Абиларо гьеб квеш бугилан. Х1алт1улел чаг1азе ц1ик1к1ун ресал руго, х1ажат буго нилъедаго жаниб хиса-баси гьабизе.

-Хут1аралищ гьаризе т1аде росунги рук1ун раг1алде рахъинч1ел ишал, лъуг1арал, районцоял рохарал кинал ккарал?

-Исана т1аде босун бук1араб, гьабич1ого хут1араб х1алт1и цониги хут1ич1о. Щибаб росдал поселениялъе кьун бук1араб раг1иги т1убазабун буго. Амма гьаризе х1алт1аби г1емер руго. Исана проекталъулабгун сметаялъул документация лъуг1ич1олъиялъ бажаринч1о райцентралда ва Хунзахъ жаниб ц1ияб лъел мухъ бачине. Т1адеялъул, Аллагьас хъван батани, гьеб иш раг1алде бахъинабизе буго.

Ц1ияб соналде лъег1елдерие лъик1аб сайигъатлъун лъугьина гьениб бан лъуг1араб квег1енаб, берцинаб школа. Ц1ик1к1унисел х1алт1аби лъуг1ун руго Шотот1а школа баялдаги. «150 школа» программаялда рекъон, лъик1аб ремонт щвана районалъул ункъго школалъе, гьабуна кумек садиказе къвариг1араб-тараб босизеги. Г1адамазе х1ухьбахъизе «Комфортная городская среда» програмаялдасан рана Бакьагьеч1и, Гьоц1алъ паркал. Къач1аялъул ва хъил т1еялъул х1алт1абазул т1оцебесеб этап лъуг1ана Г1арани-Хунзахъ автомобилияб нухда. Хунзахъ ц1ияб авалалда бахъана 800м. нухлул. Бокьун бук1ана Г1ахьалч1ибе нухде хъил т1езеги, амма районалда гьабунщинаб хъил буссинабизе ккана Моч1охъе нух къач1аялде. Федералияб программаялъул г1арац т1убазабизе ккола лъаг1ел хвелалде, бак1алъулаб, ай республикаялдаса бач1унеб лъаг1алил байбихьудаги бегьулелъул, кинабго къуват федералиял программаби т1уразариялде буссинабизе ккана. Кутакалда беричаб культураялъул рукъ къач1ан лъуг1ана Г1орут1а, проектгун смета гьабун, объект базе бугеб ракь бихьизабун буго Гьамущи ц1ияб СДК баялъеги. 2020-21 соназ х1алт1аби лъуг1изаризе руго гьенирги, инша Аллагь. Киналго лъай кьеялъул учреждениязда гьабуна ц1а ккеялдаса ц1униялъул, видеонаблюдениялъул системаби. Гьебги рик1к1ине бегьула гьит1инабго бергьенлъилъун.

-Кинал унтабигун, суалалгун г1адатаб халкъ духъе бач1унеб? Кинаб кумек гьарун?

-Генпланал гьеч1олъиялда бан, г1адамазе рукъзал разе планал кьоларого г1унгут1аби рук1ана гьанжелъаг1ан. 8 росдал гьеб суал т1убан лъуг1ун буго, жеги 14-язул раг1алде бахъунеб буго. Хьул буго бач1унеб соналъг1аги планал рикьиялъул иш рук1алиде бач1инилан. Гьединго г1олел гьеч1о ясли-ахазда гьит1ичазе бак1ал. Амма гьелдаго цадахъ нилъер районалда цо-цо росабалъ руго, цогидал районазда гьеч1ел 3-5 лъимер бугел садикалги школалги. Гьеб суалги лъиданиги хъат1уларедухъ т1убазабизе ккола. Ремонт гьабизелъун моц1ица ясли-ахал къанилан, республикаялде г1унт1ун г1арзал рахъулел г1адамалги ккун рук1ана. Ремонтал т1орит1изелъун лъай кьеялъул г1уц1аби заманаялъ къай цогидазги гьабулареб жо гуро. Жакъа къоялде 15-20 школалда цебесеб лъай кьеялъул объекталда гьабун буго газалъ хинлъизариялъул системаби. Ц1ияб соналъул каникулазул заманалдаги гьеб х1алт1и ч1езе тезеги гьеч1о.

-Хъулухъалде лъугьунаго дуца абун бук1ана бет1ер борхун вач1анин жив т1алъиялде, гьедин хут1изеги бокьилилан. Х1алт1ул къокъаб болжалалда жаниб лъикьаниги намуслъараб, берал рахчизе ккараб х1ужа кканищ?

-Циндаго вач1анщинав чиясул къвариг1ел т1убазе, киг1ан бокьаниги, к1оларо. Щибаб анкьил г1адамал т1аде къабул гьариялде (приемалде) рач1унезул 5-6 язе къвариг1ун бук1уна х1алт1изе бак1. Цо чи х1алт1уде восизе ккани цойгияв нахъе рехизе ккола. 50-60 чи вугеб администрациялда х1алт1изе дозие къвариг1унилан кире дол росилел. Бажарунаро щивасул мурад т1убан, рек1екълъула.

Ц1акъ бокьун бук1ана районалъул юбилеялда цебе кьураб раг1и т1убан, нух къач1ан лъуг1изе, амма дида рач1ел г1иллабаздалъун гьеб ишги нахъ бахъизе ккана. Юбилеялдаса хадуб гьабуна гьелъие ремонт. Гьеле гьедин ккедал намуслъула.

-Дуца рехсараб х1алт1и гьеч1олъи дагь гьабизе рес гьеч1ищ кинго?

-Узухъда, рагьулел фабрик-заводал гуреб, производство гуреб бак1алда ц1иял х1алт1улел бак1ал рагьизе расги бигьаяб иш гуро. Амма жакъа халкъалъе г1езег1ан ресал руго жалго жидецаго х1алт1удалъун хьезарураллъун рук1ине. Нилъер районалдег1ан г1емер туристал рач1унеб бак1 Дагъистаналда кибго гьеч1о. Къиматалда руго гьалбадерил рукъзалги, мини-гостиницабиги, квен-т1ехалъе бак1алги. Гьединазе х1укуматалъ гьабулеб квербакъиги бук1уна. Районалъул к1иго гостевой домалъе щвана к1инус-нус азарго гъурущ субсидиялъул. Сордо баралъухъ гьалбадерица кьолеб буго азарго гъурущ, гьелде т1адеги кванихъ, х1ухьбахъиялъухъ майилан г1арац хвезабулел чаг1и ккола туристал. 20-30 чи къабул гьабизе к1олареб хъизам нилъер бук1унаро. Рехун тун умумузул рукъзалгун, ч1унтизе тун авалалгун руго нилъ х1алт1аби гьеч1илан разилъунгут1иялда. Лъик1аб мисал бихьизабуна сахъадерил бет1ерас гьалбадерил рукъ гьабун, росу ч1аголъизабиялъе. Щивасе х1ажат бугоан ругелг1аги ресал х1алт1изаризе.

Райадминистрациялъул мина къач1азе щай дица ингушал рачине ккелел рук1арал? Ц1ад байдал жанире рилълъун, къот1идал х1алт1ун, къасимех канлъи бакунги гьабулеб жо лъуг1изабулаан доз. Нилъер г1адамазулъ гьеч1о гьединаб ч1аголъи, коммерческияб чанк1к1и. Иншааллагь, газалъул документация, счетал рагьун лъуг1идал, г1адамазе хъулухъ гьабулеб, г1арац бак1арулеб г1уц1иги рагьилин хьул буго нилъер гьаниб. Узухъда, гьенир х1алт1изе росулел г1олохъабиги нилъералго рук1ина.

-Нилъер ракьцояв Расул Х1амзатовас абун буго «Херал маг1арулал нужер цо раг1и-цо г1алимчиясул т1ехь буго дие»-ян. Лъала, дур пикруялдалъун ц1и гьабуна районалда херазул совет. Кинаб кумек щолеб ц1ик1к1араб г1елалъул г1адамаздасан, щиб дуца гьезда дандбалеб?

-Бит1араб бицани, ц1ик1к1араб г1елалъул ракьцоялгун г1акълу дандбазелъун цо данделъи гурого т1обит1ун лъугьинч1о нижехъа жеги. Амма рак1алда буго гьел риз гьаризе, г1адамазул рук1а-рахъин лъик1лъизабиялда, ц1и гьабун балелда, бугеб къач1аялда хадуб гьезул жамг1ияб бербалагьи ч1езабизе. Херал чаг1аз мекъаб жо малъуларо, гьезул сундулъниги напсияб х1ажалъи бук1унарелъул, гьез рак1унтун къабул гьабула жамг1ияталда лъугьунеб-толебги.

-Хералго г1адал бажарарал, районалъул бук1инесеб кодосел чаг1и ккола г1олилалги. Гьезие рак1батизабилъун районалъул нухмалъиялъул рахъалдасан щиб рик1к1ине бегьулеб?

-Х1алт1ул байбихьуда дица абун бук1ана дир политикаялъул аслияб к1вар лъай кьеялде буссараб бугилан. Лъик1ал тохтуралги, учительзабиги, цойгидал махщалилалги рахъине ккани, бук1ине ккола школалдасанго, ясли-ахалдасанго г1елму-лъаялъул щулияб кьуч1. Ц1ар раг1арал, лъималазе камилаб тарбиягун лъай кьурал муг1алимзабазул мустах1икъал ирсилаллъун рук1ине х1ажат буго жакъасел педагогалги. Гьединлъидал т1обит1ун бук1ана лъайкьеялда х1алт1улелщиназул дида ццим бахъараб, аттестация. Махщел камил гьабиялда т1ад педагогал х1алт1изелъун, г1олеб г1елалда гьез малъулелъулги даража борхизелъун. Дица рик1к1унаро 40-язда гьоркьоб 8-леб бак1алда нилъер лъайкьей бук1ин к1удияб бергьенлъилъун.

Сахлъи ц1униялда ва лъай кьеялда бажари бугел г1олилал загьир гьаризелъун т1орит1ана нижеца г1олилазул комитетгун цадахъ ДГМАялъул ва ДГПУялъул студентазулгун дандч1ваял. Гьезул щибалда дица загьир гьабуна унго-унголъунги рак1бац1ц1адго ц1аларал ва х1алт1изе гъира бугел г1олилазе районалъул нуц1би рагьарал рук1ин-гьезие сундулъго щвезе буго нухмалъиялдасан кумек.

-Г1адамазда кутакалда х1унсулеб суал ккола гьадингоги г1одорег1анал харжазда ругел х1алт1улал бак1ал къокъ гьари. Бач1унеб соналда гьеб суал хъат1ич1огог1аги хут1уларищ районалда?

-Дица чанго нухалъ рехсонги бук1ана, сокращениял гьари дир мурад гуреблъи. Рихьизарурал лимитазда жанир нухмалъулезул расходал гьунел ругелдаса нахъе, дица щивниги бет1ер ч1ван рокъове вит1еян абуларо. Амма х1ажалъиго гьеч1ел, жидедаса пайда дагьал штатал кьара гьарун х1алт1уда кквей х1алт1ул рахъи буголъи гуро.

Администрациялдаса дица къокъ гьарурал 25 х1алт1ухъаби рук1ана законияб гуреб х1алалъ рагьарал, къот1и-къаялда рекъон харжал росулел хъулухъазда. Гьел рокъоре рит1ун, дица дирго чи восун гьеч1о гурищ х1алт1уде? Понц1озарурал, пайда гьеч1ел штатал къокъ гьаруна ва гьаризе руго дица.

- Бач1унеб соналъ гьаризесел лъик1ал, х1алт1абазде, объектазде, тадбиразде пардав рагьиларищ?

- Аллагьасул кумекалдалдалъун, 2020 соналъ бокьун буго цин Сивухъехун, хадуб Гьоц1алъ участкалъул росабалъе газ бачиналъул х1алт1аби т1орит1изе. Бищун квачараллъун ккола Сивухъ, Шотот1а, Г1ахьалч1и росаби. Гьединлъидал, гьезул ирга цебе ккезабизе буго. Т1адехун рехсаралъубе Кьохъан бачунищ, Хунзахъан бачунищ лъик1 ккелебали х1исаб-суалги гьабун, т1адеялъул гьел х1алт1аби жигаралда т1орит1изе рак1алда буго. Хадуб ирга щвела Харахьи участкаялъулазде.

Цебехун бицахъе, ц1ияб лъел мухъ бачине буго Хунзахъ. Бакьагьеч1ибе, Г1орот1а, Харахьи, Г1ахьач1и, Гьац1алухъ росабазулги т1убазе буго лъел суал.

Гурх1илеб х1алалда руго Г1арани интернаталъул, Г1ахьалч1и школалъул минаби, ц1ияб бараб объект бук1аниги, т1аде рач1аразукьа нечелеб х1ал буго «Хъах1ал къункъраби» мемориалалда. Рак1алда руго гьенир капиталиял ремонтал гьаризе. К1иго сменаялда лъимал ц1алулеб районалда бугеб г1иц1го цо г1уц1и ккола – Г1урк1ач1и школа. Х1ажат буго гьадингоги балада нахъа рук1иналъ щибго кумек-шарт1 щоларел гьезие цо сменаялда лъимал ц1алиялъул квег1енлъиг1аги щвезабизе. Гьеб рик1к1адаб росдалги лъел суал т1убазе х1ажат буго. Лъуг1изабизе буго райцентралда локалиял рагъул г1ахьалч1аг1азул парк. Капиталияб ремонт щвезе буго токил мухъазе.

Федералиял программабазул, нилъго бет1ергьанал доходазул щибаб гъурущ х1алт1изабизе рак1алда буго халкъалъул рук1а-рахъин лъик1лъизабиялда, гьезие х1ухьбахъиялъе, ц1алуе, х1алт1уе шарт1ал г1уц1иялда.

- Т1адехун рехсарабщинаб г1умруялде бахъинабизе ккани, х1ажалъула мунгун пикруцоял, цо рахъалдехун балагьарал бут1рул, нухмалъулел. Кинав вук1ине кколев дур командаялдаса инсан бищун цеве? (Г1амал-хасияталъул цояб рехсе).

- Дир командаялъул чилъун рик1к1ине ккани инсанасулъ бищун цебе бук1ине ккола вижараб ракьалде рокьи ва гьабулеб ишалъулъ жавабчилъи. Гъираялда рач1ине ккола х1алт1уде, щибаб къойил мат1уялъуве валагьун «Щиб пайда ккараб жакъа дидасан?» йилан суал кьезеги ккола жиндиего. Нухмалъиялъ х1аракат бахъулеб буго х1ажаталщинал зах1маталъулал шарт1ал ч1езаризе, х1ажат буго данде гьабулеб жаваб. Цо чиясухъа кинабго гьабун бажаруларо, цадахъаб къуваталдалъун х1алт1иги бат1ияб бук1уна.

Рес щун бук1аго рехсезе бокьила г1агараб районалде рокьи загьир гьабун дие кидагосеб кумек бук1инабулел районцоялги. Жигараб депутатлъиялъулаб кумек щола ДРялъул Халкъияб Собраниялда Хунзахъ районалдасан депутат Хучбар Хучбаровасул, ПФРалъул нухмалъулев Мух1амад Г1исаевасдагун, Ч1ондокьа сахал г1олохъабазул къокъаялдаги к1очонаро г1агараб район. Руго сахаватал СПКязул нухмалъулел, районалда тадбирал т1орит1улелъул жидеца к1удияб квербакъи гьабулел. Гъоркьиса 700 га гурого бекьун бук1инч1ел, исана 1500 гектаралда рекьи бук1инги рик1к1уна дица росдал маг1ишаталда ккараб лъик1аб х1асиллъун.

Рак1-рак1алъулаб баркала буго гьезие киназего. Гьединаздасан мисал босизе тавпикъ кьеги нилъер г1олохъанаб г1елалъеги.

- Районцояздехун дур гьари-рахьиги раг1изе бокьилаан ахиралда.

- Инсанасул аслияб бечелъи ккола сахлъи. Гьеб гьеч1они, щибго бук1унаро. Биччанте щивав райнцоясул чорхолъ сахлъи саламалъи бук1ине. Щвараб рикъзиялда баракат лъезе. Абухъего, дун кутакалда вохарав вуго, киг1ан финансовияб рахъалъ зах1матаб сон бук1аниги, декабралъулги харжал къазе нилъеда к1веялдаса. Рохун-хинлъун ине ккола г1адамал байрамалъулал каникулазде.

Амма гьелдаго цадахъ районцояздаги к1очене бегьуларо жидеца кьолел ракьул, буголъиялъул ва гь.ц. налогазул дагьаб къадаралъги гьезул щивасул росулъ нух, лъел мухъ къач1аялъе к1удияб квербакъи гьабулеблъи. Щибаб ишалда гьоркьоб жидедасан бач1араб бут1а лъолеллъун, администрациялъе кумек гьабулеллъун рук1ине ах1улел руго дица районцоял.

Биччанте 2020 сон бук1ине киналго рахъаз баракатаблъун, талих1аблъун. Лъиданиги лъагеги ракъи, квач, пашманлъи. Гьелъие нижеда к1овухъе ниж нухмалъулелги къеркьела.

- Нурмух1амад Махсут1х1ажиевич, баркала гара-ч1вариялъухъ. Халкъ разияб хъулухъ гьезие гьабизе Аллагьасул рахъалдасан квербакъиги щулияб сахлъиги дуе.

Гара-ч1вари гьабуна Ф. Мух1амадовалъ.

 

Просмотров: 388 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz