Х1урматиял руччаби, хириял улбул ва яцал, лъудби ва ясал! Гьале т1аде щвана ихдалил байрамазе жинца щулияб кьуч1 лъолеб, т1абиг1ат ч1аголъиялъе, г1умру ц1илъиялъе байбихьи лъолеб, ихдалил гьайбатаб байрам - Халкъазда гьоркьосеб руччабазул къо-8 Март. Халкъалъул г1умру т1ей гьеч1ого бухьараб буго лъик1ал ишазулъ, жамг1ияб г1умруялъулъ нужер ч1агояб г1ахьаллъиялда. Нуж свакаларо улкаялъе, республикаялъе, г1агараб районалъе г1оло х1алт1ун. Заманалъул зах1малъабазухъ балагьич1ого, нужеца, х1урматиял руччаби, х1аракат бахъулеб буго хъизан-лъималазда гьоркьоб рекъел, гъанситоялъуб ц1а, рокъоб гьобол хиралъи, г1агарлъиялда, мадугьаллъиялда гьоркьоб гьудуллъи ц1унизе. Т1олабго улкаялъул руччабазго г1адин, нилъер районалъул руччабазги жигараб г1ахьаллъи гьабулеб буго районалъул экономика борхизабиялда, лъималазе лъайгун-тарбия кьеялда, сахлъи ц1униялда, росдал маг1ишаталъул бат1и-бат1иял бут1аби церет1езариялда.
«Хунзахъ район» муниципалияб районалъул нухмалъи божараб буго, х1урматиял руччаби, заманалъул зах1малъабиги къинарулаго, хадубккунги нужерго г1акъиллъиялдалъун, г1аданлъиялдалъун, х1алимлъиялдалъун, сабруялдалъун, х1еренлъиялдалъун ва зах1мат бокьиялдалъун нужеца мустах1икъаб бут1а лъелин районалъул экономика ч1ара-хьараблъун гьабиялъулъ ва жамг1ияб г1умруялъул киналго бут1абазулъ. Хириял районалъул т1олалго руччаби! Гьарула нужее щулияб сахлъи, г1емерсоназулаб талих1аб ва рохалилаб г1умру, хъизан-лъималазда гьоркьоб гьуинлъи. Биччанте нужер щиялъул лъик1ал къасдал ва анищал т1уразе, рек1елъ иман, ях1-намус, гурх1ел, рах1му, сабру, г1аданлъи жеги ц1ик1к1ине.
Байрамгун, х1урматиял районалъул руччаби! Нужедехун кидагосеб адаб-х1урматгун
С. Юсупов, «Хунзахъ район» муниципалияб районалъул бет1ер, райсобраниялъул председатель Х. Хваджаев, Районалъул Собраниялъул председатель,
«Росдал зах1матчи» газеталъул коллектив.