Четверг, 25.04.2024, 18:44 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Ноябрь » 27 » ДАРАБАЗДЕ Х1АЖАЛЪИГИ ЛЪУГ1УН, АПТЕКА КЪАЗЕ ККАГИ. ДАРУЯЛДЕ ЧЕРХ ККОГЕГИ.
17:17
ДАРАБАЗДЕ Х1АЖАЛЪИГИ ЛЪУГ1УН, АПТЕКА КЪАЗЕ ККАГИ. ДАРУЯЛДЕ ЧЕРХ ККОГЕГИ.

. Гьал къояз г1умруялъул 55 сон т1убай к1одо гьабуна Хунзахъ №17 аптекаялъул заведующая Г1амирханова Султануца. Гьеб аптекаялда х1алт1улей 35 сонги бана гьелъ. Гьездасан ахирияб 15 соналъ х1алт1улей йиго гьелъул заведующаялъун. Султанул т1олабго зах1маталъулаб г1умру унеб буго Хунзахъа Г1арание х1алт1уде хьвадулаго. Хьвадана унтаразул х1ажатал т1уразе хасалоги риидаги, балеб г1азу-ц1адалъухъ, пулел гьуразухъ балагьич1ого, рек1унги лъелгоги, декреталъулаб отпуск лъуг1изег1ан рокъой ч1еч1огоцин. Гьедин бук1уна гьабулеб бугеб х1алт1ул жавабчилъи бич1ч1улеб ва х1алт1и бокьулеб бугони. Нужедаги халлъун батила жидецаго гьабулеб х1алт1и бокьулел г1адамал г1емерго гуро дандч1валел. Султануе жиндирго х1алт1и бокьулеб буго. Гьеб гьелъул талих1 буго. Гьеб дие загьирлъана гьелъулгун бук1араб гара-ч1вариялдасан. Гара-ч1вари къокъго газета ц1алулезе г1ахьал гьабила дица.

 35 соналъ Султануца т1убазабулеб х1алт1уе кьуч1 лъун буго гьелъул эмен, республикаялдаго машгьурав педагог-г1уц1арухъан, Хунзахъ районалда ц1али-къали гьанже г1адаб гуреб, т1адег1анаб даражаялде бахинабурав РСФСРалъул ва ДАССРалъул мустах1икъав учитель, росдал къадруяв жамаг1атчи, лъик1ав инсан, мунагьал чураяв Г1амирханов Мух1амадица. Гьес кьун буго яс Султануе г1акълу Алагьасул кириги г1емераб, г1адамазул баркалаги к1удияб, сах гьеч1олъиялъул къварилъуде ккаразе кумекги гьабун бажарулеб, инсанасул сахлъи ц1униялда хурхараб махщел т1аса бищеян. Инсул малъа-хъвайги г1адахъ босун, т1адег1анаб лъай босизе бокьун бук1аниги, районалда аптекарьлъиялъул махщел бугев чиги вук1инч1ого, 1974 соналъ Султану Мах1ачхъалаялъул медучилищеялде ц1ализе лъугьун йиго. 1976 соналъин абуни, гьей Хунзахъ №17 аптекаялде х1алт1изе йосана ва жакъаги гьебго бак1алда йиго х1алт1улей. Султану т1аса бищараб махщалидаса разияй йиго. Х1алт1ул т1адал ишал гурелги, г1адамазе бажарараб кумек, лъик1лъи гьабеян инсул жиндие бук1араб васиятги т1убазабун, дару-сабабалде ккарал рази гьаризеги бажарулеб, рес бугеб бак1 бугила аптекаян абуна Султануца. 

Ц1алиги лъуг1ун, х1алт1уде яч1араб мехалъги бит1 кканила жиндие, доб мехалъ Хунзахъ аптекаялда Ибрагьимов Ибрагьим г1адав х1алт1и лъалев заведующийгун х1алт1изеги ккун.  Ибрагьимица жиндие г1емераб практикияб лъай кьунила, ругьун гьаюнила дару-сабабалде ккарал унтаразул адаб-х1урмат гьабизе, гьезул гьари-т1алабазухъ г1енеккизе.

Даруде черх ккаразул, чорхое г1ажизлъи, сакъат ккаразул (инвалидазул, хасго харабазул, ригь арал г1адамазул) рек1ел х1алги чорхол сахлъиги жинда барай г1адан ккола Султану. Гьединал г1адамаз Султанул х1алт1удаса рази рук1ин загьир гьабуна №17 аптекалдаса дараби ч1обого росулел инвалидаз. Султанулъ дида бихьана мунагьал чураяв инсулго  г1адаб (гьев дида лъик1 лъалаан) сабру, ц1одораб, х1еренаб калам, жиндихъе рач1аразул адаб. Гьай-гьай, гьелъ Султанудехун унтаразулъги бижизабула адабги х1урматги.

Дагьаб цебег1анги Султануца нухмалъи гьабулеб аптекалъ 10 чиясе х1алт1и кьолаан. Гьанже гьелъул штатал 3 чиясде ккезарун руго. Гьелъие г1илла дармил оборот дагьлъи бугилан бицана аптекаялъул нухмалъулелъ. Дол соназ дараби г1емерго учузал рук1аниги, аптекаялъул дармил оборот ц1ик1к1араб бук1ун буго. Масала, 2005 соналъгицин щибаб моц1алъ 350.400 азарго гъурщиде дараби ричулел рук1ун руго. Аслияб даран т1аде кколеб бук1ун буго ЦРБялде ва к1иябго участкаялъулаб больницаялде. Гьанже гьез дараби росулел руго МФС г1уц1иялдаса, аптекаялдаса босулеб буго г1иц1го операциял гьарулаго, чара гьеч1ого х1ажалъулеб спирт ва ц1ик1к1араб асаралъул (сильно действующие) наркотикал гъорлъ ругел дараби. Больницабазе ричарал гьел дарабазухъ аптекаялъе лъаг1алие щолеб буго г1ага-шагарго 800 азарго гъурущ. РЦБялда-450 азарго, Гьоц1алъ больницаялда-110 азарго, Харахьи-52 азарго гъурущ аптекаялъе налъи бугила. Налъаби ругониги, дарабиги бат1ияб идараялдаса росулел ругониги, г1адамазул сахлъиялда хурхараб жо бугелъул, жидеца больницабазул мурад т1убач1ого теч1ила. Гьеб гуребги ц1ик1к1унел ругила жалго бет1ергьанал аптекабазул къадарги. Гьелъ аптекаялъул даран дагьлъулеб бугила ва штатал къазе кколел ругила. Жакъа къоялде аптекаялда хут1ун вуго 3 чи.

-МФСалъул дарабазул качество т1адег1анал, багьаби г1одорег1аналцин гурищ ругел. Гьеч1еб батани, нилъерго районалъул больницабаз анц1-анц1 соназ жалго дару-сабабалдалъун хьезабураб аптека цебет1езе, гьелъул дармил оборот, хайир ц1ик1к1ине квалквал гьаби бич1ч1изе зах1матаб жо гьеч1ищ?

-Качествалда бищун рак1ч1ч1арал, подделка, фальшивка гьеч1ел дараби пачалихъияб идара Дагаптекоуправлениялъул системаялде гъорлъе унел пачалихъиял аптекабаз ричулеллъи бич1ч1улеб жо буго. Аптекоуправлениялъул нухмалъулев М. Багандалиевас щаклъи бугел г1уц1абаздаса дараби росуларо, гьезул качествалда хадуб кьварараб контроль бук1уна. Х1акъикъиял рук1иналда рек1елч1ей гьеч1ел дараби росизе гьукъула. Заман арал дараби аптекоуправлениялъул аптекабаздасан ричиялъул биценго бук1ине бегьулеб жо гуро. Учузлъи-хиралъиялъул бицани, нижер аптекаялда 1000 гъ. бугеб дару больницаялъ 5000 гъ. бичун босиялъул х1ужжа лъала дида. №17 аптекаялда дараби ричула х1укуматалъ ч1езабураб багьаялде. Жалго бет1ергьанал аптекабазул г1адин бокьараб багьаялде дару бичизе нижер ихтияр бук1унаро.

Больницаялъулги аптекаялъулги цадахъ рекъон гьабулеб х1алт1иги лъик1ал гьоркьорлъабиги рук1ана Мух1амадова Сидратица районалъул бет1ерай врачлъи гьабулел соназ. Гьединал гьоркьорлъабазул пайдаги к1иябго рахъалъе, хасго унтаразе бук1ана. Гьединал гьоркьорлъабазулъ кьват1ел рехун, гьел чучлъана райбольницаялъул бет1ерав врачлъун Х1ажи Гайдалов вач1аралдаса. Бокьилаан, дир гьединаб мурадги буго, цере рук1арал г1адал лъик1ал гьоркьорлъаби ц1и гьаризе. Дир хьул буго гьал къояз х1алт1изе лъугьарав главврач Мусаев Мух1амад Шайхг1алиевичгун нижер лъик1ал гьоркьорлъаби рижиялда. Бокьилаан аптекаялъул гьанже ругел зах1малъаби Мух1амадида рич1ч1ани. Гьесда к1велаан гьел лъуг1изаризе. Г1арани больницаялда сверухъ буго г1адамал бет1ергьанаб 3 аптека. Цо бут1а г1адамаз дараби гьенисаги росула. Гьанже г1адамаз къол росулел дарабазул къадарги 3-4 азарго гъурщидаса т1аде унаро. Бич1ч1улеб жо, гьадинаб ах1вал-х1ал бугони, №17 аптека къазе бегьулеблъи. Базаралъул экономикаялда заралалда х1алт1улеб идара лъицаниги ц1унуларо. № 17 аптека буго муг1рузул районазда церего рагьаразул цояб. Кидаго бук1ана беццулеб, цебет1ураблъун. Гьелъул «х1алт1ул стаж» 72 соналда бащалъула. Ниж х1алт1и гьеч1ого хут1иларо. Цояз жалго бет1ергьанаб аптека рагьила, цоял пенсиялде ина, нижеего г1оло абулеб жо гуро, бокьилароан аптека къазе. Гьеб къани, ч1обого пачалихъалъ дару-сабаб кьолел инвалидалги цогидал льготникалги Шамил районалде хьвадизе ккела дарабазда хадур. Гьеб бук1инаан Хунзахъ районалъул къадру хвараб х1ужжаги.

-Ч1орого дараби кьолел г1емерищ ругел районалда? Гьел дару-сабабалдалъун хьезариялъулъ зах1малъаби дандч1валищ?

-Федералиял льготникал абулезул къадар 700 чиясде бахуна. Ч1орого дараби кьоледухъ гьединазул хъвай-хъваг1ай гьабун, г1арац биччан бугони, дараби щвеялъул квалквал бук1унаро. Амма 31 октябралде щвезег1ан гьезие лъаг1алие г1арац бихьизабун бук1ине ккола. Масала, регионалиял льготниказе гьаб соналъ 920 азарго гъурущ бихьизабун бук1ана, 810 азарго гъурщиде квалквал гьеч1ого дараби щвана, нахъе хут1араб г1арцуде росизеги квалквал бук1ине гьеч1о. Ч1орого дараби кьоларел, гьел росизе рес-санаг1ат гьеч1ел ц1акъго рескъот1арал г1адамазе гьел учузго, ялъуни г1арацго босич1ого, щвезаризеги х1аракат бахъула. Гьеб рахъалъ ц1акъ рах1му-гурх1ел бугей г1адан йиго поликлиникаялъул заведующая Махулова Пат1имат. Гьелъги ц1акъ х1аракат бахъула льготниказе заманалда дараби щвеялъе. (Нагагь, гьезие дараби щолел гьеч1они, жийго Султануги уней йиго дарабазда хадуй Мах1ачхъалаялде).   

Гара-ч1вариялъул ахиралда дица Султануда гьикъана нужедаго рарал, нужер г1айибалдалъун гьарич1ого хут1арал кинал г1унгут1аби ругелан?  Султану ургъана ва абуна «г1ат1илъи г1ураб, санаг1атаб, гьанжег1агар къач1араб помещениеги буго… дида лъаларо… ургъизе ккелаха». Гара-ч1вари гьабулаго, аск1ов вук1арав федералияв льготник Мух1амадинов Г1алиасх1абица абуна «Ургъун гурого ратуларел г1унгут1абазул хъвач1ониги бегьилилан». Бараб г1анасеб г1умру, Султануеги, гьебго гьари-рахьи аптекаялъеги гьабун, ниж къват1ире рахъана. Амма гара-ч1вари гьаниб лъуг1изе тун лъик1 гурилан г1акълу кьуна дие херазул советалъул председатель Мух1амадинов Г1алиасх1абица. Гьесул г1акълуялда т1адги рекъон, дица гара-ч1вари гьабуна цо-цо ч1обого дару № 17 аптекаялдаса кьолел дол льготникал абулезулгун.

Гьаб материал хъван лъуг1идал, дица гара-ч1вари гьабуна ч1обого дараби щолел инвалидал Хунзахъа Мух1амадов Г1амирхангун (Атах1), Мух1амадинов Г1алиасх1абгун, Буц1раса Г1алиев Мух1амадгун. Гьадинги макъала халалъун бук1ун, дица щивас Султануе кьураб къимат гьезул раг1абаздалъун хъвалеб гьеч1о. Гьез киназго № 17 аптекаялъул х1алт1ухъабаздаса разиял рук1иналъул, гьезул, хасго заведующаялъул х1алимлъиялъул, х1еренлъиялъул бицана. Аптекаялъул даран-базаралъул, гьеб къазецин рес бук1иналъул бициндал, инвалидазул ц1акъ рах1ат хвана.  

Просмотров: 707 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz