Автор.Пайзула Пайзулаев. Август 2018 сон.
Кавказалда цониги гьеч1о Дагъистан г1адинаб гьава-бакъги рекъараб, ч1ах1-хералдалъунги рух1ч1аголъабаздалъунги гьарзаяб, бечедаб ва беричаб т1абиг1аталъул бак1. Субтропиказдаса байбихьун, даим г1аздаца рацарал ц1орол муг1рузде щвезег1ан т1абиг1аталъул хаслъаби, устарас накъиш угьун г1уц1арал г1адал муг1рул-щобал, г1едерал льаралгин г1орал, рик1к1ен г1емерал х1орал - сахаватго кьун руго Бет1ергьанас Дагъистаналъул ракьалъе. Гьелде т1адеги, нилъер гьанир руго такрарлъи гьеч1ел тарихиялгун т1абиг1иял памятникалги. Гьеб баракаталда гьоркьоб хасаб бак1 ккола республикаялъул ракьалда ругел минералиял иццазги лъиназги. Г1алимзабаз гьарурал ulex-рехазда бихьизабулеб буго Дагъистаналда лъабнусгог1ан минералияб ицц бугилан. Г1елмуялъ ч1езабун буго муг1рул лъугьин, г1уц1и (неоконченный процесс горообразования) лъуг1ун гьеч1ел бак1азда (т1олабго Кавказалъул муг1рул гьединал руго) ракьул гъварилъабазда лъугьунел ругел багъа-бачариязул х1асилалда лъугьарал ракьул кьват1елазухъа къват1ире рач1унел ругин бух1арал ва ц1орорал лъинал. Нухда гьелъ цадахъ босун бач1унеб буго инсанасул сахлъиялъе пайдаял мнкроэлементал.
Радон, йод, бром, ч1абат1, водород гьоркьоб бугел гьел лъинал х1алт1изарула лага-чер- халъул, ургьимесалъул, т1омол, чехь-бакьалъул г1узраби сах гьариялъе.