4 февралалда райадминистрациялда т1обит1ана бегавулзабазулгун иргадулаб
данделъи. Гьеб нухда бачана районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас, гьесул
заместителаз ва цо-цо отделазул нухмалъулез. Данделъиялда рорхана налогал
рак1ариялъул, ихдалил призывалъул, ракьазул участокал кьеялъул ва цогидалги
жамаг1атазе к1вар бугел суалал.
«Нуж ккола
т1алъиялъул бищунго халкъалде г1агардег1ан ругел вакилзаби. Гьединлъидал нужер кидагосеб
бербалагьиялда гъоркь бук1ине ккола росулъ бугеб ах1вал-х1ал ва жамаг1аталъул
г1узраби. Цебег1адин цох1о г1и-боц1уда тезе г1ухьби ралагьиялдалъунги ва росулъ
лъимги ч1езабиялдалъунги лъуг1уларо жакъа бегавулзабазул х1алт1и. Жакъа нужехъа
бажарулеб гьеч1о бук1ине кколеб даражаялда магъало бак1арун, ригьда г1адамазе
участокал кьун ва армиялде г1олохъаби рит1иялъул план т1убазабун», - ян
абуна муниципалитеталъул нухмалъулес.
Гьединго гьев рази гьеч1оан данделъиялде киналго бегавулзаби
рач1ун гьеч1олъиялдасаги. Гьединлъидал г1уц1арухъанлъиялъулгун правовояб
отделалъул начальникасул заместитель Къебеддибир
Дибирдадаевасда т1адкъана щибаб арбаг1 къоялъ киналго бегавулзабазда
данделъиялде рач1ине т1адаблъун гьабулеб распоряжение х1адуризеги.
Налогал рак1ариялда хурхун бугеб ах1вал-х1алалъул бицана
экономикаялъулгун прогнозированиялъулд отделалъул начальник Сурхай Мусаевас. Гьесул баяназда
рекъон, г1аммаб къаг1иядаялъ босани, районалда ракьул налог бак1ариялъул план
т1убан буго г1иц1го 27,1 %. Гьеб бут1аялда цебесеб кьерда руго Хунзахъ (62,3%),
Ц1ада (60,7%) ва Гьамущи (57%) росабазул советал, рач1ч1алда ругезда гъорлъ
рехсана Шотода (0%), Х1ариколо (0%) ва Г1ахьалч1и (3%).
Мал-мулкалъул магъало бак1арун буго 50,5 %. Гьанибги бищунго
лъик1ал х1асилал рихьизарун руго Хунзахъ ва Ц1ада советаз – 94,1% ва 89,9%.
Бищунго нахъа руго Мущули (0%), Г1оч1ло (6,4%) ва Уздалросдал (8,6%) советал.
Районалъул бет1ерасул заместитель Х1амид Гьит1иновас бицана ихдалил призывалде х1адурлъи гьабиялъул
ва къот1и-къаялда рекъон рагъулаб хъулухъалде г1адамал рит1иялъул х1акъалъулъ.
Гьеб рахъалда бегавулзабаз гьабулеб х1алт1и г1ей гьеч1еблъун рик1к1ана гьес ва
киналго ах1ана халкъалда гьоркьоб агитациялъулаб х1алт1и ц1ик1к1инабизе.
Архитектураялъулгун ракьазул ва мал-мулкалъул ишазул
отделалъул бет1ерав специалист Мух1амад
Муъминовас г1ат1идго баян кьуна гьабсаг1аталда районалда ругел минабазул
бет1ергьанлъи ч1езабулел документал (зеленка) гьариялда ва г1адамазе ракьазул
участокал кьеялда хурхун гьарулел ругел х1алт1абазул х1акъалъулъ. Гьедин, жакъа
къоялде г1иц1го Хунзахъ, Гьац1алухъ ва Уздалросдал советазда гурони раг1алде
бахъун гьеч1о планал кьеялда хурхун гьабулеб х1алт1и. Цогидал росабазулги
генералиял планал х1адурун руго, амма жеги участокал рикьа-къот1ун (разбивка)
раг1уларо. Гьединго районалда бугеб 9000 ялдасаги ц1ик1к1ун кадастровияб
учеталде босараб минаялъул «зеленкаби» х1адурун раг1ула г1иц1го 4000 г1ан
объекталъул.
Ахиралда бегавулзабаз кьуна жидерго суалалги. И. Мух1амадов.
|