Гьаб соналъул 3 ноябралда №№85-86 газеталда нижер мухбир П.
Гунашевалъул ц1аралда гъоркь къват1ибе ана «Гьанир кин ц1алилел?» абураб
макъала. Гьелда бицунеб бук1ана Шотот1а росдал школалда батараб гурх1илеб г1адаб
ах1вал-х1алалъулги, школалъе ремонт х1ажат бук1иналъулги, районалъулги лъай
кьеялъул управлениялъулги ц1иял нухмалъулезул кумек щвеялде школалъул
коллективалъул бугеб к1удияб хьулалъулги. Нижеда г1емерго райгазеталъул
гьурмаздасан критика бук1унариланги абулелъул, гьеб бит1араб гьеч1еблъи
бихьизабизе ва школалъе кумек щвезе хъван бук1ун батила мухбиралъ гьеб макъала.
Амма материал къват1ибе индал школалъул ругелщинал г1унгут1аби рихьизарулейги,
батухъе хъваян» мухбир «ег1ерулейги» йик1арай директоралда (я аск1ор рук1арал
цойгидазда) к1веч1о жиндир школаги ч1унтун бугин, гьелде нухмалъулезул к1варкьейги
х1ажат бугин абураб ккун ч1езе. Гьелъие бокьун бук1ун батизе буго,
редакциялъулазул квераздалъун ц1а багъаризе. Цойгидалги цере рехун, жинда
т1адаб х1алт1и т1аса ккезе. Гьедин бегьуларо, х1урматияй директор ва цойгидал
критика бокьулел! Х1акъикъат абизе ккола бадиса бадибе, кьуч1аб хабарги бицине
ккола чиясул чиналъухъ балагьич1ого, нилъерго ихтиярал ц1унун. «Кинабго лъик1
буго, школалъе щибниги х1ажат гьеч1о»-ян лъай кьеялъул управлениялъул
нухмалъулесда цебе школалъул нухмалъулелъ абидал, г1олохъанай мухбиралда
бич1ч1ун батила г1айиб кинаб рахъалда бугебали. Я районалъул бет1ерасул, я
завоноясул х1ал к1оларо щибаб росулъе, щибаб лъай кьеялъул г1уц1иялде щун,
гьезул сунде х1ажалъи бугебали ц1ехезе, х1алт1уде лъугьун рахъиналде циндаго
киналго г1унгут1аби т1аг1инаризе. Бугеб х1алалъул х1акъалъулъ гьезие мух1канаб
баян кьезе тарал чаг1и руго росабалъ бегавулзабиги, директорзабиги, заведующиялги.
Гьел жидехъего рач1индал, гьезул мурад т1убазе ккола т1адчаг1азги. Бугеб
г1унгут1иялъул, хъулухъалдаса рат1алъилилан х1инкъун, бицунарелин абуни, ккола
х1алт1ул ургъел-агъаз гьеч1ел, жавабчилъи биларал чаг1и. Редакциялъул
х1алт1ухъаналъ гьаваялдаса росун, ялъуни щайт1абаз щурун хъварал рук1инч1о
материалалда х1ужжаби. Гьелъул ккараб г1айиб буго материал хъвалаго щивав
чиясул ц1арги, гьес абурал раг1абиги хъвач1олъи. Ккун буго гьелда цойги
«такъсир»-школалъул минайилан гьелъ къват1ибе кьун буго аск1о бугеб пристройкаялъул
сурат. Т1адехун кьолеб буго школалъул гьумералъул сурат. Гьеб доб гьор-бокь
г1адаб х1инкъилеб сипаталъул гьеч1ониги, х1ужжа хут1улеб буго
х1ужжалъун-Шотот1а школалъе х1ажат буго капиталияб ремонт. Киг1ан бокьаниги,
бокьич1ониги…
Р.S.
Гьаб х1ужжа цойги нухалъ бихьизабулеб буго Шотот1а школалъул мурад т1убазег1ан
бит1араб ккун ч1езе х1инкъарай директоралъе г1оло гуреб, лъик1алде божилъигун
нилъехъ балагьун ч1арал 42 лъимадул беразе г1оло.
Рит1ухълъи кидагосей лагъ Пат1имат Мух1амадова, «критика
гьабулареб» газеталъул редактор.
|