Воскресенье, 08.03.2026, 02:15 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам день учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери подкачаться ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
-->
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2026 » Февраль » 10 » БАЧlУНЕБ СОНАЛЪУЛ НУЦlИХЪГИ ЛЪАЛХЪУН
16:04
БАЧlУНЕБ СОНАЛЪУЛ НУЦlИХЪГИ ЛЪАЛХЪУН

Нилъеца нахъа толеб буго цогиги сон. Абиларогьеб нилъер муниципалитеталъуги районцоязеги бигьаяб бук1анилан. Амма кин бук1аниги, хасаб къадаралда цо-цо бут1абазда гьарун бажарарал х1алт1абазул х1акъалъулъ рехсезинха гъоркьехун.

Маданият

Районалъул маданияталъул бут1аялъул х1алт1и г1уц1ун бук1уна нилъер рух1иялгун моралиял ва маданияталъулгун тарихалъул хаслъаби ц1униялъулгун церет1езариялъул ва г1ун бач1унеб г1елалъул творческияб гьунар рагьиялъе шарт1ал г1уц1иялъул мурадалда миллиял проекталги патриотикиялгун терроризмалда данде къеркьеялъул рахъалги жанире рачараб планалда рекъон. Гьедин, исана т1обит1ана чанго к1вар бугеб тадбир. Гьездасан аслияллъун ккола Хунзахъ бугеб г1орхъалаби ц1унулеб хъулухъгун цадахъ 23 февралалде т1обит1араб байрамалъулаб концерт, «Хъах1ал къункъраби» мемориалияб комплексалда т1обит1араб художница Сиядат Казиевалъул суратазул цебелъей, т1арц1ал салмагал рессиялъул мастер-классал, т1анса-салмагазул фестиваль, Дагъистаналъул т1оцевесев президент Мух1у Г1алиевасул 85 сонилаб юбилей к1одо гьаби, терроризмалдагун наркотиказда данде ч1арал акциял ва цогидалги. Гьединго маданияталъул бут1аялъул х1алт1ухъабаз жигараб г1ахьаллъи гьабуна «Горцы» ва «Живые традиции» фестивалазда, «Родники Дагестана», «Мой выбор» ва цогидалги республикаялъулал тадбиразда. Щибаб тадбиралде гьабун бук1ана хасаб х1адурлъи, ургъун рук1ана такрарлъи гьеч1ел сценариял, х1исабалде босана нилъер рук1а-рахъиналъул, г1адат-г1амалалъул ва маданияталъулгун тарихалъул хаслъиги. Цогиги исана г1уц1ана лъималазул кьурдул ансамбль «Тобот». Гьединго районалда ва гьеб тун къват1ибги раг1ана гьанжего гьанже маг1арул коч1олаб дунялалде галаби лъолей йигей, баккун бач1унеб ц1ияб ц1ва – Харахьи росулъа Марьям Гъазимух1амадовалъул ц1ар.  

Лъай кьей

Жакъа къоялде районалда буго 77 лъай кьеялъул г1уц1и, гьездасан 20 гьоркьохъеб школа 8 г1аммаб лъай кьеялъул школа, 2 школа-садик ва 38 школалда цебесеб лъай кьеялъул учреждение. Г1аммаб къаг1идаялъ, ахирисел баяназда рекъон киналго школазда халт1улев вуго 657 педагог, ц1алулеб буго 3078 лъимер, садиказда буго 1280 лъимер ва 136 тарбиячlужу. 2024-2025 ц1алул соналъ ЕГЭ кьуна 125 ц1алдохъанас, ОГЭ – 293 ц1алдохъанас. 17 выпускникал рахъана медалисталлъун. Г1иси-бикъинал х1алт1аби гьарун гурони, исана капиталияб ремонтги гьабун къач1арал учреждениял гьеч1о.

Благоустройство

«Формирование комфортной городской среды» программаялда рекъон раг1алде рахъинаруна райцентралда бугеб СВОялъул къурбаназе бараб «Рак1алде щвеялъул ахикь» гьарулел х1алт1аби. Лъаг1алил ахиралда, бекьеч1дерил СПКялъул сурсатазде росдал Г1арада гъутаналда рагьана 250 кв м г1ат1илъи бугеб «Рагъулаб реццалъул парк».   

Нухал

Районалда ругел нухазул г1аммаб халалъи буго 1236,5 км. «Дир Дагъистан-Дир нухал» проекталда рекъон, 2,14 километрадул г1аммаб манзилалда хъилги т1ун къач1ана Хунзахъ, Г1обода ва Сивухъ росабалъ ругел нухазул 7 участок. «Дагъистанавтодор» ГКУялъул заказалдалъун, 9 километралъул манзилалда цо-цо бак1аздасан г1ат1ид гьабун, чабах бан ва блокал лъун къач1ана шагьраялдасан Буц1ра росулъе сверулеб нух.

Сахлъи ц1уни

Халкъалъе бищунго к1вар бугел бут1абаздасан цояблъун ккола сахлъи ц1уни. Районалъул сахлъи ц1униялъул бут1аялъул х1алт1ухъабазги х1аракат бахъулеб буго жидерго х1алт1и лъик1лъизабизе. Районалда буго, г1аммаб къаг1идаялъ 160 чиясе рек1изе бак1 бугеб цо централияб ва к1иго участокалъулаб больница, 50 медпункт, гьездасан 14 ФАП ва 36 ФП. «Модернизация первичного звена здравоохранения» абураб программаялда рекъон лъаг1алил ахиралда Буц1ра ва Сивухъ росабалъ рагьана фельдшерлъиялъулгун акушерлъиялъул пунктазул (ФАП) ц1иял минаби.

Туризм, спорт ва г1олилазул политика

Ахирисел соназда районалда кутакалда цебет1ун унеб буго туризм. 2025 соналда районалде вач1ун вуго 250 000 ц1ик1к1ун турист. Амма гьеб бут1а цебет1езе ккани, цох1о гьайбатаб т1абиг1ат бук1араб г1оларелъул, х1аракат бахъулеб буго х1ажатаб инфраструктура г1уц1иялъеги. Гьедин, исана раг1алде рахъинаруна туризмалъул машгьурал локациял: Моч1охъ х1орда ва «Каменная чаша» абураб бак1алде лъим бачиналда, нухлул раг1алда санузелал гьариялда, автостоянка х1адуриялда ва цогидалги гьалбадерие квег1енал шарт1ал г1уц1иялда хурхун гьарулел х1алт1аби. Инвестиционниял проектазда рекъон Уздалросдал «Хьикьухъ» абураб бак1алда исана бан бахъана «Хъах1ал къункъраби» комплекс. Гьединго хасав инвесторасул сурсатазде г1езег1ан х1алт1аби гьаруна Макьасдаги. Гьениб рагьана «Родина» абураб ц1ияб ресторан, тарзанка, лъималазул зиплайн, хъилги т1ун къач1ана автостоянка ва ч1ана 300 г1ан гъвет1. Жакъа къоялде районалда х1алт1улеб буго 150 ц1ик1к1ун гьалбадерил рукъ ва чанго гостиницагун отель. Хасаб к1вар кьолеб буго туристазда дандч1вай гьабиялде ва гьел нуха рег1иялде. Спорталда хурхун гьабулеб х1алт1ул аслияб мурад ккола к1ванаг1ан ц1ик1к1ун г1адамазул къадар сахабгун спортивияб г1умруялде гъорлъе рачин ва г1ун бач1унеб г1ел заралиялгун пайда гьеч1ел пишабаздасаги ц1унун, спорталде руссинари ва ч1ах1иял х1асилазде ишангун профессионалиял спортсменал куцай. Гьедин, районалда х1алт1улеб буго лъабго спортивияб школа. Буго 60 спортивияб сооружение, гьездасан 21 спортзал (г1аммаб къаг1идаялъ гьенире хьвадула 750 г1ан лъимер), 13 футболалъул майдан, 1 г1емерфункциязулаб спортивияб площадка ва 1 рагьараб тайпаялъул физкультураялъулгун сах гьариялъул комплекс (ФОКОТ). Гьоркьоса къот1изе теч1о санайил т1орит1улел волейболалъул рахъалъ районалъул бет1ерасул Кубокалъе г1оло турнирал, хоккеялъул чемпионат, Макьасда т1обит1улеб ц1ердасан хариялъул фестиваль ва цогидалги спортивиял тадбирал. Спорталъулгун ва физкультураялъулгун т1ей гьеч1еб бухьен буго 56,1 % районцоязул. Районалда руго 14-35 сонил ригьалда ругел 11917 чи, гьеб ккола г1аммаб къадаралдасан 37%. Лъаг1ел байбихьаралдаса т1обит1ун буго г1олилазул патриотизм, творческияб гьунар ва спортивияб жигарчилъи ц1ик1к1инабиялда хурхараб 65 тадбир. Гьездасан аслияллъун ккола 150 г1ан чи г1ахьаллъараб Т1олгороссиялъул рагъулабгун спортивияб «Зарница 2.0» х1аялъул муниципалиял этапал; г1олилазда гьоркьоб социалияб рахъалъ х1инкъи бугел жал загьирлъич1ого рук1иналъул мурадалда т1обит1араб форум «Территория – мира и созидания» ва «Добродаг» г1уц1игун цадахъ бак1алъулал г1олилазул социалияб жигарчилъи ц1ик1к1инабиялъулгун муниципалитеталда волонтеразул багъа-бачари цебет1еялъул мурадалда т1орит1арал акциялгун тренингал. Гьединго исанасеб сон лъазабун бук1ана Ват1ан ц1унулесул сонлъун, гьелда цадахъго 80 сон т1убана К1удияб Ват1анияб рагъулъ бергьенлъи босаралдасаги. Гьел х1ужабазда хурхунги т1орит1ана «Блокадаялъул чед», «Ниж Россиялъул гражданал», «Бергьенлъиялъул къед» ва г1емерал цогидалги акциял.

Росдал маг1ишат

Аслияб къаг1идаялъ район аграрияблъун кколелъул, г1адатаб халкъалъул яшавалъе к1вар ц1ик1к1араблъун ккола росдал маг1ишаталъул бут1аялда т1обит1улеб х1алт1и. Муниципалитеталда буго бат1и-бат1иял г1уц1иялъулгун правовоял формабазда х1алт1улел росдал маг1ишаталъул 101 предприятие. Гьездасан 21 КФХ ва ИП, 7752 ЛПХ. Г1аммаб гъаг1идаялъ босани, аграрияб секторалда х1алт1илев вуго 10104 чи, гьездасан СПКялда – 376, КФХялда – 68, ЛПХялда – 9660 чи.  2025 соналда районалда биччан буго 2 миллиардгун 175 миллионалдаса ц1ик1к1ун гъурщиде ккараб росдал маг1ишаталъул продукция. Гьелъул ц1ик1к1унисеб бут1а (80%) ккола халкъалъул маг1ишатазде. Росдал маг1ишаталъул продукциялъул г1аммаб къадаралдасан 80 ц1ик1к1ун процент ккола г1и-боц1ухъанлъиялъул продукция. Жакъа къоялде ругел баяназда рекъон муниципалитеталда буго 24100 бет1ер ч1ег1ербоц1ул, гьездасан 13650 г1ака; 212100 бет1ер г1и-ц1ц1аназул ва 36000 г1анк1о-х1елеко. Гьедин, исана г1езабун буго 3840 т гьанал, 25 000 т рахьдал, 457 т квасул ва 6,6 млн хоно. Гьоркьохъеб къаг1идаялъ цо г1акдадаса беч1ч1ун буго 1785 кг рахьдал, 100 г1акдада хадуб ц1унун буго 85 бече, 100 чахъдада хадуб 84 кьег1ер.  Хурухъанлъиялъул бут1аялде ккола г1аммаб къадаралъул 20 %. Исана бак1арун буго 8350 т могьолал культурабазул, 1850 т овощазул ва 5000 т картошкадул.

Даран-базар

Т1олабго улкаялъулго г1адин районалъулги жакъасеб г1умру цебеч1езабун бажаруларо бича-хисиги гьеч1ого. Гьелъул к1удияб к1вар бук1уна районалда х1алт1улал бак1ал рагьиялъе ва бюджеталде бач1унеб магъало бак1ариялъеги. Гьедин, 1 ноябралде ругел баяназда рекъон районалда буго предпринимательлъиялъул 873 субъект. Гьел киназго исана гьабун буго 3 миллиардгун 156 миллион гъурщиде даран-базар. Жамг1ияб квана-гьекъеялъул объектазда гьабун буго 313 млн гъурущ. Т1уран руго 308 млн гъурщиде г1арцулал хъулухъалги.  

И. Мух1амадов.  

Просмотров: 17 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2026 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz