Чанго тухум буго Хунзахъ росулъ кинаб рагъ-кьал кканиги гьелда жидеца жигараб гIахьаллъи гьабураб. Гьединаздасан цояб ккола Шамил имамасул машгьурав наиб ХIажимурадил тухум.
Гьесул вас Гуллал вас Бадави жиндиего бокьун ана гIурусазулгун-япониязул рагъде ва гьениб бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ мустахIикълъана кIиго БахӀарчиясул хъанчалъе, доб заманалда цIакъ кIудияб шапакъат букIана гьеб. Гьесулги вас МухӀамад ХIажимурадов гьавуна 1915 соналъ Хунзахъ росулъ. КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьилалде гьес лъугӀизабула Ростовалъул педагогикияб институталъул историялъул факультет. 1942 соналъул апрелалда цIалун лъугIула Сталинградалъул рагъулабгун-политикияб училище, гьитIинав (младший) политрукасул цIаргун. Лъабго къоялдасан гIахьаллъула Крымалъул фронталда Керчь шагьаралда ккарал рагъазулъ. 1942 соналъул 11 апрелалда захӀматго лъукъула ва витӀула госпиталалде, кIиго моцӀалъ гьенивги вегун рокъове виччала ва тӀубанго сахлъизегӀан гIагараб росулъе вачIуна. 1942 соналъул 15 сентябралдаса нахъе кколаан Доналъул хъазахъазул гвардиялъул кавалериялъул корпусалъул Эльбрусалъул рахъалда бугеб кавалериялъул комсорглъун, хадуб Закавказалъул фронталъул Северияб рагъухъабазул къокъаялъул комсорглъун. 1942 соналъул декабралда нахъойги лъукъула ва Ереван шагьаралда госпиталалде витӀула. Армиялда хъулухъ гьабизе сахлъи гьечӀолъиялъ медицинаялъул комиссиялъ рокъове витIула. Амма бихьинчилъиялъул рахъалъ цӀар арал жиндирго умумузул бидулъанго щвараб бахӀарчилъиялъ ва тушманасде бугеб ццималъ гьесие рокъов чӀезе рахӀат толаро ва I943 соналъул декабралда кигӀан инвалид вукIаниги жиндиего бокьун армиялде хъулухъ гьабизе тӀад вуссуна. 1944 соналъул маялде щвезегIан хьвадула политсоставалъул офицеразул даража борхизабиялъул курсазде.
1944 соналъул июлалда тӀамула артиллериялъул дивизиялъул дивизионалъул парторглъун. Узухъда, живго наиб ХIажимурадил ирсилас рагъулъ тIокIлъи бихьизабичIого тезе рес букIинчIо. Гьеб хъулухъалда вукӀаго тӀад къарал рагъулал масъалаби тӀуразаризе бахъараб хӀаракаталъухъ ва жиндирго мисалалдалъун бихьизабураб бахӀарчилъиялъухъ МухӀамадие кьола «БагӀараб цӀва» орден. Гьебго соналъул октябралда тӀамула 3-б Белоруссиялъул фронталъул дивизионалъул командирасул заместительлъун.
1944 соналъул 18 ноябралда МухӀамад лъабабилеб нухалъги захIматго лъукъула (бер, бетIер, керен) ва вегизавула Каунас шагьаралъул госпиталалда.
Сахлъидал 3-б Белоруссиялъул фронталъул Политуправлениялъул резервалде вачуна, гьоркьо-гьоркьоб хасал тIадкъаялгун фронталдеги витIулаан.
1945 соналъул апрелалда тӀамуна Челябинск шагьаралда политчасталъул рахъалъ танказул полкалъул начальникасул заместительлъун.
22 апрелалда танказул полкгун щвана Германиялда бугеб Штетен шагьаралде.
1945 соналъул 2 ноябралда гIемер ругънал щун рукIиналъул хӀасилалда сахлъи гьечIолъиялда бан, армиялдаса нахъе витIула.
Рагъул соназдаса хадув хIалтIана преподавательлъун, журналистлъун ва публицистлъун. ГIемераб мехалъ хIалтIана «Советияб Дагъистан» журналалъул редакциялда. ЦӀайи бугеб хIалтIи гьабуна гIолохъанаб гIелалъе патриотизмалъулаб тарбия кьеялъе. Росулъа батӀи-батӀиял рагъазул гIахьалчагIазе кколеб даражаялда къимат кьезе букIине, гьезул биографиялги, нахъа тарал бахIарчиял рагъул нухалги, хадусеб гIелалда лъазе рукIинелъун, гьезул хIакъалъулъ хъвана макъалаби. ГӀемер дандчIвалаан гӀолилалгун, гьарулаан гьезие малъа-хъваял. Кколаан СССРалъул журналистазул Союзалъул членлъунги. Щибго тIекъаб жоялда рекъоларев, хIел-хIелчиясул гӀамал гъорлъ гьечӀев, унго-унгояв патриот вукӀана гьев. ХIажимурад наибасул ва росдал хIакъалъулъги гIемераб тарихияб материал ва хӀужаби ракIарун рукIанин гьесилан бицуна, амма, тIехь хъван, гьеб къватIибе биччазегIан гьев хутIичIо. «Рагъдаса тӀад вуссана цояб берги гьечӀев, хӀетӀе-кверги сакъатлъарав инвалидлъун. Нилъер щапарал бахӀарзазул лъалкӀал цӀехон, гьез бихьизабураб бахӀарчилъиялъул бицуна печаталдасан, радиоялдасан ва телевидениялдасан», - гьадин хъвана гьес жиндирго хӀакъалъулъ. Гьев нилъедаса ватIалъана 1979 соналъ.
Районалъул харабазул советалъул
рахъалдасан гьари буго Хунзахъ росдал советалъул депутатазде гьадин бахӀарчиго ВатӀан цӀунун вагъарав ва рагъдаса хадусел соназги хутӏараб гӀумруялъ гIун бачIунеб гӀел куцаялъе гIемераб хӀалтӀи гьабурав МахIамад ХӀажимурадовасул цIар цо къватIалъе кьезе хӀукму гьабеян.
ЗУБАИР ГЪАИРБЕГОВ, районалъул харабазул советалъул председатель.
|