Гьал къоязда Буйнакск районалъул Халимбекаулалда бугеб «Пять сторон света» абураб спортивияб школалда т1обит1ана Ушу-Саньдаялъул рахъалъ гугариялъул Дагъистаналъул чемипионат. Къецазда г1ахьаллъи гьабуна республикаялъул бат1и-бат1иял шагьараздаса ва районаздаса гугарухъабаз.
Гьел къецазда г1ахьаллъана нилъер районалъул К1ахъ росулъа Г1арани Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб школа-интернаталъул ц1алдохъан Мух1амадов Салих1. Гьес гьел къецазулъ ккуна т1оцебесеб бак1, ва мустах1икълъана «Дагъистаналъул чемпион» абураб ц1аралъе.
Баркула Салих1ида ва гьесул тренер М.Дибирдадаевасда бергьенлъи. Гьарула, хадурккунги районалъул ва Дагъистаналъул ц1ар борхатго кквезе чорхое щулияб сахлъи, ц1и-ц1иял бергьенлъаби росизе таваккал ва къуват, ц1алулъ ч1ах1иял бергьенлъаби. Т1адег1анав Аллагьас (а.т.) киналъулъго кумек гьабеги дуе, Салих1!
|