Цебесеб номералда нижеца хъван бук1ана 8 марталъ районалда т1обит1араб руччабазул мажлисалъул ва гьелда Мах1ачхъалаялда балеб бугеб Г1иса Аварагасул (р.г1) ц1аралда бугеб рух1ияб централъе 300 азаргоялдасаги ц1ик1к1ун гъурущ бак1ариялъул. Ва амма хундерил руччабаз т1аде босун бук1ана садакъаялъул къадар миллион гъурущалде бахинабизе. Ва, гьале-рохел, ч1ух1и ва рак1 разилъи!
Ражабалъул 11-леб къоялде загьирлъана рух1ияб централъе г1иц1го руччабазул къуваталдалъун бак1арараб г1арац 1 миллионгун 207 азарго гъурщиде бахун бук1ин. Руго гьеб г1арцуда цадахъ г1езег1ан меседил ва г1арцул т1аг1алабиги. Х1урматияб къаг1идаялъ центр балезухъе садакъа кьезе ун руссана диниял х1аракатчаг1и-диналъул яцал гьал къояз. Т1олабго Дагъистаналдаго Ч1арада районалдаса хадур, к1иабилел ккана нилъер руччаби сахаватлъиялъул рахъалъ. ДРялъул муфтияталъул Хунзахъ районалда вакил Рукъигат Х1асановалъ рак1-рак1алъулаб баркала кьолеб буго киназего бахъараб жигараялъухъ. Азариде бахинабеги гьабурасул гьабураб садакъа, бищун х1ажаталъуб хвасарлъиялъе батаги кьураб. Амин.
|