Четверг, 02.05.2024, 16:40 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2013 » Июль » 6 » БУГЕБ Г1ОЛАРО-Ц1УНИЗЕГИ ККОЛА.
12:35
БУГЕБ Г1ОЛАРО-Ц1УНИЗЕГИ ККОЛА.

Аралда туманк1 реч1ч1ани, бач1унелъ г1арада реч1ч1улилан аби раг1ич1ев чи ватиларо. Цебеккунисеб умумузул ишал, тарих, г1адатал, ай т1олабго культура, умумуз нилъее тараб къиматаб ирс ккола. Гьеб ирсалъул к1вар гьабунгут1и, гьелда тунк1алги ганч1алги реч1ч1и бук1ина умумузул адаб гьабунгут1илъун рух1ияб язихълъи, хъарцинлъилъун. Умумузул рух1иябги материалиябги ирс лъазабизе, бак1аризе, ц1унизе ва гьелъул пропаганда гьабизе т1адал чаг1и ккола нилъ, жакъасеб г1ел. Нилъер районалда гьеб рахъалъ гьабулеб х1алт1и квеш батилин кколаро. Гьеб х1аракат т1аде ккун буго районалъул школазде. Лъик1ал музеял руго Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школалда, Бакьагьеч1и, Х1ариколо школазда, Шагьрудин Шамхаловасул г1умру ва х1аракат рагьулеб музей бугоан Т1ануси гьоркьохъеб школалда. Музеял цогидал школазда ратиялдаги рак1ч1ола дир. Масала, бечедаб материал бак1арараб музей бук1ана Г1арани гьоркьохъеб школалда (Сулейманил школалда).

Тарих ц1униялъул рахъалъ аслияб х1алт1и гьабулеб буго Дагъистаналъул цолъизабураб музеялъул Хунзахъ бугеб филиалалъ. Музей г1уц1ана Г1арани гьоркьохъеб школалъул музеялъул кьуч1алда. 1967 соналъ музеялъе кьуна районалъулаб музеялъул даража. 1978 соналъ районалъул музей пачалихъалъулаб даражаялде (статусалде) бахинабуна. Жакъа музеялда вуго 8 х1алт1ухъан, гьездасан г1елмияв х1алт1ухъан директорги.

Музеялъе 2004 соналдаса байбихьун, нухмалъи гьабулеб буго Шамил Г1алиевас. Музеялъул ругел зах1малъаби, г1узраби директорас дие чанц1улго г1ахьал гьарун рук1ана. Музеялъул къварилъаби бит1ахъего жиндирго рек1еда х1унсулев, умумузул ирсалда, цебесеб тарихалда хурхарабщиналъул къимат гьабулев чи вуго гьев. Чанц1улго рак1 унтун бицана Шамилица ч1унтун унеб бугеб, лъиего ургъел гьеч1еб тарихиябги, архитектуриябги, фортификациялъулабги (хъулби, щулалъаби раялъул) памятник Г1арани хъалаялъул. Шамилил рах1ат хвезабун буго Г1арани лицеялда цебе бугеб памятник ч1унтун, биххун ине тун бук1иналъ. Ц1ар лъазе бокьич1ев авторас гьеб памятник бугеб х1алалъул гьадин хъван бук1ана «Росдал зах1матчи» газеталде: «Нагагь вихьанани щайт1анин ккола, сверун къедги гьабун вахчизе гьаве»-ян. 

Шамил ц1акъ вохун вугоан районалъул бет1ер Х1. Дарбишевас рехсараб памятник къач1азе г1арац биччалин т1адебосиялъ.

Рес бугел г1адамазда гьарун, г1арацги балагьун, К1удияв Г1алиханил, Г1алиханил Хъайтмазил суратал х1адурун руго музеялъ. Шамилил жигаралъ гьарулел руго цогидал ишалги.

Гьаб ахираб лъабго соналда жаниб 500 экспонат т1аде балагьун бечеб гьабун буго музей. «Маг1аруласул рукъ» экспозициялъ цебе ч1езабулеб буго цересел аваразул рук1а-рахъин, культура, бусен-рет1ел, рет1ел-хьит, ц1араг1-къайи.

Т1аде щварал экспонатазда гьоркьор руго цебегосеб цагъур, тумак1, хъанчал, Барятинскиясул суратазул коллекция. Суратаз рес кьолеб буго Шамилил заманалъул г1адамазул рук1а-рахъин, г1умруялъул даража лъазе.

Ц1акъ мукъсанал гурони ресал гьеч1ониги, Шамил к1алдибе борта баг1ар г1ечилан ч1ун гьеч1о. Масала, Надиршагь щущахъ виххазабураб къеркьеялъул цевехъан Мух1амад-нуцалил, к1удияв Г1умаханил х1акъалъулъ материалаздалъун бечед гьабун буго музей. Хунзахъ районалъул ракьалда ругел тарихиял ва т1абиг1иял памятниказул бицунеб стенд гьабун буго. Хъван буго районалъул х1акъалъулъ тарихияб справка. К1удияб Бергьенлъиялъул къоялде, Расулил юбилеялде х1адурун руго стендал. Руго цогидалги стендал.

Амма, дир пикруялда, гьеб гуро аслияб жо. Аслияб жо буго музей бет1ергьанал багьа ч1езабизе к1оларелг1ан къиматал экспонатал. Масала, музеялъул руго Абунуцалил ва Сурхайханасул рук1арал байрахъал. К1иябго байрахъ буго Москваялда реставрациялда. Гьеб ишалъе Культураялъул министерствоялъ биччан буго бащадаб миллион гъурущ. Музеялъул к1удияб рукъ ц1урал ц1акъго цересел аллатал-т1аг1елаздаса бокьараб музей ч1ух1илаан.

Имам Гъазимух1амадил бо щущахъ биххизабиялда хурхун Аварханлъиялъе пачаяс сайгъат гьабураб Георгиясул байрахъ ва ярагъ ц1унизе Мах1ачхъалаялде кьун руго. Гьаниб абизе ва районалъул жамаг1аталъул к1вар буссинабизе кколеб пашманаб цо х1ужжа буго. Араб соналъ Унсоколо районалъул ц1огьал к1анц1ана музеялде ва бикъун ана 40-ялдаса ц1ик1к1ун экспонатал. 

Гьеб пащманаб лъугьа-бахъиналъе г1илла бук1ана гьединал бак1ал ц1унизе кколеб къаг1идаби хвезарун рук1ин. Хадурккунги гьединал лъугьа-бахъинал ккеларин абизе лъиданиги к1оларо, гьадинаб гурони музей ц1униялъул даража гьеч1они. Талих1алъ ц1ех-рехалъул идарабаз гьарурал хехал тадбираз ц1огьал къокъидго ккуна ва анц1ила анлъго экспонат хут1изег1ан нахъе щвана. Гордазда решеткабицин гьеч1еб музей гьаб чорокал ишал г1емераб заманаялъ талавур  гьабизе бокьулел ккезе бегьула гурищ. Бикъилалде т1амейин къоноян умумузул малъа-хъвайги бугелъул, райадминистрациялъул кумекалдалъун гьеб суалалда сверун тадбирал гьарулел руго. Рак1алде ккола къокъаб заманалда жаниб гьеб ишги раг1алде бахъинилан.

Бат1аго Шамилил рах1ат хвезабулеб буго ч1унтун унеб бугеб цебехун рехсараб Г1арани хъалаялъ. Хъалаялъул минабахъ ругел  идарабазухъа арендаялъулаб мухь босулеб бугебани г1иси-бикъинаб ремонт гьабизе бегьилаан. Маг1арулаз абухъе, бортаралъуб гамач1 лъезеги бекаралъубе рахи биччазе чиги гьеч1ого, бет1ергьан хвараб ч1ахъен г1адин хут1ун буго Хъала.

Хъалаялда хурхарал ч1ах1иял планал ругоан Шамилил. Хъала ккола пачалихъалъ ц1унизе т1аде босараб (гьедин бук1ана Совет Союзалъул соназ), амма ц1унулареб пачалихъ бет1ергьанаб буголъи. Пачалихъалъ гьеб къач1ани, гьеб бук1инаан бихьизе туристал рач1унеб памятник. Гьенире рач1унезул къадар ц1ик1к1инаан «Макьасда» г1емер бицунеб бугеб «хъешт1еро» бан хадуб. Разе бегьулаанила гостиница, ресторан, кафе парковка ва гьалбадерие хъулухъалъе цогидал санаг1алъабиги. Хъалаялъубе бахъинабизе бегьилаанила музейги. Гьединал х1алт1аби гьаруни музеялде рач1унезул къадар дагьаб бук1инароанилан ккана дидаги. Жакъа къоялъги музеялде рач1унезул къадар 50-60 чиясде бахунеб заманги бук1унилан бицана музеялъул г1елмияй х1алт1ухъан Х1асанова Саг1адатица. Мисалалъе босани, май моц1алъ раймузеялде вач1ун вуго 570 ялдасаги ц1ик1к1ун чи.

Дагъистаналдасаги Дагъистан бахун къват1исаги машгьурлъарал ва г1адатал г1адамал рач1унел руго музеялде. Москваялдаса, Воронежалдаса, С-Петербургалдаса, Екатеринбургалдаса ва Россиялъул цогидал регионаздаса, Мах1ачхъалаялдаса, Кизилюрталдаса, Бабаюрталдаса рач1арал гьалбадерил хъвай-хъваг1аял руго музеялъул журналазда. Расулил исана бук1ине бугеб юбилеялда хурхун музеялде рач1унезул къадар г1емер ц1ик1к1анилан бицана музеялъул х1алт1ухъабаз.

Музеялде рач1унезе цо квалквал гьабун буго росдал бегавулас. Бит1ахъе музеялъул хьолбохъан т1амун буго бегавулас ц1адал лъим. Гьелъ нухда хъит1ал рахъун музеялде машинабазе нух къот1улеб буго. Хизрида  музеялъул директорас гьарулеб буго, къот1и бук1ахъе, лъим цоги бак1алде т1амеян.       

Г1иса Г1исаев.

Просмотров: 736 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz