Четверг, 28.03.2024, 21:28 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2021 » Декабрь » 8 » АДАБИЯТАЛЪУЛ НУХ БОРХАТГО ККУРАЙ
11:08
АДАБИЯТАЛЪУЛ НУХ БОРХАТГО ККУРАЙ

Жеги дун гьитIинай, гьанжего гьанже школалде ине хIадурулей яс йигеб мехалда, Дагъистаналъул педагогикияб институтги лъугIизабун, Хунзахъ гьоркьохъеб школалда учительницалъун хIалтIизе ячIун йикIана Залму. Дида гьеб мехалдаго гьелъул берцин рихьулаан шалида гъоркьан раккарал 2 халатаб гъалги, эгъе борхатал «шпилькаби» туфлабиги. Эбел-инсуца кIудияй гIураб мехалда щийлъун яхъине бокьилебан гьикъидал, дица абулаан Залмулъун яхъине бокьилаанилан. Щайин гьез гьикъидал, жавабги кьолаан гьелъ гIадинал шпилькаби ретIинеян. Гьеб заманалдаги, хадуб школалде ячун хадубги, дида цIакъго берцин бихьулаан Залмул гьурмал, чорхол берцинлъи гуребги, гьелъ гIадамазул гьабулеб адаб-хъатирги, берцинаб кIалъайги, недегьаб гьимиги. Жакъа дие рес щвана гьеле гьелдаса нахъе рокьи ккарай Залмулгун гара-чIвари гьабизе.

 

-Залму МухIамадовна, бокьилаан Дуца цӀалдолезе кин мун хъвадарухъанлъун яхъараяли бицани.
Дун йиго рагъул заманалъул лъимер. Дида гьитӀ инго бихьана рагъда васал тӀагӀарал улбузул къваридал ракIаз гъваридго угьун биччалеб хӀухьелги, эбелалъул бадисан гирулел рухӀарал магIил гаралги, бесдаллъун хутӀарал лъималазул къварилъи- пуланлъиги. Гьеб киналъго дир ракӀалъеги асар гьабичӀого хутIичIо. Гьедин дица кучIдул хъвалаан жеги школалда цIалулеб заманалдаго. Дир тӀоцебесеб кечӀ печаталде бачIана 1959 соналда. ТIехьалда рахъана 1963-64 соназда. Гьел рукӀана магӀарул ва гlypyc мацӀазда гӀолохъанал поэтазул асарал данде росараб «ГӀолохъанал гьаркьал» сборникал.
Институт лъугӀун хадуб-хӀалтӀи, хъизан-рукъ, лъимал-творчествалде кӀвар кьезе заманго букӀинчӀо. Расул ХӀамзатовас, Фазу ГӀалиевалъ дир вакьадасе, росасе бадибчӀвай гьабулеб букӀана щай Залму юцӀцӀун чӀарай, щиб гьез дие гьабурабилан. Гьеб дир гӀайиб батизеги бегьула, гӀумруялда жаниб творчество тӀоцебесеб бакӀалда лъечӀого тей. Амма дир рекӀелъа гьеб киданиги ун букӀинчӀо. Дица доб мехалъ хъвана:
ЧӀужугӀаданлъун те дун дагьаб
мехалъ,
ЦIакъ согӀлъунги йигин, сваканги
йигин
Дир эбеллъиялъул
хIеренлъиялъухъ
XIасралъарал лъимал рохун
рукӀине.
Дир бетӀергьанчи СагӀитие ва гьесул эмен Зайирбег ГӀалихановасеги цӀакъ бокьулаан литература. Зайирбегица данде гьабун букӀана 10 азаргоялдасаги цӀикӀкӀун кицаби ва абиял жанире росараб тӀехь, хъвалаан пьесаби. Гьесда магӀарул, гlypyc мацӀал гурелги, лъалаан гIараб, перс ва лъарагI мацIалги. Гьединго цIакъ лъикӀ лъалаан магӀарулазул тарихги. Гьедин рукъосан киназулго кумек гурого, квал-квал букӀинчӀо дие. Дица хъварал тарихиял асарал гьесул архивалъул кумекалдалъун хъварал руго.
-Аслияб къагӀидаялда Дуе сундул хӀакъалъулъ хъвазе бокьулеб?
-Дица киналъулго хӀакъалъулъ хъвала. Дие гӀагараб буго КӀудияб ВатӀанияб рагъул, ВатӀаналде рокьиялъул, халкъалде рокьиялъул, гӀадамасде рокьиялъул тема, хъвала намус - яхӀалъул, нич гьечӀел пишабазул, чIужугIаданалъул, тарихалъул хIакъалъулъ...
Замана хисун буго, хисун руго гӀадамалги. Доб советияб заманаялъ тарбия щун букӀиндал дие, гьанжесеб заманалда кинго рекъезе кӀоларо. Доб мехалъ букӀараб пикру хисизабизе захIмалъулеб буго. Maгly гурого paгIи къватӀибе бачӀунареб замана тIаде щун буго гьанже, чIвай- хъвей гӀемерлъун буго, бикъа- хъами гьарзалъун буго. Гьеб кинабго рекIее захӀмалъарай дир рекӀелъе рижун рачӀана гьанже заманалъе къимат кьолел цо-цо гьадинал кочӀол мухъалги:
Рилъа, рилъа, гьудул,
Дагъистанги тун,
Бечелъиялъ чӀвараб
Гьаб чилъиги тун,
ЛъикӀаб гьариялъе
Биччараб гӀарцухъ
Хъулби эхетулел
Гьал цӀогьалги тун.
Цо-цо мажгитазде
Как базеги ун,
Кунеб буго жакъа
Мискиназул гъийн,
Квер цӀураб садакъа
ЦӀаруйги бикьун,
ЦӀулеб буго гьаниб
ГӀадамазул би.
*** *** ***
Огь гьарзаяб боцӀ и,
Гьалагаб боцӀи,
Гьудулги вичулеб
Нич гьечӀеб боцӀи
ЦӀар гурони цӀали
ХӀажалъулареб
ХӀухьдузул гӀалимчи
Вахъунеб боцӀи.
-Залму МухIамадовна, дур асаразул бахIарзаллъун щал кколел?
Дие цIакъ бокьула нилъер росу-ракь, гIагараб район. Дир асаразул бахIарзаллъунги гьел ккола. ТIоцебе гьез тIирщизабуна дир поэзиялде рокьи. Нилъер умумузул бахIарчилъиялъулги, хвелги гьечIел гьунаразулги, гIамал-хасияталъулги, гIаданлъи-нухалъулги, магIарул яхI-намусалъулги, гIадатазулги хIакъалъулъ хъванщинаб дица гьездасан босараб буго.
-Залму Myxlамадовна, мун кидал кучIдул хъвазе гӀодой чӀолей?
-Цо нухалда нижер министр Къурбанов Сайгид ГӀисалмухӀамадо-вичас, жиндихъегоги ахӀун, дида кьварун абуна: «Залму, дуца кучIдул хъвалел рагӀула гури»,-ян. Дица гьеб битӀараб бугилан жаваб кьуна. Хадубги гьес дида гьикъана, дуца гьел хIалтIудагийищ хъвалелан. Дица жаваб кьуна, кучӀдул ругин лъималго гӀадинал жал. Лъимералъул рижи лъиданиги чӀезабизе кӀоларин, заман щвараб мехалъ гьеб къватӀибе бачӀинчӀогоги чӀоларин, гьеб Аллагьасул хIалкIолъи бугилан. Дицаги рес рекъон рижараб бакӀалда хъвазе хӀаракат бахъулин кучӀдулилан.
Аслияб хӀалтӀуе дица киданиги квал-квал гьабичӀо. Хъвала хӀалтӀудаса хадубги, хеккого радакь яхъунги. БотӀролъе пикраби рачӀуна нухда унагоги, квен гьабулагоги, черолагоги, рукъ бакIарулагоги. Дица гьел дирго тӀехьалде росула, хадуб заман батизегӀан.
-Дие бергьун кIудияб асар гьабуна дуца эбелалъул хIакъалъулъ хъвараб «Меседил щуб кколеб кар меседил гъветI абураб асар цIалидал. Дида ракIалде ккана дур пикраби гьел дирги рекIелъан росарал ругилан. Дидаги цее чIана дирго эбел, жаниб чи гьечIого чIобоголъун хутIараб дир инсул мина. Дун битIахъего, гIажаиблъизаюна дур щибаб мухъалъ, куплеталъ… Долдаса нахъе гIемерал сонал ана. Дур рекIел хIал кин бугеб?
Замана аниги щиб, дир эбел кидаго дунгун йикIуна. Дида цебеса унаро соназ накъишал хъвараб гьелъул гьумер, гIумруялъул кинабго лъикIаб-квешаб бичIчIарал гьелъул берал, дир гIинзуниб кидалго букIуна кинабго иш цокIалго гьабейилан малъулеб гьелъул мугIалималъулаб гьаракь, бачунеб зикру.
Дида лъала къадар щварал къанщулеблъи, ирга щварал аниб толареблъиги. Гьеб лъачIого гуро дир магIил гарал гирулел ругеб.
ГIенеккун гIорцIичIеб гIакъилаб
калам,
Гьеб камидал буго керен ссудулеб,
Соназ къартI биххичIеб камилаб
гIакълу,
Гьеб къваригIун йиго
къварилъахъдилей.
-Дуда чӀужугӀаданалъулъ щиб берцин бихьулеб?
-Узданлъи, яцӀцIа-якъалъи, ракӀ бацӀцӀалъи, гӀадамазул адаб цӀуни.
-Мун кидаго цӀакъго берцинго ретӀа-къан йикӀуна. Дур рокъобги кидаго мухӀканлъи берцинлъи букӀунин абула. КингӀаги дуда заман батулеб гьеб киналъего?
-Дилъ кинаб букӀаниги лъикӀлъи, берцинлъи батани, гьеб буго нилъер магӀарул руччабаздасан, гьезул берцинаб хьвада-чIвадиялдасан гьезул гIамалалдасан босараб…
БукIана замана, дун кIиго сменаялда хӀалтӀулейги. БитӀараб бицани, бигьаго букӀинчӀо хӀалтӀизеги, хъизанги, рукъги цадахъ бачинеги. Къаси кьижичӀогоги гьабулаан хӀалтӀи. Нилъер улбуз баччухъе баччана дицаги. Гьеб цохӀо дие хасиятаб жо гуро. Дие кумек букӀунаан дирго бетӀергьанчи Caгlитилги якьад-вакьадасулги. 35 соналъ цадахъ йикӀана дун гьелгун. Цониги къоялъ ракӀ хвечӀо, ццим бахъинчIо. Дуниял кIочон тараб ахиратги кьун батаги гьезие.
-Залму МухӀамадовна, Дур асарал цӀалараб мехалда бихьулеб буго Дуе магӀарухъ цӀакъго бокьулеб букӀин...
-Дуца бицунеб щиб? Росулъе щвараб мехалъ цIакъго батӀияб асар лъугьуна черхалъе. Цебе самолетал роржунеб мехалда, «ГӀалагӀарт» майданалда гьеб рештӀарабго, битӀ ахъе йохиялъ бадиса гирун рачӀунаан магӀ ил гарал. Дунго эхеехун йигониги, дир ракӀ кидалго росдал гӀадамалгун букӀуна. МагӀарул гӀадаталги, гьезул намус-яхӀги дида киданиги кIоченчIо.
-Дун цо-цо гӀолилалгун дандчӀва-раб мехалда, гьез кьолеб суал буго рокьи гьабизе бегьулищилан. Дуда кин кколеб?
-Рокьи...лъил гьеб ккечIеб? Авараг-забазулги ккана, асхӀабзабазулги ккана, балагье нуж хӀутӀ-хъумуралъухъ, балагье макказухъ. Гьеб щивав сахав чиясул рекIелъе бачIунеб асар буго. Дица къимат гьабула гьаб жакъа гӀадаб гьелгьел рокьиялъул гуреб, бацӀцӀадаб рокьиялъул. Дида берцин бихьула цо чиясе цойги чи вокьи. ЛъикӀав чи гурого вокьизе рес гьечӀо. Амма сурун бихьула чидар росасухъ рокьи гьабулей чӀужугӀаданги, чидар руччабазухъ ралагьулел бихьиналги.
Муилги MaxIмудилги гIадаб бацIцIадаб рокьи ккезе бегьула. Муил рокьиялда аскIоб намус букӀана. Рокьи гьабулелъул гьелъ намус тӀоцебесеб бакӀалда лъуна, рокьиялдаса гьелъул ияхӀ бергьана. Гьеб бергьинчӀебани, цӀалдолезе гьей Муилъун хутӀулароан. Гьей некӀого кIочон тун йикIинаан.
Залму МухIамадовна, дида лъала дуе гIагараб росу-ракь, гIадамал рокьулеблъи. Щиб дуца гьезда абилеб, гьарилеб букIараб?
Унтун буго Дагъистан. Гьеб буго нилъ рижараб, гIураб ракь. Дица тIоцебесеб иргаялда гIолилазда гьарилаан гьеб унтараб сахлъизе, свакараб чучизе, хирияй эбелалда гIадин, къвал байин Дагъистаналда. Гьелда жибго бокьулеблъи лъазе, хурзал рекьун, ахал гIезарун, гIи-боцIи хьихьун бечед гьабейин гьеб. Дица гьезда гьарилаан нилъер гIагараб ВатIан цIунейилан. Нагагьлъун нухда квешлъи батани, щущазабе малаца. Нуж гIолохъаби ругелъул гьеб нужехъа бажарила. Гьарула дица гьезие бажариги, жигарги, гIолохъанал квераца, дунял кодобе босиги. Киназего гьарула щулияб сахлъи, гьабулеб ишалъулъ икъвал, роцIараб зобги, даимаб талихIги.
*** *** ***
Залму Батировалъулгун букIараб дандчIваялдаса хадуб ва гьелъул асарал цIалидал, дун унго-унголъунги чӀухӀизе ячIана гьединай гьунар тIокIай, гӀадатияй магӀарулай нилъер Хунзахъ росулъа йикIиналдаса. Гьей ккола цохӀо гьелъул хъизаналъул рохел, талихIлъун гурейги, нилъер киназулго талихIлъун.
Гара-чӀвари гьабуна
Н. ГIАЛИЕВАЛЪ.

Просмотров: 187 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz