.Ноябрь моц1алъул авалалда Избербашалда т1обит1ана ясазул
командабазда гьоркьоб Дагъистаналъул волейболалъул чемпионат. Къецазда
г1ахьаллъана Мах1ачхъала, Каспийск, Избербаш шагьаразул, Хунзахъ, Ахти,
Мух1арамкент, Курах ва Хьаргаби районазул командаби. Мандатнияб комиссиялдаса
хадуб можороги бахъун, командаби рикьана к1иго подгруппаялде. Т1оцебесеб
подгруппаялде ккана Мах1ачхъалаялъул, Избербашалъул, Хунзахъ ва Хьаргаби
районазул, к1иабилелде-Каспийскалъул, Ахти, Мух1арамкент, Курах районазул
командаби.
Абизе бегьула микьабго командаялда гьоркьоб цонигияб
заг1ипаб бук1инч1илан. Х1аял рук1ана ц1акъго х1алуцарал. Бихьулеб бук1ана
киналго бергьенлъиялде таваккалгун рахъинин цереян. Жиде-жидер подгруппаялда
1-2 бак1ал ккурал командаби «крест» системаялда дандч1вана финалалда. Ахирисеб
х1ай-т1оцебесеб-к1иабилеб бак1алъе г1оло кидагосел дандиял Каспийскалъулги
хундерилги т1аса рищарал командабазда гьоркьоб бук1ана. Ахираб чанго соналъ
бит1 ккеч1о нилъер командаялъе, т1оцебесеб
бак1 кидаго дандияз унаан ва гьале ахирги нилъер ясал Дагъистаналъул чемпионкаби! Рак1бащадаб,
махщел камилаб х1ай бихьизабуна гьез къецазда. Х1асил-Дагъистаналъул чемпионал,
турниралъул кубок ва даражаялъул дипломалгун т1адбуссана районалъул команда.
*** *** ***
Гьелго къояз васазда гьоркьобги т1обит1ана волейболалъул
турнир. Гьелда г1ахьаллъана Мах1ачхъала, Каспийск шагьаразул, Гъуниб, Хунзахъ,
Курах, Хьаргаби, Ахти, Табасаран, Мух1арамкент, Казбек районазул командаби.
Квешаб бук1инч1о гьениб нилъер васазулги х1аял. Амма спорталда къуватал ва
тириял бергьуна. Финалалда т1оцебесеб, к1иабилеб бак1алъе г1оло гъунисезда
дандч1вараб нилъер команда 2:1 х1исабгун къуна гьезукьа ва к1иабилеб бак1алда г1ей
гьабун ч1езе ккана. Лъик1аб х1ай бихьизабуна Г1. Шаг1бановас, М.
Гьит1инавасовас. Къецазде команда х1адур гьабуна тренер М. Г1абдулхаликъовас.
Т1. Мух1амадов, Г1ахьалч1и гьоркьохъеб школалъул физрук.
Р.S.Макъалаялъул
автор т1адехун рехсарав г1ехьелдерил физрук кколелъул бихьизабила районалъул
т1асабищараб ясазул команда тренер х1исабалда Т1айгин Мух1амадовас х1адур
гьабулеб бук1ин ва т1олалго членал гьениса-Г1ахьалч1и гьоркьохъеб школалъул
ц1алдохъаби кколеллъи. Гьел ккола: П. Г1абдулкаримова, Р. Х1ажиева, У.
Салих1ова, П. Х1ажимух1амадова, П. Мух1умаева,П. Мух1амадова. Нилъецаги баркула
г1исинал чемпионкабазда бергьенлъи, спорталъулъ цебет1ей гьезие.
(Ред.)
|