Автор И. Мухlамадов. Март 2023 сон.
Тlолабго улка хlадурулеб буго нилъер машгьурав ракьцояв, кlудияв шагlир Расул Хlамзатов гьавуралдаса 100 сон тlубай кlодо гьабиялде. Гlуцlун руго батlи-батlиял даражабазул оргкомитетал. Аслиял тадбирал тlоритlизе руго сентябрь-октябрь моцlазда. Гьеб мехалде районалде рачlине руго рикlкlен гlемерал гьалбал, гьезда гъорлъ рукlине руго поэтасул гьудул-гьалмагъзаби, цадахъ хlалтlарал, интеллигенциялъул вакилзаби, батlи-батlиял даражаялъул хlакимзабиги ва цогидалги.
Гьединлъидал хасаб кlвар кьолеб буго районалъул сипат-сурат берцин гьабиялде ва инфраструктура цlи гьабиялде. Гьелда хурхун муниципалитеталда гьаризе байбихьун ругел хlалтlабазул нижее бицана райадминистрациялъул МБУ ОКСалъул нухмалъулев Сагlадула Батировас. Гьесул баяназда рекъон, жакъа къоялде базе ва къачlазе байбихьун буго чанго объект. Гьезул цо бутlа буго юбилеялъулал тадбиразде щвелалде чара гьечlого рагlалде рахъине кколел. Мисалалъе, гьездасан ккола Цlада “Хъахlал къункъраби” мемориалияб комплекс къачlай. Гьабсагlаталда комплексалъул территориялда букlараб къоноги нахъе бахъун, гьелъул бакlалда кквезе хlадурулеб буго гранит ва мрамор. Гьединго комплекс сверун чlезе руго гъутlби ва разе руго чирахъал. Юбилей байбихьилелде капиталияб ремонтги гьабун къачlазе буго шагlирасул рукъ-музейги. Тlасияб цlалул соналде рагьизе буго 308 лъимералъе бакl бугеб Гlараниб ва 150 лъимералъе бакl бугеб Гlобода школал. Хунзахъ байбихьун буго рагьараб тайпаялъул физкультураялъулгун сах гьариялъул комплекс (ФОКОТ) базе.
Хасаб кlвар кьолеб буго нухал къачlаялде. Гьедин, бакl-бакlалдасан гlатlид гьабун, ччукlун бачlиналда хlинкъи бугелъусан гъоркьан къадал гьарун къачlалеб буго маххул кьодасан райцентралде рачlунеб шагьра-нух. Хlалтlаби унел руго Гlараниса Загlибе унеб нухдаги. Гьеб нухлул цо-цо участоказда гьабулеб хlалтlи рагlалде бахъун буго. Мисалалъе, “Игирагlал” абулеб бакlалдаса Загlиб росулъе щвезегlан бугеб нухлул участок лъикlго гlатlидги гьабун, рагlалдасан блокалги лъун къачlан буго. Гьабсагlаталда гlатlид гьабулеб буго райцентралдаса “Игирагlалде” щвезегlан 6 километрадул манзилалда бугеб участок. Хадуб гьенибе тlезе буго хъил ва лъезе руго чирахъал. Къачlалеб буго Макьасдаса Гьамищтlа росулъе унеб нухги.