8 марталъ къват1ибе бач1араб «Росдал зах1матчи» газеталда
бахъараб «жаваб щвезе зах1матал суалал» абураб макъала ц1алараб мехалъ босана
цойги нухалъ къалам кодобе, дир цебесеб, гьединго рит1ухълъи ц1ехон хъвараб статья
газеталда бахъич1ониги. Авторасги бах1салде х1адурав вугилан хъвалеб бугелъул,
бокьилаан дирго пикруги загьир гьабизе.
Х1урматияв редактор, баркала. Ц1акъ бокьана хъвараб жо ва
данде жаваб щвезе гьеч1ел суалал. Дуца Дагъистаналъулги районалъулги чиновниказда
бич1ч1изелъун хъван буго дурго макъала, амма мух1кан гьабун гьеч1о кинаб
суалалъе, кинав чиновникас кьезе кколеб гьел суалазе жавабали. «Нусалда
бич1ч1изе ясалда абулеб» г1адин ккун буго дурги. Жакъасеб къоялъул къваридаб
саринги раг1а-ракьанде щвараб бук1инаан, дуца макъалаялда рихьизарурал
х1акимзабазул ц1аралги, кинаб г1уц1иялда т1адаб х1алт1и дол г1унгут1аби
т1аг1инариялиги хъван бук1арабани. Амма мунги вич1ч1изе бегьула-гьеб мехалъ
духъа билизе бук1ана дурго бокьулеб х1алт1и. Щайзе ч1валел журналистал?
Щайгурелъул гьезул бит1араб раг1и реч1ч1араб ч1ор бугелъул чиновниказе.
Х1урматияв редактор, цо пуланав чи х1алт1улев гьеч1ин, законалда рекъон
х1алт1еян абеян г1арза, макъала хъванани, ц1араб анкьалда проверка, ц1ех-рех
гьабич1ого, щай моц1аца толел, х1алт1уларесул г1унгут1аби рит1изарун
лъуг1изег1ан, щибаб кабинеталде, щивав начальникасе г1одизе-гьардезе хьвадулел?
-Дуе суал.
Макъалаялда дуца квеш бук1инедухъ хъван бугоан, херал
х1алт1ухъаби, пенсионерал рокъорги, мажгитахъги ч1езе ккелилан. Г1ансаги
г1унт1ун х1алт1уде хьвадулел ругел харабазул лъайги, г1акълуги, х1албихьиги
ц1ик1к1араб буго эбел-инсул кепкалги кьун зачетал-экзаменалги гьарун, ричун
дипломалги росун рач1арал жакъасел г1олилаздаса. Нахъойги суал-гьеб лъил
г1айиб?
Долго преподавателал ва долго чиновникал чунтбиги ц1ун,
иномаркабиги рек1ун, къват1исел улкабазде отдыхаздеги хьвадун кеп босулел
рихьулел гьеч1ищ? Лъаниги-лъач1ониги гьанжесеб г1елалда, гьезие щиб ургъел?
Лъица кьезе бугеб гьаб суалалъеги жаваб?
Жидерго бет1ерги х1алт1ун, лъай босич1ого жал ч1еларин
г1акъуба бихьун, лъик1аб лъай щварал г1олилал, х1алт1и щвеч1ого бакъалда руго,
дол искусственниял дипломал росаралин абуни, аск1ове вач1арасекьезе кколеб
справка хъвазе лъач1ого, рач1ч1алдаса ч1ух1арал х1елкал г1адин ч1ух1абиги
гьарун, г1адамазул нервабиги хвезарун х1алт1уда руго.
Х1урматияв Гъайирбег! Дуца хъванщиналъулгун бах1ас гьабулей
г1адан дун гуро. Г1ададисеб жо бук1ин лъала х1алакъаб чахъдал гъади
раг1улареблъиги лъала. Гьединлъидал, г1адатал г1адамал чиновниказде ккогеги,
кепкал гьеч1ого унти сах гьабуларел тохтурзабаздеги ккогеги! Гьереси т1егьараб,
рит1ухълъи билараб заманаялда дун йижун ятиялдаса рек1екълъун хъварал руго гьал
мухъалги. Гьаб к1очараб бихьугегиян абун буго къот1ун гирун унеб бет1ералъ.
Гьелъухъегоха, х1урматияв редактор. Ц1ар-ц1арккун рехсон хъвараб-бицараб раг1уе
щолареб ва щвеч1еб жаваб, ц1арал гьеч1ел чиновниказул газет-журналалда
хъванилан щиб ккелеб? Рецц Аллагьасе, цо къоялъг1аги ращалъизе ругелъул
киналго.
Ахираталдаг1аги кьезе бугелъул бицаралъул ва гьабуралъул
жаваб. Рит1ухълъи билараб Хунзахъ районалъул телевидениялъул редактор, дуе
сахлъи.
Автор.Мух1амадх1ажиева Мадина.Хьиндахъ росу.апрель 2011год.
|