Пятница, 26.04.2024, 09:58 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Октябрь » 15 » Г1АКЬИЛЛЪИЯЛЪГИ МАХЩАЛИЦАГИ МАШГЬУР ГЬАВУРАВ ИНСАН.
14:51
Г1АКЬИЛЛЪИЯЛЪГИ МАХЩАЛИЦАГИ МАШГЬУР ГЬАВУРАВ ИНСАН.

«Х1исаб инсанасе г1иц1го базаралде ине гуреб къвариг1унеб, гьеб къвариг1уна т1олабго г1умруялъе, гьелъ инсан рух1ияб рахъалъги цевет1езавула. Х1исабалъул кумекалдалъун чи ургъизе, пикру гьабизе т1амула, гьеб чиясе г1умруялъего къвариг1унеб дарс буго».

Мансур Х1айдарбеков.

Гьал къоязда Хунзахъ рек1елгъеялъулгин х1ухьбахъи гьабиялъул централда т1обит1ана Гиничукь росулъа пагьму-гьунар т1ок1ав муг1алим Мансур Х1айдарбековасул х1урматалда, гьев рак1алде щвезавиялъул мурадалда, г1елмиябгин практикияб конференция.

Конференциялда г1ахьаллъи гьабизе рач1ун рук1ана Мансурил г1агарлъи ва гьев лъалев вук1арал районцоял, гьесул рук1арал ц1алдохъаби.

Данделъиялда т1оцеве к1лъазе вахъарав райадминистрациялъул бет1ерасул заместитель Асадг1али Г1абдуразакъовас бицана Мансур Х1айдарбековасул г1умрудул ва творческияб нухалъул.

Мансур Х1айдарбеков гьавуна 1904 соналъ Гиничукь росулъ. 1926 соналъ Мансур лъугьуна Буйнакскиялъул педагогикияб техникумалде. Ц1акъго лъик1 математика лъалеб бук1иналъ, ДАССРалъул Наркомпросалъул х1укмуялдалъун Мансурида т1ад къала техникумалдаго математикаялъул дарсал кьезе. 1937 соналде щвезег1ан Мансурица х1адур гьарула Дагъистаналъул муг1рузул районазе нус-нус муг1алимзаби.

1938 соналъ Мансур Х1айдарбеков ц1ализе лъугьуна Самаркандалъул педагогикияб институталде.

Гьеб лъуг1ун хадуб 1941 соналдасан байбихьун г1ахьаллъула К1удияб Ват1анияб рагъда. Гьенибги лъелазул училищеги лъуг1изабун, гьес гьабула взводалъе командирлъи. Рагъда щварал ругъназул х1асилалда, инвалид х1исабалда, Баг1араб Армиялъул кьеразулъа нахъе ине ккола. 1944 соналдаса пенсиялде инег1ан Мансур Х1айдарбеков х1алт1улев вук1ана Г1арани гьоркьохъеб школалда щиб, Г1арани районазда гьоркьосеб ясазул школа-интернаталда математикаялъул учительлъун.

Пенсиялде ун хадуб, Мансур Х1айдарбекович вахъуна Мах1ачхъалаялде г1умру гьабизе. Гьениб 1970 соналдаса 1980 абилеб соналде щвезег1ан СССРалъул г1елмабазул Академиялъул Дагъистаналда бугеб филиалалъулгун гьоркьоблъиги ккун, гьес г1араб мац1алдаса г1урус мац1алде руссинаруна Дагъистаналъул поэзиялъул антологиялъул, 50 г1алимасул биографиялъул бицунел текстал ва гьел гурел цогидалги хъвай-хъваг1аял. Конференцияги рагьун, районалъул администрациялъул культураялъул отделалъул начальник Жавгьарат Хъайтмазовалъ иргадал к1алъазе раг1и кьуна Мансур Х1айдарбековасул ц1алдохъабазе, гьев лъале-хъвалевщиназе. Гьезул к1алъаяздасан бич1ч1улеб бук1ана Мансур г1адинав г1адатияв, г1адан хирияв, калам гьуинав, бокьарав чиясул рек1елъе нух батизе лъалев, махщел камилав г1акъиласда цебе ц1ализе щвей гьезул щивасул к1удияб талих1лъун кколеб бук1ин.

Мансур Х1айдарбековичасул ц1алдохъан Шамил Мух1идиновас бицана дарсилъ гьесул бук1унеб бук1араб камиллъиялъул, дуруслъиялъул. Мисалал рачун дарс бич1ч1изабизе гьес бахъулеб бук1араб жигаралъул. Маг1арулазул абиял, кицаби, биценал х1алт1изарун нилъер ракьалъул тарихалдеги, г1адамаздеги бугеб рокьи гьес загьир гьабулеб бук1араб куцалъул.

Мансур вук1уна г1орхъулъа ун г1аданлъи бугев чиги. Росулъ гуребги, т1алъиялдаго чи хвараб бак1алде зигараялъ гьев бищун цеве щолеб х1алалда унев вук1уна.

Мансурилго ц1алдохъан Мух1амадрасул Х1айбулаевас баян гьабуна Мансурида маг1арул г1адаталги г1амал-хасиятги ц1унизе лъалеб бук1араб куцалъул. Цо пуланав чияс г1урусай ячун йигилан гьесда бициндал, Мансурица абула, нилъер гьаний школалда йигей 350 ясалда гьоркьой цонигияйдай гьасие данде кколей йик1инч1ей абун. Гьедиг1анги, вижараб ракьги гьелъул г1адамалги, нилъер т1абиг1атги, нилъер ц1арги бокьулев вук1ана Мансур.

Мансурида цадахъ х1алт1арав Мух1амад Х1амзатовас бицана гьесул рит1ухълъиялъулги, гьереси-рек1к1 бук1инч1олъиялъулги.

Россиялъул г1елмабазул Академиялъул Дагъистаналда бугеб филиалалъул х1алт1ухъан Пат1имат Г1алибеговалъ, бечедаб г1елмуги, гъваридаб лъайги бугев Мансурил х1акъалъулъ бицунаго загьир гьабуна, т1оцебе Мансурица байбихьанила Дагъистаналъул тарихалда ва адабияталда лъалел рук1инч1ел х1ужжаби ва къимат т1ок1ал баянал г1араб мац1алдаса г1урус мац1алде руссинарун г1адамазда лъазаризе. Гьев вук1инч1ебани, рес бук1анила гьел нилъер г1адамазда лъач1ого хут1изеги.

Авар мац1алда хъварал гьесул куч1дулги, лъималазе сайгъат гьарулал харбалги рахъулаан республикаялъул газеталдаги.

Математика гуребги, Мансурида лъалаан г1араб, азербайджан, турк, лъараг1, узбек мац1ал, ва гьезул литература. Ц1акъго бокьулаан авар литература ва мац1. Гьесда к1олаан Къуръаналъул аятал маг1арул мац1алде руссинаризеги. Г1урус мац1алдаса маг1арул мац1алде асарал руссинаризеги, жибго авар мац1алда куч1дул гьаризеги бергьун махщел бук1ана Мансурил. Гьес авар мац1алде буссинабун бук1ана М. Ю. Лермонтовасул «Измаил-бей» абураб поэма. Мансурица рек1ехъе ц1алулаан г1арабазул ва персазул поэтазул куч1дулги.

Мансурил кумекалдалъун г1адамазе рес щвана Ираназул шахас маг1арул ханзабахъе хъварал фирманал ц1ализеги.

Данделъиялда щибаб к1алъаялдаса хадуб Мансурица маг1арул мац1алде руссинарурал куч1дул ц1алана Хунзахъ № 1 ва № 2 школалъул ц1алдохъабаз.

Ахиралда к1алъазе яхъарай Мансур Х1айдарбековасул яс Бахуца рак1-рак1алъулаб баркала кьуна жидер эмен к1одо гьавун г1уц1араб тадбиралъухъ гьеб тадбир г1уц1изе к1удияб жигарчилъи бихьизабурав районалъул ветераназул советалъул председатель Зубайир Гъайирбеговичасу, киналго Мансурил ц1алдохъабазе, данделъиялда г1ахьаллъарал гьев лъалев вук1анщиназе ва лъалевго вук1инч1ониги гьесул творчествоялъулгун лъай-хъвай гьабизе рач1аразеги.

Г1емерлъаги нилъер т1алъиялда Мансур г1адинал г1акъилал, пагьму-гьунар бергьарал муг1алимзаби.

Н. Г1алиева.

 

Просмотров: 544 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz