Суббота, 20.04.2024, 00:02 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Ноябрь » 27 » ЧАХЪДАЛ Т1АЛАБАЛЪЕ КЬУРАБ 43 СОН
17:09
ЧАХЪДАЛ Т1АЛАБАЛЪЕ КЬУРАБ 43 СОН

Мадаралда г1иял ц1унараб колхозалда гьоркьоб рехсола Т1ануси «Машгьурал г1адамал» маг1ишатги. Г1иял ц1униялъул аслияв х1аракатчи вугин фермаялъул заведующий Мух1умаев Мух1амадан (Дайитбегил Мух1амад) раг1ун бук1ана к1игониги соналъго цебе. Дие бокьун бук1ана гьевгун дандч1вазе. Кват1ун бук1аниги мурад т1убана дир. Гьал къояз г1иялгун риидалил муч1дузда маг1арухъ вугев Мух1амадгун дандч1вазе рес щвана дие. Гьесулгун бук1араб гара-ч1вари къокъ гьабун кьолеб буго гъоркьехун.

Мух1амад ккола инсухъан ирсалъе вехьасул т1ил щварав, г1урусалъ абуни, «потомственный» вехь. Мух1амадил эмен Дайитбегги вук1ун вуго т1олабго г1умру колхозалъул г1ияда нахъа арав х1албихьи бугев г1иявехь. Лъик1ав вехь гуревги Дайитбег вук1ун вуго г1ухьбузул гуребги бокьараб сверуда, ал ч1ах1иял х1акимзабазда гъорлъ вук1инеги гьелгун к1алъазеги бажарулев чи. Лъик1ал гьоркьорлъаби рук1ун руго Расул Х1амзатовасулгун. Къадру-къиматалда вук1ине лъалев Дайитбегида «министран» абулеб бук1ун буго росуцояз.

Х1албихьи бугев Даитбегица кьун руго Мух1амадие вехьлъиялъул т1оцересел дарсал. 1968 соналъул 1 августалда 15 сон барав жеги ракьа-гьан къач1ев Мух1амадица т1оцебе босана вехьасул т1ил кодобе. Жеги биччан гьеч1о Мух1амадица вехьасул т1ил. 43 соналъ чан вехьасул т1илдай гьес ч1ик1инабун нахъе рехараб? Г1ухьбузул къварилъи бугел къояз фермаялъул заведующийлъун вугониги, жинцаго вехьлъи гьабизеги ризго кколеб буго. Дунгун Мух1амад дандч1вана хухазда цеве вехьлъуда гьев вук1аго. Г1ухьбузул къварилъи г1езег1ан бук1унила. Бищун унтарал суалазул цояб бугила гьеб. Росдал г1олохъабаз вехьлъиялдаса инкар гьабулеб бук1иналъ ц1акъ пашман гьавун вугоан Мух1амад. Т1анусиса цониги вехь гьеч1ила колхозалъул г1иязда. Ич1авго вехь къват1иса вугила. Аслияб къаг1идаялъ г1ухьби Г1ебут1аса, Колоса, Хьиндахъа ругила. Г1емер сверизе кколила г1ухьби ралагьизе. Мух1амадихъ г1енеккараб мехалъ бич1ч1ана колхозалъул г1иял т1олабго т1алаб: г1ухьби ралагьи, гьезул мухь-харж, г1и хъутаналде-нахъе гочинаби, къунц1и, г1ияе дару-сабаб гьаби-гьеб ва г1емераб цогидаб Мух1амадит1е т1аде бегун бук1ин. Цо дагьалго церег1ан соназ, вехьасул т1ил босун, г1ияде инеги, кутнал г1оркь ккун хур бекьизеги бажаруларев г1олохъанчи  вук1унароан маг1арухъ. Гьединасда т1ад релъулаан. Гьайгьай, пашман гьарич1ого толаро хур бекьуларел, г1иял хьихьуларел росаби г1емерлъулел рук1иналъ. Дида вич1ч1ана Мух1амад ва гьев сунцапашман гьавун вугевали. Хъваралъул х1асил гьабуни, Мух1амадил х1аракаталъ ц1унун бугин т1анусдерил СПКаялъул г1иял фермаян пикру бижана дилъ. Дун мекъа ватич1они. Росдал маг1ишатада х1укуматалъ билълъанхъинабулеб бугеб г1антаб, росабалъ г1умру гьабулезда дандеч1араб, росаби ч1унтизе, риххизе гьабулеб политикаялъул х1асиллъун буго г1олохъабаз ругьунаб, маг1аруласе хасиятаб бук1араб вехьлъиялдаса инкар гьаби. Бич1ч1улеб жо гьеч1ищ совет х1укуматалъул заманалда г1адин, рак1 разияб, бахилаб мухь щолеб бук1арабани, эбел-эмен, хъизан-рукъ рехун тун, бет1ербахъиялъе г1олохъаби Россиялдеги. гьеб тун къват1иреги унарел рук1араблъи. Кинаб харж-мухьха Мух1амадица вехьасе кьолеб бугеб? Кинаб къот1иялда х1алт1улел ругел Мух1амадил фермаялда г1ухьби? Ц1акъго мукъсанабцин гурищ вехьасул доход бугеб?

Г1ухьбузе мухь кьолеб буго натураялдалъун, ай г1ияздалъун. Моц1алъе вехьасе кьолеб буго 2 лемаг. Лъаг1алие-24 лемаг. Моц1рое цо лемаг кваниеги кьолеб буго. Кинабниги 36 лемаг. Вехьасул ихтияр бугила колхозалъул г1ияда гъорлъ 250 бет1ер живго бет1ергьанал г1иял хьихьизеги. Колхозалъул хер-к1алц1ияда, риидалил ва хасалил муч1дузда ч1обого г1и хьихьи вехьасул аслияб доходлъун рик1к1унеб буго Мух1амадица. 250 чахъдада хадуб ц1унараб 180 хохоца вехьасе дагьалдасан 500000 гъ. г1арац кьолила хасалихъе бичунги. Гьайгьай. вехь вуго хъизан-рукъалъул т1аг1ам лъаларев, г1умруялъул цогидал санаг1алъабаздаса мах1румлъарав. киг1ан к1удиябги харжие мустах1икъав чи. Гьедин бугониги лъаг1алие щолеб доходги квешаб гьеч1ин тола дицаго.

Жив вугила ракълида, г1ухьби разияб х1алалда х1алт1и бачине бокьулев чи. Къого-къоло хадуб соналъ фермаялъул заведующийлъи гьабуниги, г1ухьбузулгун даг1ба-раг1и биччач1ила. Бат1и-бат1иял росабалъа г1емерал г1ухьбузул цонигияв инч1ила разиго гурони, рак1хун, даг1ба-раг1иккун нахъе. Мух1амадил х1еренаб, х1алимаб калам, г1амал-хасият, гьурмада даимаб гьими диегоги загьирлъана гара-ч1вариялда. Гара-ч1вариялда аск1ов вук1арас абуна Дайитбегил Мух1амад вугила ц1акъ рак1алъ восулев, гьудул-гьалмагълъи хирияв чи. Район ц1ун ругила гьесул гьудулзаби. Дун Т1анусиве щвараб къоялъ машинабазда хух хъутаналде бит1улев вугоан Мух1амад. Хух баччулеб бугоан мухьдахъ ккурал машинабаз. Мух1амадица ралагьулел руго хер бичизе маг1арухъе рач1арал машинаби. Гьединал машинабазухъ бащадаб багьа гурого кьезе кколарила. Гьединаб дарамалъ фермаялъул заведующияс колхозалъе лъик1аланго г1арцул экономия гьабулеб буго. Машинаялда хух бачиналъул цогидал т1ок1лъаби ругила: т1аса ин бук1унарин. Бакъич1ого, къобихьич1ого борч1улила, г1и бач1ине мухьдахъ г1адамал кквезе кколарила. Гьединаб дарамалъ фермаялъул заведующияс колхозалъе лъик1аланго г1арцул экономия гьабулеб буго. Машинаялда хух бачиналъул цогидаги т1ок1лъаби ругила: т1аса ин бук1унарила, бакъич1ого, къобихьич1ого борч1улила, г1и бачине мухьдахъ г1адамал кквезе кколарила. Мухьдахъ ккурал г1адамазе ч1езаризе кколел цогидал шарт1ал х1исабалде росич1ониги, гьезие мухьги 2 нухалъ ц1ик1к1ун кьезе кколилан бицана Мух1амадица. Дун Т1анусиве щвараб къоялъ Мух1амадица хух хъутаналде бит1улеб бугоан. Хух машинаялде бахинабизе кумекалъе рач1ун рук1ана Мух1амадил гьудулзаби. 

Мух1амадил сахавалъиялъул, кверг1ат1илъиялъул г1емер бицуна т1анусдерицаги къват1исезги. 43 соналъ г1ияда нахъа вугев Мух1амад жиндиргоги г1и гьеч1ев чи гуро. Гьес хъвезе г1иялъажал кьолел руго жамаг1аталъул гьоркьосел х1алт1аби гьарулеб бак1алде, маг1арухъ ва щибаб соналъ хъутаналда гьоркьохъел школал лъуг1ун унел лъималазе вечеразе. Школалъул завхоз М. Г1умаровас бицана гьалдаса кири г1емераб, садакъа къабулаб бак1 бук1инарилан Мух1амадица школлъималазе квание г1иялъажал кьеч1ого толарилан.

Колхозалъул рехъалъ жакъа къоялде бугила 3500 бет1ер г1иял. Гьаниб абич1ого г1оларо Т1анусдерил фермаялда хьихьулеб буго тайпадулаб г1и. Гьан, квас г1емераб тайпадулаб г1и г1езабиги фермаялъул заведующиясул х1аракаталъул х1асил бугилан бицана дида. Жакъа фермаялда бугеб х1оржокуйдул гьоркьохъеб ц1айи 50 кг. бахунеб буго. гьединал ниг1матал кьолел г1иял г1езариялъе квербакъи гьарурал Бакьагьеч1и СПКаялъул г1ияхъабазе баркалаялда вуго заведующий Даитбегил Мух1амад.

Абизе ккола колхозалда ветх1алт1ухъанасул ва зоотехникасул ишалги Мух1амадица т1уразарулел ругилан. 43 сон чахъдал т1алаб-агъазалда арав Мух1амадида бокьарав зоотехникасдаса квеш лъалеб гьеч1о г1ияе гьабизе кколеб хъулухъги, гьезул унтабиги ва гьабизе кколеб даруги. Лъалареб ц1ехезе унила Бабаюрталде ва Мах1ачхъалаялде ветлабораториязде. Росун бажаруларедухъ хиралъун ругила дараби. Цогидал дарабазул бицинч1ониги, чара гьеч1ого х1ажалъулеб креоменалъухъ унеб бугин 45000 гъ. г1арацан пашманго бицана Мух1амадица. Рычал-Суялъул бащадаб литр щолеб гьеч1ила рахьдал литраялъухъан рах1атхун бугоан гьесул. Мух1амадил ч1орг1ан рит1арал гьел ва цогидал х1ужжабаздаги далилаздаги разилъич1ого кинха рук1инел? Лъицаха рахъ кквелеб нарт, бензин-нах, удобрение, росдал маг1ишаталъул техника «прихватизировать» гьабурал олигархазул мурадал ц1унун, г1ияхъанасул, хурухъанасул ц1око бахъулеб политикаялъул?! Къват1иса росулел руго заралиял, загьруяб, кваназе х1инкъараб кванил продуктаби-фальсификатал. Нилъеда-г1адатал г1адамазда (бечедаз гьел жидерго кутузе, гьабзазе кьоларо) квинарулел руго гьел г1езабурал улкабазда кунарел, лъабабилеб сорталъул г1адамазе х1адурараб кванил продукция-фальсификатал.

Гара-ч1вариялда Мух1амадица борхана х1адурараб ниг1мат-гьан бичизе к1унгут1иялъул суалги. Гьеб суал унтараблъун лъугьун буго СПКаязе гуребги фермеразе ва жалго бет1ергьанал маг1ишатазеги. Базарал сверун руго перекупщиказул жалго бет1ергьанал лавкабазде. Росдал маг1ишаталъул х1акъикъиял производителазе гьениб бак1 щоларо. Россиялъул ва Дагъистаналъул бищун т1адег1анал идарабазул базаразул х1акъалъулъ законалги х1укмабиги ругониги, республикаялда гьел г1умруялде рахъизе риччаларо жалго гьел т1уразаризе т1адал идарабаз ва гьезул нухмалъулез. Гьедин гьезие пайда бук1ун. Лъиениги балъголъи гуро нилъер власталъул политика к1иго бук1ин: цо-х1акъикъияб, гьабулеб бахчараб, цо-бицунеб, ц1алк1улеб, ч1амулеб, амма т1убазабулареб. Гьеб т1убазабич1ого тезе бицунеб политикаялъул къурбанлъун буго Россияги Дагъистанги. Гьеб буго дир пикру. Базар тун къват1ирехун ричаризе милициялъги гьукъулеб буго. Щибаб гьанал кило 50 гъурущалъ учузго перекупщиказеги бичун т1ад руссине кколин жалан бицана Мух1амадица. Г1езарурал ниг1матал ричизе ресалниги кьолел ругелани, г1иял къадар ц1ик1к1инабизе ресал ратилаанила. Дида цебеги раг1ун бук1ана «базаралъул мафия» абураб калима. Мух1амадилгун бук1араб гара-ч1вариялдаса хадуб рак1ч1ана г1емерал квералги, кьалбалги ругеб бат1и-бат1иял идарабазул т1адчаг1азул мафия-спруталъ базаразда ханлъи гьабун бук1иналда. 

Россиялъул ва Дагъистаналъул бут1рузул «коррупциялде данде балеб бугеб хъач1аб рагъ» лъуг1улеб буго рит1ухъалин кколел, х1асил кколарел раг1абаздалъун, лъиениги зарал гьеч1ел, щивниги х1инкъуларел декларацияздалъун. Бак1аб зах1маталдалъун, г1емераб г1ет1 т1ун, квачан-хинлъун, виччун-вакъван, вакъун-къечон г1езарурал ниг1матал гьезул багьаялде ричизе тунгут1иялдаса к1удияб зулму кинаб цоги бук1унеб? Гьеб гурищ г1адамазул ихтиярал ва эркенлъаби хвезари. Гьелъул щай бицунарел правозащитникал абулез ва гьездаго релълъарал цоги идарабазул гаргачаз.

Мух1амадица г1езабуна 4 лъимер. Цо васасул буго фермерасул маг1ишат. Хут1араз т1аса бищун буго тохтурлъи, учительлъи, Гьезулги буго 8 лъимер. Мух1амадиеги гьезиеги гьарула талих1аб, рохел гьарзаяб г1умру.

Ахиралда вехьасул х1акъалъулъ цо чанго мухьги. Бокьула вехьгун гара-ч1вари, гьесул х1акъалъулъ хъвазе. Романтикияб, х1акъикъаталдаги, бихьинчияб иш буго вехьлъи. Гьедин рик1к1унаан гьеб кибго, кидаго.  Муг1рузул сог1аб хасияталъул, г1умру гьабиялъул шарт1аз лъадарун, куцан буго вехьасулъ бихьинчияб г1амал-хасият. Вехьасул гьединаб хасият рагьун буго фольклоралъулъ.

Росдал г1олохъаби рикьулаан аслияб къаг1идаялъ к1иго бут1аялде: г1ухьбуздеги мутаг1илзабаздеги. Гьезда гьоркьоб цоцазул г1умру гьабиялъул къаг1идаби (образ жизни) какун къецалги рук1унаан. Цо мисал

Суал: Г1ухьбийищ г1емер ругел мутаг1илзабийищ?

Жаваб,

мутаг1ил: Хваралги малълун г1ухьби г1емер руго

Вехь: ясалги малъани мутаг1илзаби г1емер руго.

Ясалъ:

Бак1иде рахъиналда мутаг1иласде ах1арал раг1аби:

Алжаналда жанир ц1алдананиги

Ц1уял жал рук1уна мутаг1илзаби

Ц1адаца хъабарча биччананиги

Къвак1арав вук1уна муг1рул г1иявехь

Мутаг1иласул жаваб:

Мутаг1илзабазул ц1улъи бихьизе

Ц1ивурасда аск1об сордойищ бараб?

Маг1арда г1ухьбузул бихьинлъи лъазе

Буртинадукь егун сардалищ арал?

(1970 соналъ Буц1ра школалъул ц1алдохъабаз бак1арараб материалалдасан росарал мухъал).

Г1иса Г1исаев.

 


Просмотров: 800 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz