Четверг, 25.04.2024, 17:41 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Апрель » 6 » ФАЗУ ГӀАЛИЕВА: «ЙОХУЛА ДУНГО ХУНДЕРИДА КIОЧОН ГЬЕЧIОЛЪИЯЛДАСА»
18:14
ФАЗУ ГӀАЛИЕВА: «ЙОХУЛА ДУНГО ХУНДЕРИДА КIОЧОН ГЬЕЧIОЛЪИЯЛДАСА»

Дир кӀудияб талихӀлъун кканин рикӀкӀуна дица, кигӀанго телевизоралдасан гӀемерго йихьулей йикӀаниги, Дагъистаналда гуребги, тӀолабго дунялалдаго машгьурай поэтесса, жамгӀияй хӀаракатчӀужу, 4Ӏ соналъ «Дагъистаналъул чӀужугӀадан» журналалъе редакторлъи гьабурай, Дагъистан Республикаялъул руччабазул союзалъул председатель Фазу Палиевагун дандчӀвазе ва районалъул руччабазул комитеталъул председатель ПатӀимат Набиевалда, райадминистрациялъул ЗАГСалъул отделалъул заведующая Аймесей ГӀумаровалда цадахъ гьелъулгун гара-чӀвари гьабизе щвей. Райадминистрациялъул бетӀер Дарбишев ХӀажиясул бихьизабиялда рекъон гьелъухъе унелъул ниж пикрабаз толел рукӀинчӀо, Фазу гӀадинай гӀемерал машгьурал гӀадамаз Дагъистаналъул гуребги дунялалъулго литератураялъулъ цӀияб чӀчӀвалъун творчество лъугьанин рикӀкӀуней, Дагъистаналъул поэзиялъул цӀумлъун кколей поэтессаялъ киндай ниж къабул гьарилелан. Амма гьей ятана гӀадамазда гъорлъ йосарай, щибго чӀухӀи чорхолъ гьечӀей гӀадатияй гӀадан.

-Фазу ХӀамзатовна, Мун ккола Россиялдаго тӀоцебе бищунго т1адег1анал 2 пачалихъиял шапакъатал щварай цого-цо йигей чӀужугӀадан. Бокьилаан гьезул хӀакъалъулъ нилъерго районцоязе бицани.

- 2002 соналъул 26 декабралда дие щвана Святой апостол Андрей Первозванныясул орден. Дихъе гьеб кьолелъул Россиялъул Президент В. Путиница абуна: «Гьай ккола г1акъилай, жиндаго барахщич1ого Россия т1егьазабиялъе, гьелъул ц1ар, къуват ва гуч машгьур гьабиялъе г1оло к1вах1, свак лъач!ого хIалтIарай ч1ужуг1адан. Гьалъул раг1ул къуват г1иц1го Дагъистаналда гуребги, кибго раг1араб буго. Бищунго зах1матал къояз гьей йик1ана гьалъул кумек х1ажатал бак1азда»,- ян. В. Путиница указалдаги хъван буго: «Ват1аналъул литература цебет1езабиялъулъ лъураб ц1ар раг1араб бут1аялъе ва т1адег1анаб гражданлъиялъулаб  х1аракатчилъиялъе г1оло»,-абун. Россиялдаго гьединаб орден кьун буго 11 чиясе. Орденалъул буго горбода балеб меседил рахас, каранзул квег1аб рахъалда балеб ц1ва, кваранаб гъажалдасан балеб хъах1илаб лента. 2007 соналъул март моц1алда дие щвана «Россиялъул ч1ух1и» абураб т1оцебесеб номер бугеб орден. Дидаго цадахъ гьеб щвана космонавт Леоновасе ва хун хадуб К. Королевасе. Гьеб кьуна гьесул ясалъухъе. Москваялде «Россиялъул ч1ух1и» меседил орден босизе ниж ах1араб залалда г1уц1ун бук1араб кутакаб банкет щибха. Россиялъул президент В. Путинихъа орден босулелъул дица абуна: «Т1убараб г1умруялъго Россия бук1ана дие ч1ух1илъун, гьанже Россиялъе дун кколей йиго ч1ух1илъун, узухъда, дида к1оларо гьелъие мукIурлъичIого ч!езе»,-ян ва дун гьеб бак1алда г1од-г1одун йиччана. Бицунеб бук1ана гьел дир раг1аби Россиялда творчествалъул г1адамазда гьоркьоб афоризмалъун лъугьун рук1анилан.

- Фазу ХӀамзатовна, мун щвана чанго батӀи-батӀиял улкабазде. Гьел сапаразул мурад щиб букӀараб?

- Дун сапаразде ана рекъел ц1униялъул комитеталъул, т1олгодунялалъул Ракълил советалъул, СССРалъул хъвадарухъабазул  союзалъул бищунго т1адег1анал делегациязда гьоркьой. Абизе бегьула дица т1олабго дунял тиранин абун, г1иц1го Африкаялъул улкаби хут1зег1ан. Лъабго нухалда дун ун йик1ана СШАялде, 3 нухалъ Япониялде, 2 нухалъ анц1ила анлъ-анлъ къоялъ Китаялде, нилъер улкаялъулги китаялъулазулги гьоркьор-лъаби лъик!лъизарулел цере т1езарулеб заманалда, щвана дун Италиялде, Швециялде, Бразилиялде,Голландиялде, Аргентинаялде, Вьетнамалде, Афгъанистаналде. Дун ккола СШАялъул ва Китаялъул шагьарал Хо Ши Миналъул ва Пульманалъул х1урматияй гражданин. Дун ана Чехословакиялде, Венгриялде гьениб бук!араб бунталдаса хадуб. Кибго г1адамазе бокьун бук1ана ракълида г1умру гьабизе. Гьединал дандч1ваяз ниж кутакалда цоцазде г1агар гьарулаан. Дир к1алъаяздаса хадуб г1адамаз ц1идасанги ц1алейин куч1дул, бицейин хабарилан гьарулаан дида. Кие дун аниги, кидаго къадруялда ц!унана дица нилъерго Ват1анги гьелъул г1адамалги, гьелъул культураги. Унгейилан г1емерал г1адамаз гьарулеб, х1инкъизаюлей йик1аниги, дун ана рагъул кор боркьараб Афгъанистаналдеги. Гьениб цо часталдасан цогиялде ун, дица гьезие х1аллица маг1у кколаго куч!дул ц1алулаан. Дун гьение инаан дир васас гьениб рагъулаб хъулухъ гьабулеб бук1инч!ебаниги. Дида кколеб бук1ана гьеб ч1вай-хъвей г1емераб рагъда нилъер лъималазе эбелалъулаб раг1и г1олеб букIинчIилан. Доб лах1заталда дун йик1ана гьезул эбеллъун. Хинаб эбелалъулаб раг1иялъ, чанги лъукъарал г1олохъанал солдатазул рак1ал ратизаруна рагъ кват1ич1ого лъуг1изе бук1иналда божилъи гьабун. Гьениб бижун бач1ана дир «Комиссар» ва «Муг1рузул г1инт1и» абурал поэмаби хъвазе пикру. Нилъер улкаялъе зах1матал къоязги х1инкъи-къай лъач1ого, дирго сахлъиялъухъ балагьич1ого дун ана г1адамазул рак1ал ратизаризе х1инкъарал бак1азде. Чачаназ жидерго суверенитет лъазабураб заманалда, гьениб рагъ унелъул, гьениса къимат-къадру бугел руччаби Дагъистаналдеги ах1ун, дица гьезие баян гьабуна рагъалъ г1иц1го хвел гурого босун бач1унареблъи. Гьел Дагъистаналде ах1изе рес г1еч1еб мехалъги Турциялде ах1унги, дица руччабазе баян гьабуна раг1и дандеккунгут1и, ракълилаб къаг1идаялда т1убазабизе бегьулеблъи. Каспийскиялда мина кьвагьизабураб мехалда, Дагъистаналда конституциялъулаб  г1уц1и биххизабизелъун х1укуматалъул минаялде т1аде к1анц1араб мехалда, Болъихъ, Буйнакскиялда ккарал лъугьа-бахъиназдаса хадубги дица Россиялъул солдатазда бич1изабуна дагъистаниялги гьелго г1адин, Ват1ан ц1унизе гъираялда ругеллъи, Россия гьеч1ого Дагъистаналъул бук1несеб гьеч1олъи.

-Доб заманалда магӀарул росулъа яс кин цӀализе йиччарай Москваялде?

-Дун эбелалъ гьит1инго кьуна росасе. Гьавуна к1иго вас. Бет!ергьанчи х1алт1улев вук1ана учительлъун, амма дир яги гьесул киг1анго пагьму-гьунар бугел нижго рук!аниги, т1адег1анаб лъай бук1инч1о. Дица дирго бет!ергьанчи Дибирида абуна, нилъ к1иялго т1адег1анаб лъай гьеч1ого рук1ине бегьуларин, мун ц1ализе айин дун х!алт!илин дуда хадуб г1арацги бит1илилан Дибир ц!ализе ана, дун лъималги хьихьун рокъой ч!ана. 3 моц1 ц!алулеб индал, гьев т1ад вуссун вач1ана жинда к1олеб гьеч1ин мунги лъималги гьеч1еб бак1алда ц1ализейилан. Дица абуна, дие бокьун гьеч1ин дирго ц!алуде бугеб гъира къинабизе дун инин ц1ализейилан. Лъугьана Дагъистаналъул педагогикияб институталде ц1ализе. Гьений ц!алулаго, дица дирго куч1дузул мухъал ккун гьабураб перевод бит1улаан Москваялде литинституталде. Кват1ич1ого гьенисан дихъе кагъат бач1ана ц1ализе лъугьине яч1айилан. Эбелалъ лъималги хьихьун дун ана Москваялде. Дие гьение ине лъицаго инкар гьабич1о, щай гурелъул киназдаго бихьулеб бук!ана дун сундуе г1оло къеркьолей йигеяли. Москваялде иналде дун Дибиридаса ят1алъун йик1ана. Литинституталда ц1алулелъул дир лъай-хъвай ккана гьенивго ц!алулев вук1арав маг1арулазул хъвадарухъан Муса Мух1амадовасулгун. Институт лъуг1ун хадуб дун гьесие ана. Инги лъик! ккана Москваялда ц!алулей дида бокьарав чияс бугьтан лъезе бегьилаан. Нижер лъик!аб хъизан бук1ана. 4 вас цоцазул адаб бугел. Дир васалги Мусаца жиндиргоял г1адин къабул гьарулаан.

-БатӀияб миллаталъул батӀияб мацӀалъул, батӀиял гӀадатазул гӀадамазда гъорлъ бигьаго букӀун батиларо дуе тӀоцебе цӀализе.

- Щуго сон гурого бук1инч1о дие эмен хвараб мехалда. Гьит1инаб къоялдаса нахъего дун эбелалъги к1одоцаги куцана х1алт1и бокьизе, х1алт1и гьабизе. Дун г1унаг1ан г1иси-бикъинаб хIалтIиялдасан байбихьун к1удиялде щвезег1ан кинабго рукъалъул х1алт1и гьабизе т!амуна, гьелдаго цадахъ цогияздаса нахъе ккеч1ого школалда ц1ализеги ц!алулаан дун. Дица г1емерал т1ахьал ц1алулаан. Дир г1урус мац1алъул ва литератураялъул учительницаялъги г1емерал т1ахьал кьолаан дихъе ц1ализе. Дида лъалареб жо г1емер бук1инч1о. Дида к1олаан бокьарав чиясулгун бокьараб темаялда хабар бицине. Литературияб институталда ц1алулел г1емерал студентазул гуро централиял издательствабазда т1ахьал къват1ире риччалел рук1арал. Дун лъабабилеб курсалда ц1алулеб мехалъго къват1ибе бач1ана дир «Молодая гвардия» издательствоялда «Хъах1илаб нух» абураб т1ехь. Пиц1го Москваялда бищунго къадру бугел издательствабазда дир 49 т1ехь къват1ибе биччана. Дун ккола 84 поэтикиял ва прозаикиял сборниказул автор, гьездасан 40 поэма, 11 романал.

-Фазу ХӀамзатовна, Дур асарал цӀалулелъул цере чӀола рорхатал мугӀрулги, цӀорорал, рацӀцӀадал иццалги, тӀогьолъ росарал расалъабиги, кьер-кье-рал пихъазул ахалги, годекӀанир гӀодор чӀарал гӀакъилал харабиги. Бихьулеб буго Дуе мунго гьаюраб ва гӀураб Гиничукь росуги цӀакъ бокьулеб букӀин.

- Пумруялда жаниб дир талих1 бук1араб батани, дица дунго Гиничукь, ай маг1арухъ йижиги талих!лъун рик1к1уна, щай гурелъул маг1арухъ кьалбал рац1адал рук1уна. Дун гьениб ругел г1адамаз ругьун гьаюна рак!-рак!алъ елъизе, нилъедаса инсан ват1алъун унелъул рак!-рак1аалъ г1одизе. Дица баркала кьола, дун бесдалай, хурухъанас бахъараб рахъалда хадусан кьалбал рищизе, лал т!амулелъул лулбузда рек!ине, къвали бищизе изну кьурал г1адамазе. Кинабго хъварабщинаб г1акъиллъи дица босана муг1рузул г1адамаздасан. Маг1арухъа цо г1акъилав чияс дида абуна хъизан цоцалъ рекъон бук!ине ккани, кошелек г1аммаб бук1ине кколилан. Росасдаса ч!ужуялъги, росас ч1ужуялдасаги г1арац балъго гьабизе бегьуларилан. Дица гьел дирго хабаралъе цебераг1илъун росана.

-ГӀарацалъ кинаб бакӀ гӀумруялда жаниб кколеб?

- Парац къвариг1уна нилъго ракъич!ого, лъимал язихълъич1ого рук1ине, амма г1арцуе лагълъи гьабуни гьев чиясул къимат хола. 20 соналъ дида лъаларо дие харж бит1унищ яги мекъийищ кьолеб бугебали. Дихъе гьеб кидаго бит1ун бач!уна. Дун яги дир лъимал г1арац г1емерал чаг1и гуро. Шагьаралда гьекъолеб лъедаса бахъараб кинабго х!ажатабщинаб бичун босизе ккола.

- Дур гьудулзаби ругищ?

- Руго. Амма дун цо-цо г1адамал г1адин чаял гьекъезе, квенал гьаризе цин-циязухъе унаро. Дир гьедин, щибго гуреб жоялда хвезабизе заман бук1унаро. Дун кидаго х!алт1изе ккола.

.-Фазу ХӀамзатовна, гӀумру щиб кколеб?

-Пумру-ккола ралъдат1а т1ад бараб полоп г1адаб жо. Гьеб цин баккула, хадуб ссун уна. Пакъилав, ц!одорав, жинца гьабулелъе къимат кьолев чияс, киданиги цойгиясул рак1 лъукъизабуларо, жиндаго хадур чорокал лъалк!ал теларо. Инсан киданиги вук1ине бегьуларо цойгидав чиясул лагълъун. Гьев жанисанги къват!исанги кидаго вук!ине ккола эркенав чилъун. Пурусазул машгьурай поэтесса Марина Цветаевалъ абуна: «Поэтас х1акимасе киданиги хъулухъ гьабизе кколаро, щай гурелъул гьев живго х!аким кколелъул, поэтас киданиги къуваталъе хъулухъ гьабизе кколаро, щай гурелъул гьев живго къуват кколелъул, поэтас киданиги хъулухъ гьабизе бегьуларо халкъалъе, щайгурелъул гьев живго халкъ кколелъул, поэтасул цох!ого-цо бугеб ихтияр ккола цойгидав к!удияв поэтасе хъулухъ гьаби»,-абун. Дун гьелъул ахирисел мухъазда разияй гьеч!о, щайгурелъул поэтас киданиги хъулухъ гьабизе ккола халкъалъе, дица гьеб гьабизеги гьабуна. Дун киданиги бечелъиялда хадуй лъугьинч1о, тряпкаби ралагьулей, рукъзал къач1алей йик!инч!о. Кидаго дир гьудуллъун бук!ана т1ехь. Дун телевизоралъухъги г1енеккула, цадахъго т!ехьги ц1алула.Цох1о т1аадег1анав Алла-гьасдаса гурого лъикьаниги х1инкъич1о, божизеги божич1о. Лъиданиги цебе бет!ерги къулич1о.

-ЧӀужугӀаданалъулъ щиб Дуда берцин бихьулеб?

Дида ч1ужуг1аданалъулъ сабру берцин бихьула. Пакъилго, ц1одорго, сабруялда г1умру гьабизе к1вей-гьеб к!удияб талих1 ккола. Дунгоги дун муг1рул т1огьалъ чIинтIизабуницин бихилареб г1адаб сабруялъул г1адан йиго. Дида бет!ергьанчияс абулаан, дур сабруялда жив урхъулев куцилан. Киг1ан абизе ккараб бак!алдаги раг1и абич1ого юцц1ун ч1олила мун, хадуб хъвараб жоялдалъун жавабги кьолилан. Дун ккола динияб рокъоб г1урай яс. Инквачил Дибирасул вацасул яс йик1ана дир к1одо. Гьелъул рос, дир эбелалъул эмен Х1айдарбег вук1ана Дагъистаналдаго ц1ар раг1арав г1араб г1елму лъалев чи. Гьез г1емераб лъик1абщинаб малъулаан нижеда. Къуръаналда, диналда данде кколареб жо гьабизе бегьулареблъи гьит1инго бичIчIизабулаан. Сабру гьабизе лъайги т1оцебе букIинчIониги, гьезул Макълуялдасан босанин тола дица.

-МагӀарул руччабазе кинал насихӀатал гьарилел рукӀарал?

-Маг1арул руччабазе кьелеб г1адаб г1акълуялъул г1адан дун гуро. Гьезулгун гара-ч1вари гьабулелъул дида рак!алде ккола унго ругел ц1одорал, г1акъилал руччаби, г1айиб гурищин гьаб махщел, гьунар цебет!езабич!ого тезейилан. Маг1арухъ куцарал бихьиналги руччабиги г1аданлъи, ях1намусалъул рахъалъ росаниги, бах1арчилъи, къо х1ехьеялъул рахъалъ росаниги, г1акъиллъи, ц1одорлъиялъул рахъалъ росаниги кидаго т!адег!анаб бак1алда рук1ана. Гьел нилъер унго-унгояб хазиналъун ккола.Амма нилъер бихьинал руччабазе дагьал кьварарал руго. Дие бокьун бук!ана гьал марталъул къоязда бихьиназда гьикъизе, лъица ахираб заманалда ч1ужуялъ т!аг!амаб квен цебе лъураб мехалда, квералдаги къочун гьелда абураб: «Хирияй киг1ан т!аг1амаб лъик1аб квен дуца гьабун бугеб, гьалъухъ дуе баркала»,-ян абун гьелъул бадивеги валагьун. Руччаби реццизе, гьел реэдизе, гьезда куркьбал рижизаризе ккола. Цо байрамалъул къоялъ кьолеб сайигъаталдаса, гьелъие щибаб къоялъ абулел гьединал раг1абиго рокьила. Гьединал раг1абаз руччабазул рек!елъ канлъи бала. Рокъоб кидаго гьуинлъи, парахалъиги бук1уна.

Фазу ХӀамзатовна, эркенаб заманалда мун кинал пикрабазда, анищазда йикӀуней?

-Дир анищ буго Дагъистаналда г1одоре-риччай, парахалъи бук1инабизе к1вей, рекъел щулалъи. Улбузул беразулъ маг1у бакъваги, цониги эбел ккогеги васасул яги ясалъул хабат1е т1аде къулизе. Дирго рахъалъан абуни, дица Аллагьасда гьарула дагьабги заман кьейин дие г1адамазе лъик1лъи гьабизе дунялалда йик!ине, дихъа борч1араб квешлъи, мунагь батани, гьел чуризелъун Аллагьасде йиссине,дагьайги ц!алдезе.Дица гьарула дир рух1бахъиялда Аллагь гурх!агиян.Дир к!одоца бицунаан лъабго нух бугила нилъее Аллагьас бихьизабураб кенч1олеб бук1унеб.Т1цебесеб, кколила Аллагьасда божиялъул (какал рай, к1алал кквей).К1иабилеб, садакъадул.Лъабабилеб, г1адамазе лъик1лъи гьабиялъул.Т!оцебесеб нухалъул бицани, дун Аллагьасда божула, какалги рала, амма рач!огоги г1езег1ан хут1ана. Дица Аллагьасда т!аса лъугьаян гьарула.К1иабилеб нухалъул бицани, дица гьабурабщинаб садакъа, рокъоб бикьанщинаб жо. Аллагьас кинабго къабул гьабун батаги.Лъабабилеб, нухалъул х1акъалъулъ абуни дица г1адамазе гьабунщинаб лъик1лъи, маслих!аталъе к1алъарабщинаб к1ал. Нижер руччабазул союзалда г1адамазе кумек гьабизе г1арац бук1унаро, амма вач1арав чиясе, инвалид вугониги, цоги кумек х!ажатав чи вугониги, кумек щвезе бегьулеб бак!алде к1алъан, кумек гьабеян гьарун дихъа бажарарабщинаб гьабуна.Гьаб рокъоб дида ясазул лъарабщинаб балъголъи. К1иабилев чиясда бицинч1ого дица гьеб балъголъи ц1унана ва дихъа бажарараб х!алалда г1акълу кьуна. Иншааллагь, кумек щвезе хьул буго.

-Фазу ХӀамзатовна, баркала Дуе заманги батун нижгун дандчӀвазе ва гара-чӀвари гьабизе разилъаралъухъ. Мурад буго Дуе чорхое сахлъи,васалгун ва гьезул лъималгун цадахъ халатал соназул гӀумру, талихӀ ва рохел.Биччанте жеги анцӀ-анцӀ соназ Дуца Дурго гьайбатал асараздалъун магӀарулазул ракӀал рохизаризе.

-Нужееги баркала Дихъе щвезе рач1аралъухъ. Дир рахъалдасан рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабе нуж дихъе рит1арав райадминистрациялъул бет1ер Х. Дарбишевасе. Гьес дир беразда маг1у хулизабуна. Дун йохула хундерида к!очон гьеч1олъиялдаса.

Гара-чӀвари гьабуна НАПИСАТ ГӀАЛИЕВАЛЪ. апрель 2011 год.

Просмотров: 1371 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz