14 октябралда к1удияб рохел бук1ана Г1обода росулъ. Гьениб биччана т1абиг1ияб газ. Г1абадерилгун рохел г1ахьал гьабизе рач1ун рук1ана районалъул т1алъи, республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, нилъер ракьцояв Хучбар Хучбаров, ДРялъул Х1укуматалъул председателасул г1акълучи Батал Баталов, Росдал маг1ишаталъулгун кванил ниг1матазул министерствоялъул ишазул управлениялъул начальник Расул Сиражудинов, «Дагсельхозстрой» ГКУялъул директор Мух1амад Юсупов, росдал ва районалъул жамаг1ат ва цогидалги.
Гьабсаг1аталда районалде газ бачиналъул х1алт1аби гьарулел руго республикаялъул Промышленносталъулгун энергетикаялъул программаялда рекъон. Росабалъ жанир газил трубаби рачунел руго «Дагсельхозстрой» ГКУялъ г1умруялде бахъинабулеб буго «Устойчивое развитие сельских территорий» абураб программаялда рекъон. Жалго х1алт1аби гьарулел руго ООО «Хунзахское эксплуатационное управление» подрядалъулаб г1уц1иялъ. Жеги росулъ к1иго рокъобе гурони газ бачун гьеч1о. Амма к1алъазе рахъараз бицана гьеб г1иц1го байбихьи бугин, дагь-дагьккун т1олабго росулъе ва аск1орго ругел Гозолоколо ва Гъоркьколо росабалъеги хъах1илаб ц1атари щвезе бугилан.
Жиндирго к1алъаялдалъун тадбир рагьана районалъул нухмалъулев Нурмух1амад Задиевас.
«Жакъа нилъер районалда буго жиндихъ щибаб росу урхъараб байрам. Иргадулаб росулъе биччалеб буго т1абиг1ияб газ. Рак1алда буго г1агараб заманалда гьаб мухъалда ругел цогидал росабалъе газ бачинеги. Гьеб ккола маг1арухъ бугеб г1умруялъул даража шагьаралъулалде г1агар гьабизелъун бахъараб цоги гали. Амма к1очон тезе бегьуларо, т1абиг1ияб газалъ рук1а-рахъиналъеги бигьалъиги рах1атги гуребги, бук1ине кколедухъ, правилабазда рекъон х1алт1изабулеб гьеч1они к1удияб балагь т1аде бачинеги рес бук1унеблъи. Гьединлъидал дица нуж ах1ула кутакалда ц1одорлъи гьабизеги. Биччанте газалъ нужер рукъзабахъе г1иц1го хинлъиги, рах1атги, бигьалъиги бач1ине. Гьединго к1удияб баркала буго гьаб иш раг1алде бахъинабизе х1алт1анщиназеги», -ян абуна гьес.
«Дун ц1акъ вохарав вуго гьадинаб лъик1аб ишалъул рахъалъ иргадулаб нухалда Хунзахъ районалде вач1ине щвеялдаса. Т1асияб соналъ нижер программа х1алт1изе буго дагьаб бат1ияб къаг1идаялда. Нижеца байбихьулеб буго росаби комплексияб къаг1идаялда къач1азе. Руго нижер Хунзахъ районалда хурхунги гьаризе рак1алда ругел х1алт1абазул планал. Нижеца гьел дандралел руго нужер районалъул нухмалъулевгун. Нижер руго жеги раг1алде рахъинч1ел газ ва лъим бачиналда хурхарал х1алт1аби ва бич1ч1ула халкъалъе киг1ан к1вар бугел суалал гьел кколелали. Нижеца к1вараб жо гьабулеб буго муг1рузда яшав цебет1еялъе биччараб г1арац бихьизабураб ишазе х1алт1изабизе. Гьедин цадахъаб къуваталдалъун цо-к1иго соналда жаниб раг1алде рахъинаризе руго ралаго ч1ун хут1арал объектал. Хасал г1унгут1аби руго лъеда хурхун. Т1олабго Дагъистаналдаго бищун к1вар бугездаса цояблъун буго лъел суал. Гьединлъидал, республикаялъул Бет1ерасги ц1ик1к1араб к1вар кьолеб буго гьеб рахъалде. Гьабсаг1аталда х1адурун буго т1олабго регион бац1ц1адаб лъедалъун хьезабиялъул план. Росдал жамаг1аталда гьаризе бокьун буго кинабго х1алт1и цадахъ ва хехго гьабун бажаруларелъул, дагьаб сабру гьабеян», -ян абуна Му1хамад Юсуповас. Гьединго баркиялъулал к1алъаял гьаруна тадбиралъул цогидал г1ахьалчаг1азги.
Байрамалъулаб ах1вал-х1алалда факелги бакун, Росдал маг1ишаталъул министерствоялъул рахъалдасан Х1урматалъулал грамотаби кьуна росулъе газ бачиналъе ц1айи бугеб х1алт1и гьабуразе. Тадбир берцин гьабун бук1ана «Ромашка» ясли-ахалъул гьит1ичазул церерахъиналъги.
Г1адатлъун лъугьухъе, т1оцебе газ биччайдал, росуцояй Гунащева Сапигатица хъах1илаб ц1атариялда х1адурараб хайгингун гьалбалги къабул гьаруна.
|