23-24 февралалда райцентралда Р. Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1обит1ана г1адатлъун лъугьараб районалъул бет1ерасул кубокалъе г1оло росабазул командабазда гьоркьоб волейболалъулаб турнир.
Турнир рагьулаго гьелъул г1ахьалчаг1азе саламги кьун к1алъаял гьаруна районалъул бет1ерасул заместитель Гьит1инов Х1амидица, районалъул волейболалъул федерациялъул президент, волейболалъул ветеран Ах1мадов Мух1амадица ва цогидазги.
Хадуб байбихьана х1аязде. Исанасеб турниралда г1ахьаллъи гьабуна 8 росдал командаялъ, гьел рикьун рук1ана 2 группаялде. Щибаб группаялда бук1ана ункъго команда ва гьездасан к1игоялъул рес бук1ана полуфиналалде рорч1изе. Гьедин балагьаразе интерес бугел, х1алуцарал х1аязул х1асилалда полуфиналалда цоцазде данде ккана Т1ануси-Лъаг1илухъ ва Хунзахъ-Г1оч1ло командаби. Гьездасан дандиялги къезарун финалалде рач1ана хундерил ва т1анусдерил волейболистал. Районалда бищунго къуваталлъун рик1к1унел ва г1емерисеб мехалда финалазда цоцазде данде кколел гьел командабазул х1аялъухъ балагьизе рач1араз занк1ун ц1ун бук1ана зал. Байбихьудасанго х1алуцана гьезул х1ай, к1иябго командаялъ х1ай бачунеб бук1ана г1уц1адго ва махщалида. Амма, бащадаб х1ай бук1аниги гьаб нухалда хундерие бит1 ккеч1о 2-0 х1исабгун бергьенлъи иргадулаб нухалда т1анусдерие щвана. 2-1 х1исабгун лъег1елдерида т1ад бергьенлъиги босун лъабабилеб бак1 щвана г1еч1ендерил волейболистазеги.
Чемпионлъун бахъараб ва призалъулал бак1ал ккурал командабазе кьуна кубок, рекъон кколел даражаялъул медалал, грамотаби ва г1арцулал сайгъатал. Тадбир берцин гьабун бук1ана ДРялъул мустах1икъав учитель Расул Г1амирхановас куцарал г1исинал акробатазул церерахъиналъги. Районалъул нухмалъулесул заместитель Г1аммаев Шамилица гьезие сайгъат гьабуна ц1иял спортивиял костюмалги. Турнир къалаго к1алъаял гьаруна районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас, гьесул заместителал Асадг1али Г1абдуразакъовас, Т1алх1ат Г1амирг1алиевас ва цогидазги. Жидерго рахъалдасан Хунзахъ, Заг1иб, Гъонохъ ва Г1оч1ло росабазул командабазе сайгъатал кьуна гьел росабазул бегавулзаби Т1алх1атов Хизрица ва Г1абдурашидов Байсултаница. Гьединго хасал сайгъатаздалъун к1одо гьаруна турниралъул щибаб номинациялда ч1ч1ел босарал волейболисталги: бищун лъик1ав игрок –Х1усенов Шамил (Г1оч1ло); бищун лъик1ав гьужумалъулав-Гъаирбегов Гьит1ин (Хунзахъ); бищун лъик1ав связующий-Хат1ипов Мух1амад (Т1ануси); бищун лъик1ав защитник-Асадулаев Мух1амад (Т1ануси); балагьаразул рак1ал асир гьариялъул приз-Гьиматов Гьит1ин (Лъаг1илухъ). Ахиралда турниралъул оргкомитеталъул председатель Х1айдарбегов Г1абдукъадирица баркана командабазда гьезие щварал бак1ал ва баркала кьуна т1адег1анаб даражаялда х1аял г1уц1изе квербакъаразе.
И. Мух1амадов
|