Районалъул бет1ерасул ишал т1уралев вихьизавуна
13 июлалда Хунзахъ районалъул администрациялъул данделъабазул залалда Муг1рузул территориалияб округалда 58Дагъистаналъул бет1ерасул вакил Мух1амад Камиловас вихьизавуна районалъул бет1ерасул ц1ияв ишал т1уралев Задиев Нурмух1амад Махсут1х1ажиевич. Гьебго мурадалда гьесда цадахъ вач1ун вук1ана Дагъистаналъул Бет1ерасул ва Республикаялъул пачалихъалъул бак1азул управлениялъул консультант Г1абдула Г1абдулмут1алимовги.
Задиев Нурмух1амад Махсут1х1ажиевич гьелде щвезег1ан х1алт1улев вук1ана районазда гьоркьосеб УБЭПалъул нухмалъулевлъун. Гьавуна 1968 соналъ Гьоц1алъ росулъ. 1992 соналъ гьесул лъуг1ана Дагъистаналъул росдал маг1ишаталъул институт. Руго лъабго лъималги хъизанги.
Рак1арараздехун вуссун ц1ияв т1амурав районалъул ишал т1уралев Н.М.Задиевас абуна жиндир къуваталда бугебщинаб гьабизе х1адурав вугин районцоязул рук1а-рахъин лъик1лъизабизе. Жив х1адурав вугила кьолел г1акълабазухъ ва гьаризе кколел ишазул х1акъалъул г1енеккизе ва цадахъ рекъон гьел т1уразаризе. «Дида районалда цере ч1арал масъалаби, ругел г1унгут1аби лъала-гьел т1уразаризе нухал ралагьизеги х1адур вуго»-ян абуна Задиевас.