ХIурматиял районцоял!
Нилъеца къо-мех лъикI гьабураб 2019 сон нилъер районалъеги букIана бергьенлъабазулаблъун.
ГIезегIанго тадбирал гьаруна районалъул гIадамазул г1умру лъикIлъизабиялъе, лъай кьей, сахлъи церетIезабиялъе, рана ва хIалтIизе кьуна социалиял объектал.
Дица, районалъул тIолалго гIадамазда рак1-рак1алъго баркула дирго рахъалдасан, депутатазул корпусалъул рахъалдасан, районалъул администрациялъул рахъалдасан ЦIияб 2020 сон!
Гьарула щибаб хъизамалъе, щивав чиясе талихIаб, рохалилаб, ракълилаб щулияб имангун яхI-намус цадахъаб гIумру, киналго лъикIал ишазулъ-битIккей ва бергьенлъаби.
ЦIияб сонгун, хириял ракьцоял!
«Хунзахъ район» МРалъул бет1ер Нурмух1амад Задиев.
Баркула, ц1ияб сон маг1арулазда,
Муг1рулги росуги к1очон теч1езда.
Ахал лъалъалезда, хур бекьулезда,
Йокьулелъе г1урдал т1угьдул кьолезда.
Баркула жидерго мац1 ц1унаразда
Муг1рул иццуй гуреб наку ч1вач1езда
Ц1ияб заманаялъ зазал къаниги
Къадруги намусги г1одоб теч1езда.
Баркула, батаги гьаб бач1унеб сон,
Баракат г1емераб, г1адлу буц1ц1араб.
Г1умруялъул рокъоб рекъелгун талих1,
Таги нужей даим, дир районцоял!
«Росдал зах1матчи»
|