Пятница, 19.04.2024, 05:06 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Апрель » 13 » ДИР «ИНСУЛ» ХУР.
17:54
ДИР «ИНСУЛ» ХУР.

Дир «инсул» хур, харибак1, ссан ва ах» абурал раг1аби г1адамазул бот1ролъа инаризе к1веч1о 70-80 соналъ советияб г1уц1иялда. Советияб пачалихъ бихун хадубги гьел раг1абаз цо-цо г1адамазул бот1ролъ щулияб бак1 ккуна. Ракь ккола кинабго рух1ч1аголъиялъ жиндасан бет1ербахъи гьабулеб дунялалъул цо бут1а. Дунял бижаралдаса ккарал рик1к1ен г1емерал рагъазул ц1ик1к1арасел рук1ана ракьал сабаблъун ккарал.Нилъеда лъала СССР г1уц1илалде цебе ракьал хасал бет1ергьабазухъ-помещиказухъ рук1араблъи. Цо бут1аялъухъ гьел рук1аго ц1ик1к1араб къадаралда, цо-цоязухъ дагьал, рук1ана жидер ракьалго гьеч1елги. Советияб г1уц1иялъин абуни ракьал гьаруна пачалихъалъулаллъун ва рикьана халкъалда гьоркьор бащад гьарун, ц1ик1к1араб къадар тана колхоз-совхозазухъ ва гьенисан кьолаан х1ажатав чиясе х1алт1изабизелъун цо ч1езабураб роцада. Гьедин генералияб планалда рекъон ц1и г1уц1арал хъизамазе (хозяйствабазе) рукъзал разеги кьолаан ракьал жиб-жиб росулъги. Гьеб ц1акъ лъик1аб ва халкъалъе пайдаяб закон бук1ана. Лъиданиги, гьединго колхоз-совхозазда гьоркьобги даг1ба-раг1иги рагъ-кьалги бук1унароан ракьал сабаблъун. Бихана советияб  пачалихъги билана ракь х1алт1изабиялда хадуб гьабулеб бук1араб хъаравуллъиги. Байбихьана халкъалъ бокьа-бокьараб гьабизе, дир инсул бук1анин, к1одол бук1анин, бук1инего бук1инч1езги ракьал кквезе, гьелъул х1асилалда г1адамазда гьоркьоб даг1ба-раг1иги рагъ-кьалги ц1ик1к1ине.

   Нилъер районалда Харахьи, Гьамущи ракьул метраби сабаблъун ч1вана к1иго чи. Вацал-яцал, эбел-лъимал цоцалъ барщана. Г1орут1а, Гьамущи, Коло-Хьиндахъ гьабсаг1атги руго данде ккун цоцазда к1алъаларел хъизамал, тухум-кьибил. Гьеч1о ракь бит1ун х1алт1изабиялда хадуб хъаравуллъи гьабулеб идара. Рес гьеч1о ц1ияб  хъизамалъе рукъзабазе ракьул участок (план), ц1ирагьараб хозяйствалъе х1алт1изабизе ракь кьезе. Гьеб биччалеб гьеч1о гъол жиде-жидер  рук1анилан ракьал кколез. Нилъеца рищун таразулги жидеего рищиязда ц1ик1к1ун гьаркьал щвеялъе жигар бахъи гурони, т1ок1аб лъугьа-бахъунелъул ургъел гьабулеб г1адат гьеч1о.

   Хасго ракь сабаблъун даг1ба-раг1и багъарула ихдал рекьуде ва рукъзал разе байбихьараб заманалда. Минаби ралел руго жиде-жидее бокьаралъуб, гьеб бак1алъул бет1ергьабилъун рахъаниги рахъинч1ониги. Цогидал маг1арул районазде дандеккун, нилъер гьаниб гьеб иш квеш бугин абизеги бегьиларо, амма г1адлу къвак1изабизе заман цебего щун бугоан.

   Т1адехун рехсаралъе ц1ияб, ч1агояб мисаллъун бук1ина гьаб дидаги мадугьаласдаги гьоркьоб бугеб даг1ба-раг1иги. Араб г1асруялъул к1иабилеб бащалъудаги нижер Ц1алк1ит1а бук1инч1о школа. Ц1алунги вахъун дун х1алт1изе вач1араб 1960 соналъ лъимал ц1ализаризе ресги гьеч1ого ратана дида ц1алк1ит1есел. Г1емер хъвадарун, г1арзал рахъун к1вана гьелъие ресал ратизе. 1970 соналъ х1алт1изе кьуна 60 ц1алдохъанасе бак1 бугеб ц1ияб школа Ц1алк1ит1а, гьеб соналъ ц1ализе вачунев анлъго гурого лъимер гьеч1ониги. Дол соназ школалда бук1ине кколаан ракьул участокги. Гьеб мурадалда дирго г1арцухъ школалда цебе бугеб хур сверун къазе сеткаги, ч1езе гъут1биги росун ах гьабуна дица. Гьелде даг1ба балев чиги вук1инч1о.

   Ана заман. Жиндие мина базе кьураб бак1 бугилан, дун рокъов гьеч1еб заманги ц1ехон, рачун бульдозералгун ах щущахъ биххизабун батана росуцояс дагьаб цебе. Ц1ех-рех гьабидал гьесие гьениб план кьун батич1о ва гьев г1одове виччана. Гьоркьоб заман индал цогияс машинаялъе нух бугеб бак1алда бук1араб сетка мерхьун хвезабун батана. Хадубги гьев к1иясго г1арзалги гьарун лъимал г1олел гьеч1илан къана Ц1алк1ит1а школа, гьеб соналъ 4-4 лъимер гурого гьеч1еб к1иго школа районалда бук1аниги. Школа къан хадуб дицаго ах гьабун бук1араб хур, колхозалъ дие приусадебнияб учатоклъун кьун бук1ана ва 1983 соналдаса нахъе хозяйственнияб книгаялда дида т1адги буго.

   Ахилги гьелда сверун бугеб чалиялъулги дица т1алаб-агъаз гьабун бук1ана 2008 соналде щвезег1ан. 2008 соналъ гьеб бак1алда бет1ергьанлъи гьабизе рагъарана Г1алиханов Г1алиасх1абги (гьеб киналъулго бет1ер) гьесул ясги, дурцги. Хурги дир, ах г1езабаравги дун кколелъул гьез гьабураб дида квеш бук1ана. Гьабсаг1аталъги дица ахил т1алаб гьабула, хвараб бак1алдаса сетка къач1ала. Амма дир «гьудулзабаз» сеткаги хвезабун гьенибе боц1и биччала яги бецун хер нахъе босун батула. Ле, нуж гьедин бегьиларин, к1иго херав чи цоцалъ рагъизеги, цоцаца ч1вазеги рекъон гьеч1ин, нижер суал законалда рекъон т1убаян дун хьвадана росдал администрациялде, районалъул прокуратураялде,милициялде, ракьазул комитеталде. Кинго дир суал раг1алде бахъинч1о. Дир х1исабалда законалъул рахъ босаниги шарг1ияб рахъ босаниги, Г1алиасх1аб мекъи вуго. Кин гьеб батаниги, мун мекъи вуго, ч1аян гьесда яги мун мекъи вугин дида абулев «бах1арчи» районалда цог1аги вахъинч1о. Шарг1алда нахърилъун х1алт1улел жиндир мунагьал чураяв Гьоц1алъа Анасх1ажицаги гьанже квешаб-лъик1аб халкъалда малъулев Бакълъухъа Г1абдулгъапурил Мух1амадх1ажицаги абулаан ракь Аллагьасул бугила, цебе заманалда бет1ергьабилъун хасал г1адамал рук1ун ратаниги, гьанже заман хисун бугила, ракьги жиндихъе кьурав чияс х1алт1изабизе кколилан. Законалдаги хъвалеб буго: «Возвращение земельных участков их бывшим прежним владельцам не допускается, таким лицам земельные участки представляются в общем порядке» абун. (ст. 4 закона о земельной реформе в Дагестане. 16 мая 1991 г. книга «Земельные отношения в Дагестане»).

   Бокьилаан гьанжег1аги т1адал идарабаз росабалъ ракь х1алт1изабиялда  сверухъ бугеб ах1вал-х1алги лъазабун, г1адамазул мурадал т1уразаризе.

   Гьаб макъала хъваялъул мурадги, районалъул бет1ер ц1ияв чи кколелъул, гьесие росабалъ бугеб х1алалъул дагьабниги баян щвей ккола.

Автор.Г1.Г1алилаев.апрель 2011год. 
Просмотров: 959 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz