Араб соналъул ахиралда
Кизилюрт районалъул ва шагьаралъул жанисел ишазул отделалъул начальниклъун
т1амуна нилъер районцояв, милициялъул полковник Заирбеков АсхӀабгӀали МухӀамадович.
Гьавуна АсхӀабгӀали Ӏ966 соналъ Буйнакс шагьаралда, гӀуна ЦӀада росулъ. Ӏ983
соналъ ГӀарани гьоркьохъеб школаги лъугӀизабун, гӀолохъанчи уна Советияб
Армиялъул ВМФалда хъулухъ гьабизе. Ӏ988 соналдаса нахъе жакъа къоялде щвезегӀан
хӀалтӀулев вуго республикаялъул жанисел ишазул органазда. Ӏ995 соналъ Волгоград
шагьаралда лъугӀизабуна РФялъул МВДялъул ТӀадегӀанаб следственнияб школа. Ӏ993
соналдаса 2003 соналде щвезегӀан Дагъистаналъул батӀи-батӀиял бакӀазда хӀалтӀана
следовательлъун. 2003 соналъ гьев вачуна жанисел ишазул министерствоялъул
экономиял такъсиразде данде
рагъ гьабиялъул управлениялде. 2007 соналдаса 2009 соналде щвезегӀан хӀалтӀула
Хасавюрталда районазда гьоркьосеб экономикиял такъсиразде данде рагъ гьабиялъул
отделалъул начальниклъун. Ахирисеб хъулухъ-республикаялъул УБЭПалъул
начальникасул заместитель. Заирбековасул хӀалтӀулъ бугеб хӀаракатчилъиги жавабчилъиги бихьун 20Ӏ0
соналъул октябрялдаса нахъе гьев тӀамула Кизилюрт районалъул ва шагьаралъул
жанисел ишазул отделалъул нухмалъулевлъун. АсхӀабгӀалица гӀумрудул принциплъун
кколеб буго некӀсияб римляназул «Эркенавлъун вукӀине ккани, лъугьине ккола
законаллъун лагълъун» ян абураб кици. Жиндирго хӀалтӀи гьес байбихьана
Кизилюрталъул вокзалалда аскӀосеб майданалда, шагьаралъул къватӀазда жамгӀияб гӀадлу-низам
букӀинабиялдалъун. Биччанте ракьцоясул гьел хӀалтӀаби лъугьине хъулухъалъулаб
болъодухъан жеги эхеде вахунеб трамплинлъун. РахӀат гьечӀеб ва захӀматаб хӀалтӀулъ
бергьенлъаби, щулияб сахлъи ва гьарулел лъикӀал ишазулъ Аллагьасул квербакъи
дуе, хӀурматияв!
Автор.Патимат Мух1амадова редактор . февраль 2011 год.