Суббота, 20.04.2024, 03:14 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Декабрь » 30

ХIурматиял районалъул захIматчагIи, рагъул ва захIматалъул ветеранал, тIолалго районцоял! Гьале нилъеца тарихалъубе регIана иргадулаб 2018 сонги ва дандчIвай гьабулеб буго 2019 соналъулгун. Араб сон букIана нилъер гIумруялъулъ хиса-басиял ккараблъун. Районалъул администрациялъ ва райсобраниялъул депутатаз ракI-ракIалъго баркулеб буго т Iолго Хунзахъ районалъул жамагIаталда тIаде щолеб сон. Лъугьайги нилъее тIаде бачIунеб сон баракатаблъун, рохел гьарзаяблъун, рекIел анищал тIуралеблъун, цIиял бергьенлъабаз нилъ рази гьарулеблъун. Г ь а р у л а районцоязе щулияб сахлъи, халатаб гIумру, хIалтIулъ бергьенлъаби. Араб соналда рукIана рохалил къоялги, амма хутIичIо камиял ккечIогоги. ГIумру буго гIумру. Кин-щиб бугониги, 2018 сон букIана гIемерисезе жиндир рекIел гIемерсоназулал мурадалгун анищалги, лъикIал къасдалги тIубараблъун. Божи ва хьул буго ЦIияб соналъги щибаб хъизаналъе Аллагьас сайгъат гьабилин талихI, щибаб рукъалъе хинлъи, щивав чиясе сахлъи. Рагьдухъ рещтIун ЦIияб сонгун бокьун буго районалъул нухмалъиялъул рахъалдаса ракI-ракIалъ баркизе районалъул тIолалго гIадамазда ЦIияб соналъул байрам. Гьаризе щивав чиясе цIияб талихIгун рохел. Риччанте тIуразе щивасул рекIелъ ругел лъикIал къасдалгун мурадал, лъикIлъизе гIумру-яшав, бугелда баракат лъезе, тIаде рачIунел нигIматал гьарзалъизе. Биччанте, ЦIияб 2019 сон букIине ургъел-балагьал рикIкIалъараблъун, ракълилаблъун ва талихIаблъун, рос-лъади, хъизан-лъимал, тIолалго гIадамал цоцада ричIчIараблъун, районалда церечIарал масъалаби тIураялъе, районалъе ва гьелъул гIадамазул гIумру-яшав лъикIлъиялъе гIоло районалъул халкъ, киналго районцоял гъункулеблъун ва цолъулеблъун. ЦIияб соналъ кинаб нухккун нуж унел ругониги, дандчIваге абе нужеда ургъелгун балагьал, къварилъабигун захIмалъаби. Гьарула нужер щивасе щулияб сахлъи, рекъел, хъизанрукъалъулаб талихI, икъбал. ЦIияб сонгун, цIияб талихIгун, хIурматиял ва хириял районцоял!

«Хунзахъ район» муниципалияб районалъул администрация.

Райсобрание.

Просмотров: 573 | Добавил: NiGMaT | Дата: 30.12.2018 | Комментарии (0)

Автор.Н.Г1алиева Декабрь 2018 сон.

Кинавго чиясул к1удияб анищ бук1уна, лъимер к1удияб г1езе, гьеб хъизан-рукъалде буссинабизе, гьеб г1адамалъе бахъинабизе. Киг1ан нилъее бокьаниги, бокьич1ониги, гьедин урхъун гьарурал ригьнал цо-цо мехалда риххула. Статистикаялда рекъон, 50 процентниги ригьнаде лъугьарал г1олилал гьоркьоб заман индал рат1алъула. Х1исаб гьабураб мехалда, ригьин биххи, инсанасе кутакалда зах1матаб иш буго. Т1оцебе босани, дуе бищунго хириявлъун вук1арав чиясулгун гьоркьорлъаби хвей, хасго лъималги гьоркьор ругони, гьеб к1иц1улго зах1малъилъун ккола. Эбел-инсуда гуребги, гьеб лъималаздаги ц1акъ рек1еда бала.Г1исинал лъималазе рух1г1ан рокьула жидерго эбелги, эменги. Гьел цоцаздаса рат1алъун хадуб киназда аск1ор рук1инел? Гьеб сабаблъун г1емерисезда гьоркьоб ккола даг1ба-къецги. Гьеб суал г1адамазда бич1ч1изабиялъул мурадалда жакъа нижеца хурхен ккуна Россиялъул МВДялъул нилъер районалда бугеб г1овул г1ужде рахинч1ел лъималазулгун, г1олилазулгун ва зах1матаб ах1вал-х1алалде ккарал хъизаназулгун бич1ч1и кьеялъулаб х1алт1и гьабулеб штабалъул начальник, жанисеб хъулухъалъул подполковник Зияудинов Зияудин Мух1амадовичасулгун. Гьесдаги нижедаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари.

Просмотров: 526 | Добавил: NiGMaT | Дата: 30.12.2018 | Комментарии (0)

Автор.Ф.Мух1амадова.Декабрь 2018 сон.

Ч1ух1иялъул ва рохалил асар бач1уна рек1елъе район тун къват1ирехун, республикаялда, улкаялда ракьцоязул лъик1ал ишал ва рак1бац1ц1адаб хъулухъ рехсолеб раг1идал «Нижер Хунзахъаха гьев гьалмагъ (гьей г1адан)!»-илан борч1ула дихъани гьаракь. 1996 соналъ республикаялда рагьараб Республикаялъул медицинаялъул центр Дагъистаналда рик1к1уна бищун лъик1аблъун ва г1адамазе гьабулеб хъулухъ т1адег1анаблъун. Х1исаб гьабеха, гьеб рагьаралдаса нахъе щуго нухалъ ц1ик1к1инарун руго сахгьариялъул г1уц1иялда тохтурзабазул ва медперсоналалъул штатал! Араб лъаг1алида жаниб централде рач1арал унтаразул къадар бахун буго анлъазаргоялде. Газеталдасан баркала кьезелъун редакциялде г1емерго рач1унаан гьений х1алт1улей йигей нилъер районцояй, Г1обода росулъа Мух1амадова Узлипат Г1усмановналъул рахъалъ кагътал. Дие ц1акъ бокьун бук1ана гьей Гиппократил гьаялъе рит1ухъай, 24 сон медицинаялъул стаж бугей инсаналъулгун лъай-хъвай ккезе. Ва гьале, бит1ун ц1ияб соналда цебе районалъул газеталъул байрамалъулаб номералъул гьоболлъун лъугьана гьей г1ажаибго иман-бахьи бугеб г1амалалъул тохтур. Республикаялъул медицинаялъул централде гьоркьобе унеб поликлиникаялъул бет1ерай врач. Унго-унгояй маг1арулай. Х1акъикъияй хунзахъей. Хасиятаб къадругун, чилъигун.

Просмотров: 452 | Добавил: NiGMaT | Дата: 30.12.2018 | Комментарии (0)

Автор.Ф.Мух1амадова.Декабрь 2018 сон.

Районалъул нухмалъуде вач1ун Нурмух1амад Махсут1х1ажиевич Задиевасул бащдаб лъаг1ел гурого гьеч1ониги, г1езег1ан х1алт1аби гьарун руго Сариралъул тахшагьаралда тарихалде унеб бугеб лъаг1алида жаниб. Гьезул х1акъалъулъ бицараб гара-ч1вари ккана дирги Нурмух1амадилги ц1ияб соналда цебе.Нурмух1амад Махсут1х1ажиевич, кинаб бук1араб дуе 2018 сон, щиб гьабизе бажарараб гьаб соналъ районалда?

Просмотров: 511 | Добавил: NiGMaT | Дата: 30.12.2018 | Комментарии (0)


by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz